Гьал г1агарал къоязда г1ехьелдерил Ахтини хъутаналда рагьана цойги социалияб объект-хъутанчаг1азул г1емерсоназулаб анищлъун жиб бук1араб, гьезул г1олилазе пайдаяб спортивияб зал. Спортзал рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе «мустах1икъал» гьеч1еллъун ниж, редакциялъулал рихьаниги, гьениб лъугьунеб-толелъул интернеталъе суратазда гъоркь комментарий хъвазе ункъго чиги вит1ун газеталъул редакторалъе машинаялда бак1 батич1ониги, нужеда районалъул г1умруялда к1вар бугеб лъугьа-бахъин лъазелъун, бахъулеб буго Ахтини хъутаналдасан гьаб информацияги.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Август 2014с.
Г1адатлъун батухъе, август моц1алъул ахиралда районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъаби данделъула араб ц1алул соналъул х1асилалги гьаризе, ц1ияб соналда цереч1арал масъалабазулги бицине, хадубккун гьабизе-тезелъул дандги базе. Гьедин араб хамиз къоялъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул педагогазул августалъулаб совещание.
|
Автор.Халилбегов.М-Х1.Август 2014с.
Исана ц1алул сон лъуг1игун т1олалго школазул ц1алдохъабаз жидеего щвараб лъайги бажариги х1алт1изабун, кинаб бук1аниги къват1исеб кумекги гьеч1ого кьуна ЕГЭ. Ахирал соназ умумузул жигаралъ ва учительзабазул «бажариялъ» ЕГЭ кьун ругьунлъарал нилъ, киналго х1инкъун рук1ана гьелъукьа. Цо-цоял божулелцин рук1инч1о гьеб гьедиг1ан кьварун бук1ине бугилан абиялда. Районалда ЕГЭялъул х1асилаз ц1акъго пашман гьарич1о. Исана районалда ЕГЭ кьолев вук1ана 245 выпускник, гьездасан 56 ясда гьеб кьезе к1веч1о. ЕГЭялда гьоркьохъеб балл г1урус мац1алъе районалда ккана 40,6 , математикаялъе-21,6. Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазе щун буго бищунго ц1ик1к1араб гьоркьохъеб балл гьеб к1иябго предметалъе районалъул школазда гьоркьоб, г1урус мац1алъе-52,5, математикаялъе-32,7. Рехсараб школалъул гьединал лъик1ал х1асилал ккейдал пикру бач1ана гьеб школалъул коллективалъул ва къогоялдаса ц1ик1ун соназ гьелъие нухмалъулев Къурамух1амадов Мух1амадбегил х1акъалъулъ хъвазе.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Август 2014с.
Дица киданиги пикру гьабулароан жидерго махщалиде лъугьунелъул тохтурзабаз кьолеб Гиппократил гьаялъул щиб маг1на бугебали. Гьеб гьабизе дун т1амуна к1иц1улго инфаркт ккарай эбел больницаялда сах гьайизе егизайизелъун тохтурзабазухъе ккедал. Къадахъа т1аде ххарунедухъ рак1ги унтун, цин г1одобе, цин гьаваялде к1анц1он давление рук1алиде ккезабизеги к1оларого, чара хун гьабизе жо т1аг1ун йик1ана дун лъабго анкьг1ан заманаялъ.
|
|