Воскресенье, 19.05.2024, 05:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Август » 29 » БАЖАРИ БУГЕВ ДИРЕКТОР ВУГОНИ Х1АСИЛАЛ ЛЪИК1АЛ ККОЛА.
23:22
БАЖАРИ БУГЕВ ДИРЕКТОР ВУГОНИ Х1АСИЛАЛ ЛЪИК1АЛ ККОЛА.

Исана ц1алул сон лъуг1игун т1олалго школазул ц1алдохъабаз  жидеего щвараб  лъайги бажариги  х1алт1изабун, кинаб бук1аниги къват1исеб кумекги гьеч1ого кьуна ЕГЭ. Ахирал соназ умумузул жигаралъ ва учительзабазул «бажариялъ» ЕГЭ кьун ругьунлъарал нилъ, киналго х1инкъун рук1ана гьелъукьа. Цо-цоял божулелцин рук1инч1о гьеб гьедиг1ан кьварун бук1ине бугилан абиялда. Районалда ЕГЭялъул х1асилаз ц1акъго пашман гьарич1о.  Исана районалда ЕГЭ кьолев вук1ана 245 выпускник, гьездасан 56 ясда гьеб кьезе к1веч1о. ЕГЭялда гьоркьохъеб балл г1урус мац1алъе  районалда ккана 40,6 , математикаялъе-21,6. Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазе щун буго бищунго ц1ик1к1араб гьоркьохъеб балл гьеб к1иябго предметалъе районалъул школазда гьоркьоб, г1урус мац1алъе-52,5, математикаялъе-32,7.  Рехсараб школалъул  гьединал лъик1ал х1асилал ккейдал пикру бач1ана гьеб школалъул коллективалъул  ва къогоялдаса ц1ик1ун соназ гьелъие нухмалъулев  Къурамух1амадов Мух1амадбегил х1акъалъулъ хъвазе.

Дол рик1к1адал ва советиял 1970-80 соназ Лъаг1илухъ 8 сонил школалдаса районалъул  ва республикаялъул  бат1и-бат1иял идарабазде цоялда хадуб цо гьабун г1арзал хъван унаан.  Школалда учительзабазул коллективалъулги директорзабазулги дандеккунгут1аби  къоялдаса къоялде г1емерлъулел, х1алуцунел рук1ана ва гьелъ к1удияб асарги гьабулеб бук1ана лъималазе тарбия-лъай кьеялъе. Школалда лъугьараб х1алуцин лъуг1изаби мурадалда  районалъул нухмалъиялъ Лъаг1илухъ 8 сонил школалъул директорлъун 1991 абилеб соналъ т1амуна Къурамух1амадов Мух1амадбег.

1971 абилеб соналъ Буйнакскиялъул  т1оцебесеб педагогияб училищеги  лъуг1изабун Къурамух1амадов х1алт1изе лъугьана Гьамущи гьоркьохъеб школалда учительлъун ва хадуб т1адег1анаб ц1алул заведениялда  гьесие щвана педагогасул т1адег1анаб махщалил лъай. Гьамущи гьоркьохъеб школалда х1алт1улаго гьес живго вихьизавуна бажариги лъайги бугев специалист х1исабалда. Гьес лъай кьолел ц1алдохъабаз районалда рихьизарулаан т1адег1анал х1асилал. Гьамущи х1алт1улаго гьев вук1ана школалъул завучлъунги. Къурамух1амадовасул бажариги, т1ад къараб х1алт1удехун бугеб рак1 бац1адаб бербалагьиги бихьун, квешго х1алуцараб ах1вал-х1алалда бугеб школалъе нухманлъи гьабизе вит1ана гьев. Школалде вач1ун т1оцересел къояздаса нахъего гьес жиндаго цебе лъураб аслияб масъалалъун бук1ана цоцалъ гъункараб учительзабазул коллектив г1уц1и. Къокъаб заманаялда жаниб гьеб масъала т1убазабизе к1вана. К1иабилеб масъалалъун гьесие бук1ана чанго соналъ цебе базе байбихьиги лъун ч1езе тараб школалъул ц1улал щитазул мина бан раг1алде бахъинаби. Макьу тарал сардалги, республикаялъул идарабазде г1емерал сапаралги ва гьеб гуребги г1емераб х1алт1и гьабизе ккана ц1ияв директорас гьеб масъала г1умруялде бахъинаби мурадалда ва к1иго соналдасан ц1алдохъаби гочана ц1и бараб школалъул минаялде. Цох1о директор гурониги, гьесда цадахъ гъеж гурун х1алт1ана  т1олабго педагогазул коллективги  ц1ияб школа баялда.

Лъабабилеб масъалалъун  директорасул бук1ана росдал ц1алдохъаби  8 класс лъуг1ун хадуб бат1и-бат1иял школазде инч1ого, росулъго гьезие гьоркьохъеб лъай щвей мурадалда  8 сонил школа гьоркьохъелде сверизаби. 1993-1994 абилеб ц1алул соналда  к1вана гьесда росулъ гьоркьохъеб школа  рагьияльул х1алт1и г1умроялде бахъинабизе. Гьоркьохъеб школалда х1алт1изе учительзабиги бажариги лъайги бугел ралагьун лъик1аб коллектив г1уц1ана. Ункъабилеб масъала-школалда спорталъул зал байги раг1алде бахъинабизе к1вана 2000 соналъ. Гьеб баялдаги  школалъул коллектив-бихьинал ва руччаби бат1алъи гьеч1ого директорасда хьолбохъ ч1ун х1алт1анин абуни мекъи ккеларо. Гьединго Мух1амадбег х1алт1ана школалъул ц1алул материалияб база щула гьабиялда сверухъ. Школалъе т1алаб гьабун щвана физикаялъул, историялъул ва биологиялъул кабинетал, гьединго 4 ц1алдохъанасда гьоркьоб цо компьютер, ц1алулгун спорталъул къайи-къоно.

Директорасул школалде бугеб гъира бихьун т1олабго коллектив к1вах1 гьеч1ого х1алт1ана ц1алдохъабазе т1адег1анаб даражаялда тарбияги лъайги кьей мурадгун. Гьай-гьай, гьелъ лъик1ал х1асилалги кьуна щибаб соналъ. Гьаб ахиресеб-2014 ц1алул соналъул цо-цо х1асилазул бицани, араб ц1алул сон лъуг1иялъул ахирисеб ц1умур кьабулеб роххалилаб байрамалда районалда ва республикаялда т1орит1арал конкурсазда ккурал бак1азухъ 67 грамота кьуна ц1алдохъабазе. Районалда т1орит1арал предметазул олимпиадабазда школалъул ц1алдохъабазе щун буго 4 т1оцебесеб, 6 к1иабилеб ва 2 лъабабилеб бак1.

Исана школалда ц1алулев вук1ана 96 ц1алдохъан, гьезие тарбияги лъайги кьеялда х1алт1ана 24 учитель, гьездасан 23 язул буго т1адег1анаб лъай. Г1емер соназул х1албихьи бугев физкультураялъул учитель Султанбегов Г1абдусаламие кьун буго Россиялъул Федерациялъул лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъанасул ц1ар, завуч Мух1амадов Мух1амад ккола Дагъистан республикаялъул лъай кьеялъул отличник, живго директор-Дагъистаналъул мустах1икъав учитель, руго коллективалда районалъул, республикаялъул, гьединго Россиялъул лъай кьеялъул идарабазул бат1и-бат1иял грамотаби щварал учительзабиги.

Т1ок1аб жоялъул бицинч1ониги школалъул коллективалъул ва директорасул бажари ц1ик1к1араб нухманлъиялъе т1адег1анаб къимат кьолеб мисаллъун ккола  гьаб ахираб щуго-анлъго соналда жаниб гьеб школалъул учительзаби  районалда «Лъаг1алил учитель» абураб  ц1аралъе мустах1икълъи. 2008-2009 ц1алул соналда гьеб ц1ар щвана г1урус мац1алъул учительница Г1усманова Пат1иматие, 2009-2010 абилеб ц1алул соналда информатикаялъул учитель Мух1амадов Мух1амадие щвана «Лъаг1алил учитель» абураб ц1ар ва гьебго соналъ гьев г1ахьаллъана республикаялда т1обит1улеб конкурсалда ва жиндирго номинациялда щвана к1иабилеб бак1. 2010-2011 соналда биологиялъул учительница  Султанбегова Саидае щвана районалда «Лъаг1алил учитель» абураб ц1ар, гьебго соналъ республикаялда т1обит1араб конкурсалда гьелъие щвана лъабабилеб бак1. 2012-2013 абилеб ц1алул соналда Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул историялъул учительница Г1исаева Жанатханиеги щвана «Лъаг1алил учитель» абураб ц1ар, исана т1обит1араб гьеб къецалда г1ахьаллъана информатикаялъул учитель Мух1амадов Мух1амад ва вахъана «Лъаг1алил учительлъун».

Исана районалъул лъик1 ц1алулел ц1алдохъабазе Хучбаров Загьидица ч1езабураб анц1го стипендиялдасан к1иго щвана Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазе. Гьел ккола 11 абилеб классалъул ц1алдохъаби Шангереева Хадижат ва Мух1амадова Мадинат, гьезул щиялъе кьуна к1икъоялда анц1-анц1 азарго гъурущ ва Шангереева Хадижатие баг1араб кьералъул (с отличием) аттестатги. Гьединго ц1алдохъабазе лъайгун тарбия кьеялда рихьизарурал х1асилазухъ г1урус мац1алъул учительница Г1усманова Пат1имат мустах1икълъана 25 азарго гъурщил премиялъе.

Школалда спорт цебет1езабиялъул бицани. Гьаниб рехсеч1ого г1оларо жиндирго х1алт1удехун унго-унгояб  рокьигун х1алт1улев Султ1анбегов Г1абдусаламил х1асилазул. Хасго гьес к1удияб к1вар кьола т1адагьаб атлетикаялда лъик1ал х1асилал росиялде. Гьес куцарал ва лъадарарал ц1алдохъаби рахъана Республикаялда т1орит1арал къецазда чемпионаллъун. Гьеб школалда куцарал ц1алдохъаби Гъайирбегов Мух1амад ккола Дагъистаналъул волейболалъул т1аса бищараб командаялъул член ва районалъул гьединабго командаялъул член, Пайзулаев Х1амзат районалъул т1аса бищараб волейболалъул командаялъул член.

Гьел ва гьел гурелги лъик1ал х1асилал жеги г1емерал рехсезе бегьула. Бищунго аслияб х1асил ва школалда цебе лъураб аслияб масъала ц1алдохъабазе лъай кьей-гьеб бихьизабуна исана школалъул коллективалъ ва ц1алдохъабаз ЕГЭялдаги, ГИАялдаги. ЕГЭ кьолев вук1арав 10 ц1алдохъанасда к1вана гьеб кьезе лъик1ал баллалги росун ва ГИА кьолев вук1арав 13 ц1алдохъанасги гьеб кьуна. Гьеб гурищ кколеб х1алт1ул х1асилги, х1алт1ул рахъиги? Гьеб кинабго буго Лъаг1илухъ    гьоркьохъеб школалъул директор Къурамух1амадов Мух1амадбегил бажариги, х1алт1удехун бугеб рак1 унтараб бербалагьиялъул х1асилги. Гьелъги батила колективалъ кутакалда адаб-х1урмат гьабулеб гьесул ва росдал жамаг1аталда гьоркьовги к1удияб къадру-къиматалда рехсолеб гьесул ц1ар. Нахъеккунги гьеб школалъул коллективалъе гьарула жидерго бигьаяб гуреб х1алт1улъ бергьенлъаби. Г1умруялдаса роххун хут1аги нуж, лъег1елдерил муг1алимал.

Халилбегов М-Х1.

Просмотров: 567 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz