Четверг, 25.04.2024, 13:25 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор.Алиса Алдашева.Сентябрь 2014с.

Унсоколо мухъалъул Временный абураб бакIалда хасаб операция тIобитIулеб бугин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.    18 абилеб сентябрялъ 1000 гIанасел рагъулаз федералияб нухлул бутIалъун кколеб Гендерил тоннельги къан сверун ккун буго Генуб росу ва аскIоб бугеб Временный абураб бакI. 22 сентябрялъ гьенир чIухьал ранин ва ралагьулел рукIанин изну гьечIого яргъид гIуцIарал ва гьезул кумекчагIийилан лъазабулеб буго батIи-батIял информ алатаз амма гьеб гьереси бугин, цере-цере ралаанин чIухьал Генуб росулъ, амма гьанжесалалъ щибго чIухь бачIин Генуб, гьеб гIицIго сверунккун бугин рагъулаз жал вагьабиязаса цIунизейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Генуб росулъа цIар абизе бокьичIев чияс.                                                                                                            

Просмотров: 556 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.

Цо-цо г1умруялда дандч1вала кутакалда ц1ар раг1арал г1адамаллъун рахъинч1ониги, г1адатиял, амма г1ажаибго берцинаб,  гвангъараб, интересаб къисматалъул г1адамал. Къасилъи-къадлъи гьеч1ого,  к1вах1-свак лъач1ого, г1иц1го жидерго бет1ерги х1алт1ун, квералги квалквадун  ч1обогояб бак1алда г1уц1ун бук1ана гьез беролеб, т1егьалеб г1умру. Кин цох1о чиясухъа чанго бак1алде   пикруги г1унт1улеб, квер-берги щолебали х1исаб гьабизе зах1матаб буго.Раг1ун бук1ана нек1сияб Рималъул император Гай Юлий Цезарихъа бажарулаанин цого заманалда жаниб чанго бат1ияб х1алт1и цадахъ гьабизеян. Гьесул г1адинаб даражаялде вахун гьеч1ониги, чанго бат1ияб х1алт1и т1адег1анаб къаг1идаялда г1уц1ун, берцинго,  жиндиегоги г1адамазеги хайир  бук1унедухъ нухда бачине махщел г1олеб буго Самилахъ росулъа – фермер Ибрагьимов Мух1амадрасулил.

Просмотров: 546 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.09.2014 | Комментарии (0)

23 сентябралъ т1обит1ана районалъул фермеразул данделъи. Жалго фермерал гуребги гьелда г1ахьаллъана Россиялъул ва Дагъистан республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствабазул консультациялъул отделазул нухмалъулел Н. Александрова, М. Г1абдулаева, районалъул бет1ер С. Юсупов, гьесул заместителал ва цогидалги мурад цоял г1адамал. Россиялда ва гьелдаго гъорлъ Дагъистаналдаги рекьарухъабазулгун фермерлъиялъул г1уц1абазда бугеб ах1вал-х1алалъул, гьезда цере ч1арал масъалабазул, г1олел-г1оларел рахъазул ва жакъасеб къоялъ улкаялда т1олабго росдал маг1ишаталъул к1варалъул бицун халатбахъараб к1алъай гьабуна т1адег1анаб идараялъул вакилалъ.

Просмотров: 440 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2014с.

ТIаса рищана бищунго лъикIал.....

 

Районалъул ясазе-бергьенлъи......

 

Централда радио хIалтIана.....

