Понедельник, 29.04.2024, 09:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор.Гьудуллъи журналалъул редактор М.Патах1ов.Февраль 2015с.

Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи, цогидалги гIемерал шапакъатазул бетIергьан, лъебергоялдасаги цIикIкIарал соназ чанго магIарул районалъе ракIбацIцIадго нухмалъи гьабиялдалъун республикаялда цIар машгьурлъарав МухIамад Махулов гьавуралдаса тIубана 100 сон. Аби буго чияс рарал соназул бицунин, гьесул хIакъалъулъ цоги бицине жо гьечIеб мехалдаян. Махуловасул хIакъалъулъин абуни, бицине жо гIемераб, гьес нахъа тараб бицен бечедаб нух букIиналъ ракIалде щвезарулел руго гьес рарал сонал. МухIамадил хIалтIул хIаракатчилъиялъулги ритIухъаб хасияталъулги, гьесул бажари-жигаралъулги гIемер хъвана газетал-журналаздаги, рагIана радио-телевидениялдасанги. Руго Махуловасул хIакъалъулъ хасал тIахьалги. Кьолеб буго «Гьудуллъи» журналалъул редактор М. Патах1овасдаги юбилярасдаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

Просмотров: 465 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)

Автор.Р.Х1амзатов.Февраль 2015с.

2 февралалъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда районалъул активги г1ахьаллъун т1обит1араб тадбиралда гьоркьоб лъун бук1ана Дагъистан республикаялъул бет1ерас халкъалде ва парламенталде  гьабураб иргадулаб хит1аб. Абизе ккола гьеб къоялъ данделъабазул зал занк1ун ц1ун бук1анин ва хадур хут1арал бак1ги щвеч1ого, рахъунч1унги г1енекканин районалъул нухмалъулев Юсупов Саг1идил к1алъаялъухъилан. Гьенире рач1ун рук1ана  райадминистрациялъул бет1ерасул заместителалги, аппараталъул х1алт1ухъабиги, учреждениял-организациязул нухмалъулелги, интеллигенциялъул вакилзабиги, г1адатиял зах1матчаг1иги.

Просмотров: 422 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.02.2015 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Февраль 2015с.

Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас к1удияб к1вар кьолеб буго республикаялъул агропромышленнияб комплекс цебет1езабиялъе. Гьесул проектазул бищунго к1вар бугездасан цояблъун ккола «Рахъи кьолеб АПК» абураб проект. Гьеб проекталда рекъон нилъер республикаялда гьабулеб буго к1удияб х1алт1и. Гьелдаго цадахъ нилъер районалдаги к1вар кьолеб буго росдал маг1ишат цебет1езабиялде. Руго цере лъурал хасал масъалаби, хасал программаби. Гьеб проект кин нилъер районалда г1умруялде бахъинабулеб бугебали лъазелъун жакъа ниж дандч1вана райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул к1удияв зоотехник Г1умаров Х1усен Г1алилмух1амадовичгун. Гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.02.2015 | Комментарии (0)

Автор.И.Мух1амадов.Январь 2015с.

22 январалъ 71 сон т1убана К1удияб Ват1анияб рагъулъ бищунго вах1шияб ва к1иго соналдасаги ц1ик1к1ун жиб халат бахъараб Ленинградалъул блокада лъуг1аралдаса. Дида рак1алде ккана гьанжесеб г1ун бач1унеб г1елалда Ват1ан ц1унулаго нилъер умумузда бихьараб къоги гьез баччараб зах1малъиги к1очон теч1ого бук1ине гьеб вах1шияб лъугьа-бахъин цодагьабго рак1алде щвезабизе. 

Просмотров: 615 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Январь 2015с.

Гьал г1агарал къояз дирго ишалъ районалда бугеб «Сбербанкалде» щварай дида гьениб батана г1ажаибаб ч1аголъи, х1алкъай. Щиб-кинан банкалъул х1алт1ухъабазда ц1ехедал, гьез бицана щибаб къоялъ бищун дагьалдасан 100-150 клиентасе банкалъул хъулухъ гьабулин жидецаян, гьабсаг1ат бугеб х1алт1ул х1алуцараб х1алги хъулухъчаг1азул харжал электроннияб къаг1идаялде (банкалъул картаялде) рехулел рук1иналъ бугилан.

