Дица къо бахъанаг1ан х1исаб-суал гьабула дагьал церег1ан соназ рук1арал г1олилазулги жакъасеб къоялъул г1олилазулги г1умруялде бугеб бербалагьиялъул, к1удияздехун гьабулеб адаб-х1урматалъул, г1умруялда гьез цере лъурал масъалабазул. Бит1араб бицани, цебехун авторас хъвараб макъалаялда рихьизарурал х1ужаби дидагоги чанги дандч1вайдал, киналгоязде г1унт1ун реццизе бач1унаро жакъасел г1олилал. Г1иц1го гьезул дагьабго къадар буго унго-унгояб маг1арулас(лъ)ул тарбия щвараб, ц1ик1к1аразул адаб ккураб, гьит1иназе х1алае ч1араб. Г1ажаиблъизаюна, г1умруялдехун гьезул кинал анищал ругелали лъазелъун гьабураб социалияб ц1ех-рехалъул х1асилазги. Гьаниб къогоялдасаги ц1ик1к1ун процент респондентазул «анищ»(?!) буго хири-хириял рет1елал, телефонал, ноутбукал, машинаби ва гь.ц. босизе к1олеб г1умру жидерго бук1ин. Хадурго рач1арал жавабазда буго: «бечелъизе», г1емер г1арац щолеб х1алт1и бук1ине, «киналго бахилаб мина базе» ян кинго рух1ияб рахъалда хурхинч1ел, ай маг1ишатиял жавабал. Рак1алде щун бач1ана комсомолалъулги, пионеразулги дагьа-макъабг1аги тарбия щвараз анкетаян ц1ар лъураб цоцазухъе кьолеб гьудуллъиялъулаб тетрадалда гьеб суалалъе жаваблъун хъвалел рук1арал рак1 рагьарал, лъимадулал жавабал… «Анищ буго жамг1ияталъе пайдаяйлъун йик1ине», «Бокьила дидаса эбел-эмен ч1ух1изе», «Г1агараб школалъги, росуцоязги вук1арав лъик1ав, ц1одорав васин рехсезе», «Гагарин г1адин, космосалдеги воржун, халкъалъе вокьизе»…
Рак1г1антлъийищ, лъимадулаб максимализмищ? Лъаларо нужер пикру, амма дидаго рак1алде ккола, гьеб бук1анин чилъиги, бажариги, лъай босиги, т1ехь ц1алиги гъурщал рик1к1иналдаса цебе ккураб, сабурабгун адабалъулаб, гьанже г1адин лъик1лъи гьабурасе наг1ана кьураб гуреб, баркала кьураб заман. Цадахъал хъещт1езе, колхозалъул бач1ин бак1аризе иназ гьудуллъи-гьуинлъи бижизабулеб бук1араб, рух1ияб рахъалъ бечедаб тарихалъул манзил. Доб мехалъ рук1унаан интернеталда гурел, ч1агоял асарал, бадиса бадибе адабги, рокьиги, гьудуллъиги, раг1иги. Гьабсаг1ат модаялда руго «кнопкабазул бах1арзал», ай социалиял сетазда цере рахъун г1акълаби кьезеги, хъвадаризеги махщел бугел, х1акъикъияб г1умруялда абуни цо лъик1аб пиша гьабун, гъвет1 ч1ун, херал-унтаразе кумек гьабун, г1аданлъиялъулги чилъиялъулги ц1адирабазда лъезе щибго гьеч1ел рух1иял мискинзаби. Йохъ, киналго гуро! Доб дица цебехун бицараб г1арцуда хурхараб гурони анищ гьеч1езул къапила, гъаримзаби. Аллагь гурх1аги, Аллагь малъараги киназдаго. Г1олилазда гьоркьор ругел х1алихьатазулги г1адамал лъугьина, ИншаАллагь, гьез гъурщидасаги, учузаб цебет1еялдасаги инсанги, чилъиги, эбел-инсуца кьураб тарбия-лъайги цебе ккунани.
Васалам, вакалам.
Ф. Мух1амадова.
|