Просмотров: 517 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.09.2014 | Комментарии (0)

 Щибго квешаб хабаралъе цебехъанлъун бук1инч1о гьеб иргадулаб рузманкъо. Ч1ирч1идулел х1анч1и, бух1ун щвараб бакъ. Циндаго зодоре рач1ана ч1ег1ерал нак1к1ал, гъугъадана сверухълъи, бана чваххун ц1ад. Хуриб гьабулеб бук1араб х1алт1и рехун тезе ккедал, яккана интернеталда жание. Ц1алана  кьог1аб хабар цонухалъ. Божич1о. Ц1алана к1иабизе. Божич1о. Хъвана редакциялъулазухъе. «У, бит1араб буго. Мух1амадсаг1ид къадаралде щвана». Унго, пайда гьеч1еб дунял, къасиса радалиде божи гьеч1еб г1умру, хъант1ун, кинабго гьабизе г1едег1арал г1адамал… Ахирисеб дандч1ваялда бицен бук1ана, маг1арул мухъазул киналго редакциязул коллективал дандегигьарун экскурсия т1обит1изеян. Гьелде бук1ана к1удияб гъира-ц1а, борхараб рек1ел х1ал… Амма къот1и т1убазе Аллагьасул хъвай бук1ун гьеч1о. Казиятчаг1азул мухъилъа ват1алъана сахав инсан, бажарарав нухмалъулев, мисалияв эмен, рос Жах1паров Мух1амадсаг1ид.

Просмотров: 635 | Добавил: NiGMaT | Дата: 26.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.

Г1и-боц1ухъанлъиялда бищун х1алуцараб ихдал ва хасалихъе г1и гочинабулелъул бук1аниги, хут1араб мехалъ г1одоре риччан х1алхьиялда ч1езе рес бук1унаро гьелда ругезул. Г1ухьби муг1рузда г1и-боц1и хьихьун рук1уна. Щиб  х1алт1и гьабулел ругел гьаб заманалда жаниб ветеринариял х1алт1ухъаби? Гьелъул дие баян гьабуна районалъул ветуправлениялъул нухмалъулев Г1амирханов Хъарачуца.

Просмотров: 526 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.

Исана 31 август ч1езабуна Россиялъул ветеринариял х1алт1ухъабазул къолъун. Гьелъул хх1урматалда  гьанже г1агар Мах1ачхъалаялда т1обит1ана данделъи. Данделъиялда г1ахьаллъана ДРялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель Шарип Шарипов, Халкъияб Собраниялъул аграрияб политикаялъул комитеталъул председатель Шамхалов, Росдал маг1ишаталъул академиялъул, Россельхознадзоралъул, Роспотребнадзоралъул вакилзаби ва ветеринариял  х1алт1ухъаби.

Просмотров: 553 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.09.2014 | Комментарии (0)

Х1. Мух1амадов гьавуна 1986 соналъул 27 январалъ Г1ахьалч1и росулъ. Г1агараб школа лъуг1арав Х1адис динияб лъаялде бугеб рокьиялъ 2002 соналъ Мах1ачхъалаялъул исламияб университеталде ц1ализе лъугьуна. К1иго сон бана г1олилас рехсараб университеталда. Гьелдаса хадуб Х1. Мух1амадов 7 соналъ ц1алана Шамил районалъул Г1аса росулъ бугеб мадрасаялда. Хадуб практика. Х1адисх1ажица дибирлъи гьабуна Байкь, Мущули, Г1ахьалч1и, Гъоркьколо ва Ц1ада росабазул мажгитазе.Районалъул имамлъун вук1арав Х1ариколоса Мух1амад-х1ажи динияб управлениялъ цоги хъулухъги т1адкъан гьенивго кквеялда бан, Дагъистаналъул муфтияс Х1адисх1ажи лъик1авлъун вихьизавуна районалъул бусурбабазул цевехъанлъун, гьесдаса к1удиял, бажари-х1албихьи бугел 7-8 кандидат данде вук1аниги муфтиясул рахъ ккуна цогидал жюриялда рук1арал г1алимазги. Х1адис Мух1амадовас т1убана исламалъул щуабилеб рукну-борхана х1еж. Хъизангун цадахъ г1езавулев вуго вас.  

Просмотров: 563 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.

Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо-гьеб ДРялъул нухмалъулесул указалдалъун т1оцебе к1одо гьабуна 2011 соналъул 15 сентябралда. Гьеб къо байрамлъун к1одо гьабиялъе г1иллалъун ккана 1741 соналъ Ираналъул Надир-шагь нилъер ракьалде т1аде к1анц1и. Шагьасул къей лъач1еб кутакаб бо щущахъ биххизабуна Дагъистаналъул бат1и-бат1иял миллатал цолъун гьезда данде рахъиналъ.Нилъер халкъалъул гьеб бах1арчилъи к1очене тун бук1ана чанги г1асрабаз. Къуватав тушман, цогояб Ват1аналде бугеб рокьиялъ бат1и-бат1иял мац1азул, г1адатазул, г1амал-хасияталъул миллатал цолъун, нахъе вачахъиялъул мисал к1оченч1ого бук1инелъун ч1езабуна гьеб къо байрамлъунги.1999 соналъул август моц1алда лъик1 яргъид г1уц1арал хъачагъалги г1адатияб ракълилаб халкъалде т1аде к1анц1ун рагъулал тунка-г1усиял унел рук1ана Болъихъ районалда. Г1одор риччан ч1еч1ого мадугьалзабазде ккараб къо борхизе х1алае ана нилъер васалги. Хъачагъазде данде цо хъизанг1адин гъункана халкъ. Гьеб рагъулъги г1адамаз бихьизабуна цолъи, гъунки. 

Просмотров: 795 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.09.2014 | Комментарии (0)

Цебеккун лъазабун бук1ахъе, 15 сентябралде х1алт1изе кьуна лъик1аб ремонт гьабун, сверухъе скамейкаби лъун, гъвет1-хер ч1ун къач1араб Хунзахъ росулъ, Г1урдада майданалда аск1об бугеб фонтан.Росуцоязе ва т1аде рач1арал гьалбадерие х1ухьбахъиялъул бок1онлъун кколеб гьеб бак1 ц1араб заманалде лъуг1изабиялъе жиндие х1алае ч1арал х1алт1ухъабазе, сахаватчаг1азе, росдал г1адамазе рак1-рак1алъулаб баркала кьолеб буго «Хунзахъ сельсовет» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Хизри Т1алх1атовас. Райцентралда гьарун лъуг1арал цойгидал лъик1ал х1алт1абазул, кумекалъе ратулел ракьцоязул бицина гьес нужей газеталъул хадусел номеразда. 

Просмотров: 473 | Добавил: NiGMaT | Дата: 19.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2014с.

Главврачасул т1оцебесеб макъала… Баркала. Лъала, Мун  гьелде рег1ун вук1унареблъиги,(обход гьабизецин рег1уларев чи макъалаби хъвазе кинха рег1илев?!) лъала, унтаразухъе рокъове хьвадизе Дуда т1адаб гьеч1олъиги. Гьеб гьедиг1ан «к1вар кьун» Дуца ц1алараб макъалаялда дица рехсонги, Дуе баркала кьунги бук1ана. Амма 24 саг1аталъ аск1ов  вугесда цо «х1унчизе» рач1араздаса  лъик1 лъалеб батила  унтарасул ах1вал-х1ал. Гьелде т1адеги, Дур больницаялде къабулги гьайич1ого дир к1ицул инфаркт ккарай эбел Республикаялъулаб сахлъи ц1униялъул г1уц1и -кардиоцентралда гьей жаний паракъат гьаюлелъул, гьелъул  сахлъиялъе характеристика кьураб, т1ад иту бахъун бит1изабураб гуребха, х1акъикъияб документги, тохтурзаби-специалистазул «гьадинаб зах1матаб х1алалде ккезег1ан щай унтарай дора ругез тарай?» ан суалалги руго. 

Просмотров: 478 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.Мусаев М.Ш.Хунзахская ЦРБ.ГБУялъул бет1ерав тохтур.Сентябрь 2014с.

Х1урматияй Фатима Камиловна! Дица к1вар кьун ц1алана №№ 64-65  газеталда дуца хъвараб макъала ва г1ажаиблъи гьабуна  щайдайин дуца дур эбелалдехун рекъеч1еб х1алалъ бербалагьи гьабурал тохтурзабазул ц1арал хъвач1ого, жидедаго т1адаб х1алт1и рак1бац1ц1адго гьабизе х1аракат бахъулеб райбольницаялъул коллективалде раг1ад  рехулебан. Х1акъикъаталдаги, нижер г1уц1иялда х1алт1улезул т1олабго халкъалъулго г1адин  руго лъик1алги квешалги хасиятал. Ва дица, ЦРБялъул нухмалъулев х1исабалда, г1емераб к1вар кьола тохтурасул этикаялъул, деонтологиялъул, пишацоязулгун, пациентазулгун гьоркьорлъабазул суалазде. Узухъда цо-цо х1алт1ухъабазе гьеб рек1ее  г1оларо, гьел хьвадун ратула бат1и-бат1иял инстанциязде дидасан г1арзалъ.

Просмотров: 639 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.09.2014 | Комментарии (0)

Автор.Шамай Хъазанбиева.Т1ануси росу.Сентябрь 2014с.

Дагъистаналъул консервазул трестазул нухмалъулев, КПССалъул Дагъобкомалъул секретарь, ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместитель, Совнархозалъул председатель, ДАССРалъул х1укуматалъул председателасул т1оцевесев заместитель, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель - гьеле Шагьрудинил х1алт1улаб биография. Биччанте дир гьаб гьит1инаб х1алт1и бук1ине к1удияб рак1алъул инсан Шагьрудин Шамхалов рак1алде щвеялъулъ лъураб гьит1инаб бут1алъун.       

Просмотров: 536 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.09.2014 | Комментарии (0)

Г1асруялъул болъодул ич1абилеб х1ок1 бегана К1удияв инсан, К1удияв шаг1ир Х1амзатил Расул дунялалде вач1аралдаса. Гьале исана 91 сон балаан гьев х1икматав раг1ул устарас, кибего ц1ар раг1арав поэтас нилъгун вук1аравани. Абула гьединал г1адамал ц1акъго къанаг1ат, г1асруялда жаниб цо-к1иго гурого рахъунарилан. Х1акъикъаталдаги Х1амзатил Расул вук1ана такрарлъи гьеч1ев цох1ого-цо Расулие хасиятаб гъваридаб философияб г1акълу-лъаялъул,  пасих1аб каламалъул г1адан. Ракьалде гьев вач1ун вук1ун вуго гьит1инабго Ц1ада росдал, Дагъистаналъул ц1ар дунялалдаго раг1изабизе гуребги, рек1ел гъварилъудасан бач1ун шиг1рудалъ бесараб хасаб хинлъиялдалъунги, щивасда бич1улеб г1адатлъиялдалъунги бат1и-бат1иял халкъал, миллатал, г1адамал  цолъизаризе.

Просмотров: 596 | Добавил: NiGMaT | Дата: 13.09.2014 | Комментарии (0)

Дагъистаналъул бет1ерасул указалдалъун, Х1укуматалъул нухмалъулесул заместительлъун тасдикъ гьавуна нилъер районалъул Т1агьада росулъа Г1исаев Мух1амад Г1исаевич.Гьеб хъулухъалде т1амизег1ан Мух1амад Г1исаевас т1уразарулел рук1ана Х1укуматалда цебе бугеб туризмалъул комитеталъул нухмалъулесул ишал. Районцоязда Мух1амад Г1исаевич лъала 2001-2009 соназ бажарун районалъе  гьабураб нухмалъиялдалъун Районалъул газеталъул коллективалъул, т1олалго районцоязул рахъалдасан, рак1-рак1алъго баркулеб буго  Мух1амадида гьесде гьабураб божилъи,  гьарулеб буго хадубккунисеб цебет1ейги, г1агараб ракь, район, республика т1егьазабизелъун х1алт1изе щулияб сахлъиги.

Ц1ияб хъулухъгун, х1урматияв!

Дуе хъулухъги, мун – Дагъистаналъеги  баракатал ратаги! Амин.

Просмотров: 471 | Добавил: NiGMaT | Дата: 12.09.2014 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 57 58 59 60 61 ... 84 85 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz