Арал г1одоркъояз нилъер районалда Макьасда абураб бак1алда Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул, Шималияб Кавказалъул ишазул РФялъул министрасул заместитель Андрей Резниковасул, «Сумма» къокъаялъул директорзабазул советалъул председатель, нилъер ракьцояв олигарх Зиявудин Мух1амадовасул ва гь.ц. х1урматиял гьалбадерил г1ахьаллъигун т1оцебесеб гамач1 лъуна 2017 соналде жиб бан лъуг1изе бугилан инвесторас (З. Мух1амадов) рак1ч1езабулеб бугеб «Макьас» курорталъулабгун туристазулаб комплекс. Гьеб мурадалъе «Сумма» къокъаялъ биччазе раг1ула 200 млн. евро. Зиявудин Мух1амадовасул раг1абазда рекъон, 200 га ракьалда рук1ине раг1ула 60 номер жинда жаниб бугеб гостиница, анкьго бат1аго бараб вилла, медицинаялъул центр, СПА – комплекс баялъе, бассейнал, конгресс-центр ва лъадал чвахияздегун расалъиялде балагьараб, ч1ух1араб ресторан. Хадубккун гостиницаялда х1ухьбахъи гьабулезе номеразул фонд ц1ик1к1инабизе раг1ула 140 номералде щвезег1ан. Аск1орго гьаризе раг1ула спортивиял централ, гольф х1азе майдан, чуял хьихьулеб комплекс. «Макьас» курорт баялъе т1оцебесеб гамач1 лъеялъул тадбиралда г1ахьаллъарал къват1исел пачалихъаздаса гьалбадерица бихьизабуна Дагъистаналда инвестициялги лъун бизнес цебет1езабиялъе киналго шарт1ал г1уц1улел ругилан, гьаниб лъугьун бугин ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал, г1одобебиччай. Т1абиг1иял шарт1алин абуни маг1арухъ г1умру гьабун ругезе Аллагьас маян кьун ругила. Дагъистаналъул бет1ерасги бихьизабуна Зиявудин Мух1амадовас гьабизехъин бугеб гьаб лъик1аб х1алт1и вижараб ракь цебет1езабиялъе лъолеб гьесул т1оцебесеб галилъун «рокъове вуссинлъун» бугилан.
2 млн. гъурущги т1ад харж гьабун бахъараб, Макьасалъул, Хунзахъ районалъул презентационнияб видеороликги бихьизабуна х1урматиял гьалбадерида гьеб къоялъ. «Макьас» курорталъул проект гьабураб Италиялъул бак1ал ралезул компаниялъул вакилас бихьизабуна гьениб кинабго экологиялъул т1алабазе жаваб кьураб, т1абиг1ат хвезабулареб бук1ине бугилан. Базе раг1ула курорталда ц1ияб квег1енаб мажгитги.
Официалияб бут1аялдаса хадуб республикаялъул «Лезгинка» ансамблялъ, Кристинаца, Гиннесил т1ехьалъул рекордсмен Г1умар Х1анапиевас ва гь.ц. сценаялъул махщелчаг1аз бихьизабуна г1ат1идаб программаялъул концертги.
Нух бит1аги дуе, Макьас № 2 !
Ф. Мух1амадова.
|