Сентябрь… Гьанже раг1ила школалдаса рач1унел лъималазул ч1иргъи-хъуй, рихьила релъа-рохун унел гьезул ч1ит1ирал, бач1ина рак1азулъе ч1аголъи… Гьел пикрабазда централияб къот1носан уней дида данде школалъул азбаралъусан ран рач1ана г1емерал ц1алдохъаби - ясал ва васал. Гьезухъ хаган ялагьун хут1ана дун къват1 бакьулъги ч1ун. Цо ч1ух1араб лицеялъул яги къадру бугеб колледжалъул студенталин кколел рук1ана гьезухъ ялагьидал. Киназего цогояб, берцинаб школформаги рет1ун унел гьез сагьвил гьаюрай дун рак1алде щвеязулъ нахъюссана къадруяб СССРалъул заманалде, школалде рет1инелъун хас гьабун х1урматалда шифоньералъуб бан бук1унеб бук1араб г1адатаб, амма гьелдаго цадахъ цойгидал рет1елаздаса т1адег1анаб парталалде, пионеразул баг1араб галстукалде. Тамашаяб, т1ок1аб, щивасулъ школалдаги ц1алулев, «кутакав» чи вугин живгоян пахрулъи бижизабулеб бук1араб гьеб рет1ел-хьит гьукъана демократиябин жинда ц1ар лъураб (амма х1акъикъаталда - дерьмократияб) т1алъиялъ 1992 соналъ. Циндаго машгьурлъи щвана школазде ц1инаби цере лъурал майкабиги, т1адкъарал джинсалги рет1иналъе. 2000-абилел соназин абуни, школазде хьвади т1убанго сверана модаби рихьизариялде: муг1алимзабаздаса къач1анги, месед т1ад банги, хири-хирияб рет1ун рук1ана лъимал. «Рет1ел бихьун чиян», жидедагоцин лъач1ого, рат1а гьарулел рук1ана учительзабаз лъималги. Рецц Аллагьасе, жакъа къоялда советх1укуматалъул, дунялалдаго жиб бищун рахъи кьолеблъун рик1к1араб лъай кьеялъул системаялдаса цог1аги лъик1лъи нахъбуссана.
Чанги церет1урал улкабаздаги рет1унеб буго мактабазде хасаб форма. Англия, США, Канада, Япония… Щайдай? Т1оцебесеб иргаялда абуни, школалъул формаялъ бач1инабулеб буго ц1алудехун жавабчилъи, дисциплина. К1иабизе, лъуг1изарулел руго ц1алдохъабазда гьоркьор рикьиял, гьав бечедавин, гьасул рет1а-къай лъик1абин, гьавцоясул къадарабин, гьав мискинавин рат1а гьариял. Лъабабизе, цо школалъул лъималазул бижулеб буго цоцалъ гьуинлъи, гъунки, г1урусалъ абуни «командный дух». Бихьулеб буго, 2013 соналъ пачалихъияб т1алъиялъ законги бахъун г1умруялде билълъанхъизабураб школформа рет1ин т1адаблъун гьаби лъималазул ц1алуе г1езег1ан лъик1аб тадбир бук1ин.
Биччанте лъай кьеялда лъугьараб ц1илъиялъ (ялъуни нахъбуссараб басриялъ), дун г1ажаибго йохизаюраб «милъирщо» бук1ине г1емерал лъик1лъабазул ва ц1алул даража борхиялъе гьарулел лъик1ал ишазул т1оцебесеб чапарлъун. Амин.
Ф. Мух1амадова
|