Гьал г1агарал къоязда г1ехьелдерил Ахтини хъутаналда рагьана цойги социалияб объект-хъутанчаг1азул г1емерсоназулаб анищлъун жиб бук1араб, гьезул г1олилазе пайдаяб спортивияб зал. Спортзал рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе «мустах1икъал» гьеч1еллъун ниж, редакциялъулал рихьаниги, гьениб лъугьунеб-толелъул интернеталъе суратазда гъоркь комментарий хъвазе ункъго чиги вит1ун газеталъул редакторалъе машинаялда бак1 батич1ониги, нужеда районалъул г1умруялда к1вар бугеб лъугьа-бахъин лъазелъун, бахъулеб буго Ахтини хъутаналдасан гьаб информацияги.
Г1ехьелдерил хъутаналда спортзал базе байбихьун бук1ана 2010 соналъго, амма х1алт1изе кьоледухъ гьелда жанир гьарулел х1алт1аби лъуг1ана гьаб соналъул август моц1алда. Гьедин, араб итни къоялъ гьеб рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъизе Ахтинире рач1ун рук1ана районалъул администрациялъул бет1ер Саг1ид Юсупов ва т1алъиялъул вакилзаби, ДРялъул Бет1ерасул ва Х1укуматалъул администрациялъул нухмалъулесул заместитель, нилъер ракьцояв Камиль Ясулов, лъай кьеялъул территориалияб управлениялъул начальник Шапи Жах1паров, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Залимхан Г1умаров, коммуналияб хъулухъалъул начальник Камиль Г1умаров ва гь. ц. х1урматиял гьалбал.
Хъутаналъул рахъалдасан районалъул администрациялъул бет1ерасе баркала кьун к1алъана Ахтини гьоркьохъеб школалъул директор Абакар Т1агьиров ва гьев гурел цойгидалги жамаг1атчаг1и. Спортзал рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъи гьабурав С. Юсуповасги божилъи загьир гьабуна ц1ияб спортзалалда т1орит1арал тренировкабазул баракаталдалъун районалдаса чанги чемпионалги рахъинин, г1адатаб халкъалъе пайдаяб объектлъун гьебги бук1инилан. Официалияб бут1аялдаса хадуб Самилахъ ва Ахтини школазул лъималаз т1аде рач1арал гьалбадерида бихьизабуна жидерго художественнияб х1аракатчилъиги. Баракат бугеб батаги г1ехьелдерил хъутанчаг1азе ц1ияб спортзалги, хадур г1емерлъаги районцоязул г1умру лъик1лъизабизелъун нухмалъулез гьарулел ишалги! Амин.
Ф. Мух1амадова.
Гьит1инаб росдае-к1удияб рохел
Бищун йохизе бач1уна цо-к1иго гурого х1алт1улеб бак1 жаниб гьеч1еб, гьелги басралъун ругеб гьит1инабго росулъ басриялъул бак1алда ц1ияб бан бихьидал. К1удияб сайгъатлъун лъугьана гьал къоязда Гъоркьколо росулъ х1алт1изе кьураб фельшерлъиялъулгун акушеразул пункт.
Байрамалъулаб ах1вал-х1алалда росдал г1адамалги данделъун пункт рагьун лента къот1ана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповас, централияб больницаялъул бет1ерав врачасул заместитель Абу Адиевас ва пункт бараб ООО «СЭУ»ялъул начальник Х1усен Х1амзатовас. Росдал г1адамазда ц1ияб, квег1енаб пункт байги баркун Саг1ид Камилевичас гьарана росдада баракат лъейгийилан, лъимер гьабизе ч1ужуг1адан гурого, чи унтун гьаниве вач1ине ккогегийилан. Рохалилаб лъугьа-бахъинги баркулаго, Х1амзатов Х1усеница баркала кьуна пункт баялдехун гьоркьоблъи бугезе, жиндасан бач1араб кумек гьабурав г1абадерил бегавул Мух1амадов Сидикъие, росдал жамаг1аталъе ва цогидазеги.
Баркияздаса хадуб пункт рагьизе рач1араз хал-шал гьабуна гьелъухъ. Гъоркьколдерица лъик1аб гьоболлъиги х1адурун бугоан т1аде рач1аразе.
Жидерго х1алт1ул, г1олел-г1оларел рахъазул, пункт рагьиялдасан жидерго бугеб рохалил бицеян дица гьарана ФАПалъул заведующая Г1абдулхаликъова Хадижатида. Хадижатица гьадин бицана:
-Росулъ пункт рагьана 1958 соналъ чияр минаялъуб. Гьениб цадахъго бук1ана пунктги колхозалъул лъимал гьарулеб рукъги. 1962 соналъ росулъе ц1алун яч1индал дида колхозалъ бараб минаялъуб батана клуб, библиотека ва пункт. Гьеб кинабгоги бук1ана чияр минаялъуб. Хадуб бет1ергьабаз минаги нахъе ун пункт къаялде ккун бук1ана. Гьеб къазе теларилан, нижерго ригьниб лъуна дица пункт. Гьениб гьеб х1алт1ана 15-г1ан соналъ. Дарбишев Х1ажияс байбихьана пункт баялъе х1алт1аби гьаризе, гьесул заманаялъ гьеб т1охикье буссинабизе к1вана. Хадуб г1арац гьеч1олъиялъ 2 соналъ ч1ун хут1ана х1алт1аби. Ц1идасанги гьанир х1алт1аби гьаризе байбихьана Т1анусиса рак1 лъик1ав инсан, ГКУ «Дагсельхозстрой» г1уц1иялъул директорасул заместитель Мух1амадов Гъазимух1амад Казиевичасул кумекалдалъун.
Пункталда буго лъабго кабинет: г1аммаб, акушеразул ва процедурнияб. Дун гурейги гьанир х1алт1улел руго акушерка ва санитарка. Нижеца хъулухъ гьабула росулъ г1умру гьабун вугев 200-г1ан чиясул. Гьабсаг1ат пункталда руго хехаб кумекалъе х1ажатал дараби, инструментал. Нижее рач1ана ц1иял лъимал ц1алел электрониял ц1адираби, ростомер, кушетка, сухожаровияб шкаф (амма гьеб хвараб батана). ЦРБ-ялъул бет1ерав врачасги ниж нахъч1вач1ого бажарараб кумек гьабула. Нижер х1алт1улъ аслияб дандч1валеб зах1малъи ккола ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамал диспансеризация гьабизе инаризе к1унгут1и.
К1удияб баркала кьезе бокьун буго жакъа гьанире нижер рохел г1ахьал гьабун рач1арал районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасе, цогидалги жавабиял х1алт1ухъабазе, Дарбишев Х1ажиясе, Мух1амадов Гъазимух1амадие, Х1амзатов Х1усение ва киналго ФАП баялъулъ г1ахьаллъанщиназе. Нижг1адин Аллагьги разилъаги нужедаса.
Ц1иял пунктал, школал ва цогидалги г1адамазул рук1а-рахъиналъе ц1акъго к1вар ц1ик1к1арал объектал г1емерлъаги нилъер районалда.
П. Гунашева.
|