Районалда ФСБялъул ц1ияб мина х1алт1изе кьуна
Арал г1одоркъояз райцентралда рагьана Россиялъул ФСБялъул Дагъистаналъул Управлениялъул Хунзахъ отделениялъул ц1идасан бараб мина. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна ДРялъул ФСБялъул начальник А. Мироновас, республикаялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель Р. Джафаровас, районалъул бет1ер С. Юсуповас ва гь.ц. х1урматиял гьалбадерица. «Дагавтодоралъул» нухмалъулев Загьид Хучбаровас «кгбшниказе» сайгъат гьабуна ц1ияб «Шевроле-Нива» автомобильги.
Ниж – бац1ц1адаб районалъе г1оло!
Гьединаб ах1иялда гъоркь щибаб моц1алъ, муниципалитеталъул нухмалъулесул буюрухъалда рекъон, районалда т1орит1улел руго г1уц1абазда сверухъе бак1, къват1ал, нухал рац1ц1ад гьариялъул мурадалда субботникал.
Ахирисеб нухалъ гьеб т1обит1ана Макьасда. Баянаб бук1ахъе гьениб гьаб шамат къоялъ туристазулаб база баялъе т1оцебесеб гамач1 лъезе рач1ине раг1ула г1емерал х1урматиял гьалбал: Дагъистаналъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1ипов, машгьурав бизнесмен, меценат Зиявудин Мух1амадов ва гь.ц. Лъик1аб бук1инаан г1иц1го бак1а-бахариялде к1вар кьун теч1ого, чороклъи т1ибит1изабулездехун тамих1алъулал тадбиралги гьарулелани. Цояз бак1арун, цойгидаз чорок гьабун, рит1ухъаб къаг1идалъун бихьуларо.
Райцентралда кинотеатр – бук1ине!
Районалъул централда т1адран унел руго Ш. Шамхаловасул ц1ар кьезе бугеб культураялъул к1алг1а къач1аялъул х1алт1аби. Жакъа къоялде гьенир лъуг1ун руго кино бихьизабизе к1удияб экран ва канлъи ч1езабулеб оборудование лъеялъул суалал. Рач1ун ва лъолел руго гьадинал (сураталда) тахбак1алги. Щибаб къойил ц1иял художественниялгун мультипликациялъул фильмал рук1ина гьенир рихьизарулел, Аллагьас хъван батани.
|