Гьеб  тадбиралда рази гьеч1елги г1емерго ругелъул, гьезие баяналъе кьолеб буго гьаб информацияги, гъоркьехун-гьеб суалалда хурхун районалъул цо-цо школазул муг1алимзабазул гьабураб ц1ех-рехги.

Просмотров: 572 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Январь 2015с.

29 январалда бук1унеб х1алалъ х1алт1изе кьуна, цебеккун Дагъистаналъул президент Р. Х1. Г1абдулат1иповасул бет1ерлъиялда гъоркь рагьун бук1араб, Г1обода ясли-ах. Ясли-ах х1алт1изе кьеялъул тадбиралда г1ахьаллъана районалъул бет1ер С. К. Юсупов, жавабиял ишазул нухмалъулел, районалъул г1емерисел ясли-ахазул заведующиял, Г1обода росдал жамаг1ат ва цогидалги.

Просмотров: 549 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.01.2015 | Комментарии (0)

Ассаламу г1алайкум, х1урматиял газеталъул гьудулзаби! 5 маялъ нилъер г1агараб «Росдал зах1матчиялъул» т1убала 90 сон. Нижее – газета гьабулезе бокьун буго нуж газета ц1алулезулгун гьеб гьайбатаб юбилей г1ахьал гьабизе, т1олго районцоязул рак1азулъ хут1уледухъ байрам г1уц1изе. Районалъул газета ц1алулезда, гьеб бокьулезда гьоркьоб 90-сонилаб  юбилеялъул х1урматалда, нижеца лъазарулел руго  цоздаса цоял интересаб 9 къец. Къецазда бергьарал юбилей т1обит1улеб къоялъ к1одо гьаризе руго хасал призаздалъун.

Хъвай «Росдал зах1матчи», гьабе къецазда г1ахьаллъи – нужер гьелдаса рак1 бух1иларо!

Просмотров: 503 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Бартиханова Х1ариколо гьоркъохъеб школалъул ц1алдохъан.Январь 2015с.

СССРалъул заманаялъ «Искра» газеталъул  т1оцебесеб номер къват1ибе араб 5 маялъ  к1одо гьабулаан печаталъул къо. Улкаялъул г1умруялъул нух хисиялда  цадахъго хиса-басиял ккана байрамкъояздаги: гьезул цо-цоял т1убанго т1аг1ана, цогидал ц1и-ц1иял къоязде рахъана. Гьедин, гьанже Россиялъул печаталъул къо гьеб хъат1улелщиназ к1одо гьабула 13  январалъ. Хадубго цун, 14 январалъ газет-журналал гьарулез, гьел басмаялде рахъиялда х1алт1улез к1одо гьабула  Т1олгодунялалъул  печаталъул къоги.

Просмотров: 558 | Добавил: NiGMaT | Дата: 24.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Январь 2015с.

Гьал къоязда районалъул администрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана г1аммаб гьоркьохъеб лъайкьеялъул школазда классалъул нухмалъулесул статус, къадру-къимат борхизабиялъул, гьез кьолеб тарбиягун лъай кьеялъул рахъи буголъи ц1ик1к1инабиялъул мурадалда «Самый классный, классный» абураб конкурс.

Просмотров: 555 | Добавил: NiGMaT | Дата: 24.01.2015 | Комментарии (0)

Декабрь моц1алъул ахиралда МЧСалъулал к1одо гьарун Москваялда  т1обит1араб рохалилаб тадбиралда г1ахьаллъана Дагъистаналъул МЧСалъул 22 чи гъорлъе вачараб  делегацияги. 

Просмотров: 501 | Добавил: NiGMaT | Дата: 23.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.Райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул х1алт1ухъан А. Ибрагьимов.  Январь.2015с.

