Воскресенье, 19.05.2024, 06:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Август » 16 » МАХЩЕЛ КАМИЛАВ УСТАР.
11:04
МАХЩЕЛ КАМИЛАВ УСТАР.

Гьал къоязда «РИА новости» сайталдасан дида лъана Калининградалда т1обит1араб т1олгороссиялъул учтарзабазул (ювелиразул) конкурсалда, Гьоц1алъа Мух1амадг1алиев Султ1анах1мадие «Махщел камилав устар» абураб диплом ва гьелдаго цадахъ хасаб премия щванилан.

Районалда Султ1анах1мад лъала г1емерал соназ Гьоц1алъ художественнияб комбинаталъул директорлъун ва бет1ерав художниклъун х1алт1улев вук1иналдасан.

Рак1алде ккун бук1инч1о, гьанже пенсиялде ун хадусаги, гьев творческиял х1алт1аби гьарулев ватилилан.

Ц1ех-рех гьабизе, редакциялъул х1алт1ухъан х1исабалда, гьесухъе щведал, дида гьев ватана жиндирго мастерскаялда цо кинабалиго г1арцул т1аг1елалда т1ад накъищ бик1улев. Цо гъоркьан, цойги т1асан к1иго бат1и-бат1иял хасал ц1оробералги ругоан гьесул надалда. Дун т1аде яч1индал цоял ц1оробералги т1аса рахъун гьес дида, гьикъана-«Гьанжеги бекараб баргъич къач1азейищ йилълъарайилан». Гурин, дуе Калининградалдаса щвараб шапакъат бихьизе йилълъанилан дицаги абуна.

Хъабчилъ багьадурги, наккдалъ вараниги бахчун т1убаларелъул, дур х1акъалъулъ газеталда макъала хъвазе бокьун йилъанилан т1адеги жубана.

Гьабулеб бук1ана х1алт1иги г1одоб лъун гьес дида бихьизе бач1ана Кагьруманалъул г1оркь бараб «Меседил г1ебу» (штикель). Гьелда т1адги хъван бугоан « Лауреат второго Всероссийского конкурса авторского ювелирного искусства»-йилан. Цадахъго бугоан анкьго чиясул гъулбасги гъоркь гьабураб дипломги. Гъулбас гьабуразда гьоркьор ругоан: Почетный президент государственной федерации художественных ремесел и творчества-П. М. Бернер; Художник, профессор изящных искусств-А. Щадковский; Доцент Костромского государственного технического университета, член художественно-экспертного совета по народным художественным промыслам-И. Л. Пропичев; Директор Калининградского областного музея янтаря, искусствовед-Т. Ю. Суворова ва цогидалги художникал-ювелирал.

Сундухъин дуе аб шапакъат щварабилан дица гьикъидал, Султ1анах1мадица дида рихьизе рач1ана конкурсалде рит1ун рук1арал т1аг1алабазул суратал.

Кинабниги лъабго х1алт1и бугоан гьениб: Расул Х1амзатовасул куч1дузул т1ехьалъе гьабураб г1арцул мужалат, руччабазул курхьин ва руччабазул рачалил къадиро (пряжка).

Конкурсалъул жюриялъе бищунго рек1ее г1ун бугоан г1арцул къадиро. Гьединго Султ1анах1мадие кьураб дипломалда т1адги хъан бугоан «Г1арцул къадироялъухъ»-йилан.

Гьединал шапакъатал дур цойги-цойги ругелищилан дица ц1ехедал, аск1ой г1енеккун йик1арай Султ1анах1мадил ч1ужуялъ-Маржанатица абуна: «Валлагь ругелха, дица цойидеги рак1арун къо-къоялдасаги ц1ик1к1ун дипломалниги, грамотабиниги, х1атта, Дагъистаналъул «Заслуженный деятель искусств» абун ц1ар кьураб медальги, книжкабиги»-йилан. Рук1иналъул пайда щибила элдалъун цо гъурущниги эсул пенсиялде т1аде щоларелъулилан гаргадилаго жаниехун рокъоеги ун, гьелъ росун рач1ана к1удияб пакет ц1урал дипломалги, грамотабиги ва Султ1анах1мад г1ахьаллъарав выставкабазул каталогал, т1ахьал ва буклетал.

Гьезда гьоркьор ругоан Россиялъул ва Дагъистаналъул художниказул союзалъул дипломал, гьединго бат1и-бат1иял конкурсазул грамотаби, значокал ва медалал. Дун гьел наградабазул хал-шал гьабулей йигебг1ан заманаялъ Маржанатица бицана, к1иябго сон бугила эсул «Дагъистаналъул халкъияв художник» абураб ц1аралъе мустах1икъав вугилан Дагъистаналъул художниказул союзалъ вихьизавуралдаса, амма щаялиго гьел документал жеги культураялъул министерствоялда регухъе ругилан.

Мунищха исана Дагъистаналда бищунго махщел ц1ик1к1арав устарлъун рик1к1аравилан дица гьикъидал Султ1анах1мадица абуна «Воре, воре!!! Дида киданиги гьедин рак1алде ккеч1о. дидаса махщел ц1ик1к1арал устарзаби Дагъистаналда г1емерал руго.

гъоркьисала лъаг1алил ахиралда Дагъистаналъул халкъиял промыслабазул комитеталъ г1уц1араб конкурсалда дие 3-абилеб бак1 щун бук1ана ва гьелдаго цадахъ 10000 гъурущ премияги. Узухъда дун гьелдаса ц1акъ вохун вук1ана. Гьеб шапакъаталда хурхун к1алъазе раг1и кьураб мехалъ, дица выставкаялда данделъаразда абуна «Дун ц1акъ вохарав вугин, дир х1алт1уе 3-абилеб бак1 щвеялдаса, щайгурелъул хасгьабун, т1оцебесел ва к1иабилел бак1ал г1олохъанал устарзабазе щведал. Цого цо пашманлъизе ккараб х1ужжа бугин гьел устарзаби Гьоц1алъа гурел, Кубачиялдаса рук1ин».

Щакаб жо буго хадубккунги Гьоц1алъ Джамалудинов Мух1амадги, Гьиматов Базарганги г1адинал устарзаби рахъин. Гьез гьарурал г1арцул т1аг1алабаздалъун дунялалдаго машгьурлъана Гьоц1алъ росу.

Гьанжейин абуни гьеб махщел, цебе г1адин, я школалда малъуларо, яги гьеч1о рак1 унтун гьеб малъизе бокьаразе квербакъи гьабулелги.

Школалъул директор Г1абдурах1маница жинда абулеб бук1анилан-абуна Султ1анах1мадица гьеб махщел малъизе школалде вач1айилан. Дица гьесие вач1инин раг1иги кьун бук1анила. Амма Гьоц1алъ школалъул гьеч1о гьелъие сурсатал. Бищун дагьалдасан 500000 гъ. къвариг1уна гьелъие х1ажатал инструментал, станокал ва материалал росизе.

Хьул буго районалъул ц1ияв бет1ерас квербакъиги гьабун, Гьоц1алъ школалда умумуз нилъее ирсалъе тараб искусство ц1и гьабилилан.

Гьоц1алъ жеги г1езег1ан руго лъик1а-лъик1ал г1арцул устарзаби.

Гьединаздасан ккола: Саг1ит, Т1агьир, Мух1амаднабил Мух1амад, Г1абдурах1ман, Шарапудин, ва тухумго устарзабазул. Гьиматов Базарганил лъимал-Мух1амадрасул ва Ах1мад. Гьит1инаб Гьоц1алъа-Гьиматов Мух1амад. Мах1ачхъалаялда х1алт1улел руго-Жамалудинов Мух1амад, ва вацал Абакаровал. Амма лъик1ал устарзабазул сиях1 соналдаса соналде дагьлъун гурони, ц1ик1к1унеб гьеч1о. Хьул буго, т1адехун рехсаразул ирсилазг1аги ц1идасан, кубачияз г1адин дунялалда ц1ар раг1изабилин Гьоц1дерил махщелчаг1азулилан.

Х1ажидадаева Аминат.      

  

Просмотров: 691 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz