Воскресенье, 19.05.2024, 04:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Август » 29 » ЛЪАЙ КЬЕЯЛЪУЛ Х1АЛТ1УХЪАБАЗУЛ АВГУСТАЛЪУЛАБ СОВЕЩАНИЕ.
23:28
ЛЪАЙ КЬЕЯЛЪУЛ Х1АЛТ1УХЪАБАЗУЛ АВГУСТАЛЪУЛАБ СОВЕЩАНИЕ.

Г1адатлъун батухъе, август моц1алъул ахиралда районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъаби данделъула араб ц1алул соналъул х1асилалги гьаризе, ц1ияб соналда цереч1арал масъалабазулги бицине, хадубккун гьабизе-тезелъул дандги базе. Гьедин араб хамиз къоялъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул педагогазул августалъулаб совещание.

Г1ахьаллъаразда т1аде щолеб бугеб ц1ияб ц1алул сонги баркун, х1алт1улъ жеги ч1ах1иял бергьенлъаби щвей мурад бук1инги загьир гьабун данделъи рагьана районалъул лъай кьеялъул ва г1олилазул политикаялъул отделалъул нухмалъулев Г1умаров Залимханица. Гьес къокъго бицана совещаниялъул х1алт1ул программаялъул, лъай-хъвай гьабуна т1аде рач1арал гьалбадерилгун. Гьелдаса хадуб хехаб ишалъулаб сапаралъ вахъине кколев вугилан раг1иги босун, г1ун бач1унеб г1елалъе лъайгун тарбия кьеялъул киналго рахъал гъорлъе рачараб гъваридаб маг1наялъул к1алъай гьабуна районалъул бет1ер С. Юсуповас педагогазда цебе. Ясли-ахалда тарбия кьеялдаса бахъараб 11 классги лъуг1ун ц1ияб г1умруялде щулияб гали т1амулел т1адег1анаб культураялъул ва камилаб лъай щварал г1олилал куцай бугин хъизамалъулги школалъулги ва т1олабго жамаг1аталъулги аслияб масъалаян бихьизабуна Саг1ид Камилевичас. Арал ЕГЭ, ГИАязул, ц1алул соналъ районалда ва республикаялда т1орит1арал олимпиадабазул, ц1алдохъабазулгун педагогазул конкурсазул х1асилазул, ц1ияб ц1алул соналъ школалда цереч1арал масъалабазул бицараб г1ат1идаб доклад бук1ана лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулесулги. Жиде-жидер бут1аялда цебет1ураб лъик1алъул бицун, х1алт1ул х1албихьи г1ахьал гьабун к1алъана методцентралъул х1алт1ухъаби, цо-цо учительзаби. Масала, ИМЦялъул методист Г1амирханова Хатиматица бицана школалда цебесеб лъай кьеялъулъ ккарал хиса-басиязул, гьаб соналдаса садиказда тарбиячаг1и х1алт1изе раг1ула ц1ияб программаялда рекъон, школалде иналде гьит1ичазул бук1ине кколила хасаб байбихьулаб лъай. Гьелъ т1адч1ей гьабуна росабалъ ясли-ахазда ругел г1унгут1абаздаги, бусен-къаялде г1унт1унги басралъун хисизе заман щун бук1иналда. «Росдал школалъул шарт1азда ЕГЭялде х1адурлъи» абураб темаялда жидерго х1албихьиялъул бицун к1алъана Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул г1урус мац1алъул учительница Г1усманова Пат1имат.

Данделъиялда г1ахьаллъана Дагъистан республикаялъул халкъияв учитель, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директор Мух1амадов Т1инч1авги. Исана школалъе гьабураб капиталияб ремонталъухъ районалъул т1алъиялъе баркалаги кьун, педагогазе малъа-хъваял, насих1атал гьарураб бук1ана лъай кьеялъул гьев ветеранасул к1алъайги.

Лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулес баркала кьуна г1емер соназ школазе нухмалъиги гьабун ц1ияб ц1алул соналда г1олохъанал, бажари бугел г1уц1арухъабазе бак1ги тун х1алхьиялде арал цо-цо директорзабазе. Гьел ккола Г1оч1лоса Сайгидах1мадов Басир, Моч1охъа Нурмух1амадов Мух1амад, Колоса Х1усенов Мух1амад, Гьамущиса Мух1амадсайгидов Шагьрудин, Уздалросулъа Сиражудинов Хайрула ва Г1арани лицеялдаса Х1амзатов Мух1амад. Араб ц1алул соналъ тарбия-лъай кьеялда, хасго ЕГЭ, ГИА кьолаго ц1алдохъабаз рихьизарурал лъик1ал х1асилазе г1оло баркалаялдалъун к1одо гьаруна Лъаг1илухъ, Сивухъ, Г1ахьалч1и, Г1обода ва Т1агьада школазул нухмалъулелги. Жиндирго к1алъаялдаса хадуб ДРялъул лъай кьеялъул министерствалъул вакил Халидов Темирханицаги кьуна Г1ободаса М. Муъминовасе, Лъаг1илухъа П. Г1усмановалъе ва ИМЦялъул методист И. Исмаг1иловасе министерствалъул Х1урматалъул грамотаби. Г1арцулал сайгъатал рук1ана районалъул лъай кьеялъул профкомалъул рахъалдасанги. Данделъиялъул ахиралда школазул директорзабазда гьоркьобги бук1ана гьит1инабго семинар. Гьеб ана пайдаяб, цоцазда рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда.

Р. Х1амзатов.   

Просмотров: 589 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz