Жиндирго хъулухъалде лъугьун вахъиналдего нижер Г1ахьалч1и росу разиял ишал гьарулел руго районалъул администрациялъул бет1ер Саг1ид Юсуповас: гьев чанц1улго щвана жамаг1атгун дандч1вазе, гьабсаг1ат росулъ унел руго газ бачиналъул х1алт1аби. К1удияб рохел сайгъат гьабуна районалъул нухмалъулес нижер Ахтини хъутаналъулазеги – гьал къоязда гьениб х1алт1изе кьуна ц1ияб, квег1енаб спортзал. Нижер ц1акъ жигарал, бажарарал волейболистал – ясал рук1ин лъиениги балъголъилъун батиларо. Хьул буго Саг1идица росулъ рук1инесел чемпионазе спорталъе киналго шарт1ал г1уц1илилан ва, Ахтинибго г1адин, къокъидго Г1ахьалч1и спортзал баялъул суалги раг1алде бахъинабилилан. Ниж, г1ехьелдерида к1оченаро Саг1ид Юсуповасул гьеб лъик1аб бербалагьиги гьарурал баракатал ишалги. Нижг1ан Аллагьги разилъаги гьев г1олохъанчиясдаса, Аллагьги х1алае ч1аги гьабулебщинаб лъик1аб х1алт1улъ. Бак1 ккун бук1аго, рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго Ахтини спортзал баялда к1вах1-свак тун х1алт1арал: бригадир Муртазаг1алиев Мух1амадие ва гьесул х1алт1ухъабазе, коммуналияб маг1ишаталъул начальник Г1умаров Камилие, жиндасан бажарарабщинаб кумек гьабурав колхозалъул председатель Мух1амадов Г1абдулае ва гьел гурел цойгидалги сахаватал г1адамазе. Рак1алда бугеб мурад т1убан, рохалида, сахлъиялда таги нуж киналго. Райналъул нухмалъулесда цадахъ г1агараб ракь т1егьазабиялъе г1оло х1алт1изе х1алги, тавпикъги кьеги киназего! Амин.
Ахтини ва Г1ахьалч1и росабазул жамаг1атал.
|