Араб соналъул 27  октябралда бахъараб Дагъистаналъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул Указалда рекъон 2015 сон лъазабун буго ахихъанлъиялъул сонлъун. Гьелда  рекъон 2014 соналъул 25 декабралда бахъараб нилъер республикаялъул х1укуматалъул х1укмуялда рекъон, исана ахал ч1еялда ва ругел ахал ц1игьариялда хурхун гьаризе рихьизарун руго г1емерал х1алт1аби. Х1исабалде босун буго ахихъаби ва специалистал ц1ализаризе курсал г1уц1изе, школазда дарсазда ахазул бицине, республикаялъул ахихъанлъиялъул олимпиада т1обит1изе.

Просмотров: 516 | Добавил: NiGMaT | Дата: 23.01.2015 | Комментарии (0)

Школалда лъималазулъ ВатIаналде рокъи куцай  ккола  аслиязул цояблъун. Гьезие мисалалъе рукIана  рагъул ветеранал. Жакъа мигьлъун руго гьезул кьерал. Нижер Харахьи росулъги  хутIичIо  цониги  ветеран. Гьезул гьунарги цIарги даим хутIила нилъер  рекIелъ. Бицун лъугIиларо гьезул бахIарчилъиялъул.  Жакъа  кьвагьи – гIанхъи гIемерлъараб мехалда,  лъималазда  гьоркъоб гьабулеб класстун  къватIибехун хIалтIи цIикIкIинабизе ккун буго. 

Просмотров: 477 | Добавил: NiGMaT | Дата: 23.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Январь 2015с.

Росу к1удияб бук1аниги, гьит1инаб бук1аниги, г1езег1ан жавабчилъи ц1ик1к1араб х1алт1и ккола бегавуллъи. Киналго цоцаздаги лъик1 лъалел, цоцазулгун г1агарлъи-божилъиги бук1унел г1исинал росабазе нухмалъи гьаби дагьабги к1вар ц1ик1к1араблъун батила.

Гьац1алухъ росулъ 128 маг1ишаталда г1умру гьабулеб буго 478 чияс. Исана щуабилеб сон буго росдае Х1ажимух1амадов Муртазаг1али Г1усмановичас нухмалъи гьабулеб бугелдаса нахъе. Гьал къоязда диргун бук1араб гара-ч1вариялда гьес бицана росдал г1умруялъул х1акъалъулъ.

Просмотров: 544 | Добавил: NiGMaT | Дата: 23.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Январь 2015с.

Баянаб бук1ахъе, т1олабго республикаялдаго г1адин, нилъер районалдаги г1умруялде рахъинарулел руго республика цебет1езабиялъе х1адур гьарурал Дагъистаналъул Бет1ерасул приоритеталъулал проектал.

Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабуна «Рахъи кьолеб пачалихъияб нухмалъи» проект г1умруялде бахъинабиялъе районалда гьарулел х1алт1абазда хурхун райадминистрациялъул  аппараталъул нухмалъулей Къебедова Айзай Х1амидовнаялъулгун.

Просмотров: 449 | Добавил: NiGMaT | Дата: 17.01.2015 | Комментарии (0)

Автор.М.Х1анапиев.Январь 2015с.

Нилъер районалъул ва сверухълъиялдаго К1ахъа Г1абдулкъадирова Хадижатил кеч1-бакъан раг1ич1ел г1адамал къанаг1атги ратиларо. Гьелде Хадижатил рокьи бижана гьит1инго, жеги школалда ц1алулаго. Гьеб киналъего кьуч1лъун ва нухмалъилъун ккана мунагьал чураяв  гьелъул эмен Зайирбегил т1алабал ва малъа-хъваял. Гьевги вук1ана бат1и-бат1иял хъулухъазда ва г1емерал соназ К1ахъ культураялъул рукъалъе  нухмалъи гьабуравги, гьеб цебе бачаравги, лъик1ав нухмалъулевги насих1атчиги.

Просмотров: 559 | Добавил: NiGMaT | Дата: 17.01.2015 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 53 54 55 56 57 ... 84 85 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz