Воскресенье, 19.05.2024, 03:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Август » 29 » РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.
22:53
РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.

Дица киданиги пикру гьабулароан жидерго махщалиде лъугьунелъул тохтурзабаз кьолеб Гиппократил гьаялъул щиб маг1на бугебали. Гьеб гьабизе дун т1амуна к1иц1улго инфаркт ккарай эбел больницаялда сах гьайизе егизайизелъун тохтурзабазухъе ккедал. Къадахъа т1аде ххарунедухъ рак1ги унтун, цин г1одобе, цин гьаваялде к1анц1он давление рук1алиде ккезабизеги к1оларого, чара хун гьабизе жо т1аг1ун йик1ана дун лъабго  анкьг1ан заманаялъ. Больницаялда унтун регаразул къадар ц1ик1к1ун бук1иналъ медиказул хасаб бербалагьиялда гъоркь йик1ине кколей зах1матго унтарай дир эбелалъе, дару сабаб- гьабизе койкоместо щвей батана т1убазабизе к1олареб, зах1матаб масъалалъун. «Метер рач1а, сезе рач1а», «Бак1 гьеч1о, тохтур гьеч1о» - гьеб лъугьун бук1ана дир г1ундузда къол анц1ул раг1улеб ругьунаб каламлъун. Абизеги абулаан бахьинго, божиледухъ, х1атта бугеб х1алалда нилъергоцин рак1 гурх1изе бач1инедухъ. Больницаялъул азбаралдасан унаго дандч1варай цо росуцоялда ургъел бикьидал, гьелъ дир киназдаго божулеб, г1антаб рак1алъе рагьана тамашаяб, г1алхулаб балъголъи: «Хералги зах1матго унтаралги рокьуларо я гьев мун аск1ое арав тохтурасе, (гьаб т1оцебесеб нух бугелъул, ц1ар хъвалеб гьеч1о-авт.) я гьанир ругезе-лъиего! Гьединазде ирга щола г1иц1го выпискабазе г1оло сайгъат-салам, шагьи-пара кьун регаразул сиях1 лъуг1идал». Инвалидазул республика… Гьеб бак1алда бич1ч1ана дида Дагъистаналде щай гьедин абулебали. Гьанир инвалидаллъун руго жидер документазда «г1ажизавин» хъварал гурел, рух1ияб рахъалъ унтарал, щокъал г1адамал. Г1аданлъи гуреб, чилъи гуреб инвалидазул жамг1ият. Х1акъикъаталдаги, рек1елъа жанисан инвалидазда жеги ц1ик1к1ун рак1 гурх1изе ккола, т1аде загьирлъараб сакъатлъиялдаса. Бугеб унтиялъе дару-сабаб гьабизе махщалилай дунго гьеч1олъиялъги, эбелалда бугеб х1алалъги рак1 бец1улеб бугей дун к1алъана «Хехаб кумекалде», гьенибги цо къо-асс бугей г1олилалъ дие жаваб кьуна нужерго росдал ФАПалдасан кумек т1алаб гьабеян. Инфаркт ккаразул г1адал, рихьарал гуреб, риццатал, жанибе кьват1ел-нух гьеч1ел рак1ал!

Ургъел гьеч1олъи. Гурх1ел гьеч1олъи. Маг1наго босич1ого, «дица унтаразул пайдаялъе, гьезул рак1 батиялъе, гьездехун рит1ухълъи гьеч1олъи биччач1ого бук1иналъе х1алт1изабизе буго дие щвараб лъайги бажариги» ян бараб гъаримаб Гиппократил гьа…

Тохтурзабаздаги, сестрабаздаги, санитаркабаздаги гаргадун ч1алг1арай ва свакарай дун рес къот1иялъ къокъана гьаб г1уц1иялъул к1удиясухъе. Г1ажаибго бахъун бук1ана ццим, бакъван бук1ана рак1, унтун бук1ана «унго гьадинаб жойищ бук1унебан» г1акълу. Бицунеб-толелъухъ цо гьедиг1ан к1вар кьунго г1енеккич1ого бет1ерав тохтурас «Унтараздехун унтараздехун г1адаб бербалагьи бук1ине ккола» ян маг1на бугеб калима гьабуна. Меседил раг1аби! Х1акъикъаталдаги, унтараздехун бук1ине ккола чахъу-хухалде г1адаб гуреб, иманалъулаб, гурх1ел-рах1муялъулаб, чилъиялъулаб бербалагьи. Хвалил бусада лъун вугесулцин г1умруялде гъира базабулеб берцинаб раг1и. Дида гьабщинаб жо бич1ч1ана доб наг1ана батаяб Гиппократил гьа чанц1улго т1ат1ала юссун ц1алидал. Главврач щив? Киналго нухмалъулел г1адал нухмалъулев. Жиндирго принципалгун, жиндирго амбициялгун, жиндиего хасиятал, лъиданиги лъаларел пикрабигун.

