Автор.Р.Х1амзатов.Сентябрь 2014с.
Гьале т1аде щвана сентябрь моц1-ц1идасанги лъаялъул к1алг1абазде нуц1биги рагьун ц1алдохъаби жиде-жидер классазда парахалъулеб заман. Киса-кибего улкаялдаго г1адин, районалъул школаздаги байбихьана ц1ияб ц1алул сон. Районалъул нухмалъулесул х1аракаталдалъун исана г1емерисел школазда гьабуна капиталияб ремонт, цо-цо росабалъин абуни ц1ияб соналъул т1оцебесеб дарсиде ц1алдохъаби анна ц1ирагьарал школазде. Капиталияб ремонталдаса хадуб Ч1ондокь, Байкь байбихьулал школал рагьулел, Бакьагьеч1и, Г1обода, Харахьи ц1алул сон байбихьиялъул рохалилал данделъабазда г1ахьаллъана живго Саг1ид Камилевичги. Щибаб росулъе рес рекъеч1ониги, «Росдал зах1матчи» газеталъул ва бак1алъулаб телевидениялъул вакилзабиги щвана цо-цо школазде гьеб къоялъ.