Гьесда г1айиб ч1валеб мех гуро, «Хехаб кумекалдаги» рек1ун щун вуго гьев нижер дове, жиндирго х1алт1ухъабазул ричча-рихъантеял рац1ц1инелъун. Азарабго баркала буго гьесие. Амма гьевги, бадиса канлъи босуледухъ унти х1ехьон вугесда г1умруялде чирахълъун бихьулеб баг1араб хъанч т1ад бахъараб машинаги, нижер рагьдухъ рещт1ун буго, хъамун зах1матго йигей эбелгун шагьаралде ниж къокъиндал. Цо буго киналго медицинаялда ругезда т1аса лъугьин гьеч1еб, к1удияб г1айиб-доб махщалилаб нухде т1оцебесеб гали т1амулаго бараб гурх1ел-рах1муялъулаб, дунялалъулабги ахираталъулабги рокъоб жидее баракатаб гьаялъе хилиплъулел ругищ мех-мехалъ жалгояли хадуб хал кквеч1ого тей.

Шагьаралда эбелги паракъат гьаюн, нахъюссун яч1уней дие нух ккун ятана цо дида лъаларей ч1ужуг1адан: «Мунищ редактор? Ц1акъ лъик1. Раг1ана дуца цебе-цебе ц1акъ реццун зобалазде рахинарулел рук1арал тохтурзабаз дуе гьаб нухалда г1езабун бугилан. Гьанжениги бич1ч1ич1ищ дуда х1акъикъиял унтаразда бугеб ах1вал-х1ал, гьездехун гьабулеб бугеб бербалагьи?! Буц1раса цо лъимер гьабизе йик1арай г1олохъанч1ужу йиго доя гьабсаг1ат г1езег1анго зах1матго. Чанго къоялъ ургьиб лъимерги хун йигей гьелъухъ г1ин т1амич1ого тун буго гьавги-гьавги тохтурас (гьениб ч1ужуг1аданалъ дие рехсана тохтурзабазул ц1арал). Мун мухбир ятани, хъвай. Дагьалниги кант1уларищан бихьизе хъвай! Ц1уне ниж, г1адатаб халкъ!».  Гьеб бак1алда дун намуслъана. Нечана дирго юц1ц1ух1унч1еялдаса, т1ад иту бахъун лъик1аб гурони, квешаб газеталъул гьурмаздасан бихьизабич1олъиялдаса. Хъвала! Къват1иб ч1вазабила. Халкъ х1ал к1оледухъ ц1унила. ИншаАллагь.

Макъала лъуг1изабизе бокьун буго дир рек1елъ гьадиг1ан к1удияб инкъилаб багъаризабураб, доб Гиппократил гьаялъул ахирги къокъаб дуг1алъун гьабун. «Нагагьлъун дица гьаб Гиппократил гьаялда хъвараб т1убазабич1они, гьениб бихьизабурабщинаб квешлъилъун, унтилъун буссаги дидего». Медиказ рак1 бакъвазабурал, гьез сан гьабич1ел, ресги бук1ун сах гьабич1ого тарал миллионазул цок1алаб «Амин».

Ф. Мух1амадова.

 

P.S. Дица гьаб каламалда лъилниги ц1ар хъвач1ого, гьеб хадусеб нух щвезег1ан, сабру гьабун тана. Амма гьеб мехалда редакторалъ лъилниги ц1ар балъго гьабиларо. Дир гьоркьоб ине, камизе жо гьеч1о. Эбелалъул сахлъиги гьеб «иман билараб» лъабго анкьида жаниб г1езег1ан нахъе ккана…  

Просмотров: 674 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz