СССРалъул заманаялъ «Искра» газеталъул т1оцебесеб номер къват1ибе араб 5 маялъ к1одо гьабулаан печаталъул къо. Улкаялъул г1умруялъул нух хисиялда цадахъго хиса-басиял ккана байрамкъояздаги: гьезул цо-цоял т1убанго т1аг1ана, цогидал ц1и-ц1иял къоязде рахъана. Гьедин, гьанже Россиялъул печаталъул къо гьеб хъат1улелщиназ к1одо гьабула 13 январалъ. Хадубго цун, 14 январалъ газет-журналал гьарулез, гьел басмаялде рахъиялда х1алт1улез к1одо гьабула Т1олгодунялалъул печаталъул къоги.
Районалъул газеталъул х1алт1ухъабазда гьезул байрамги баркизе, газета гьабулеб куцги бихьизе ниж – Х1ариколо гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъаби щвана редакциялде.
Россиялъул империялда т1оцебе газета кида гьабизе байбихьарабали, районалъул газеталъул т1оцебесеб номер чанабилеб соналъ къват1ибе бач1арабали, газета х1адуризе ккани гьабулеб х1алт1ул нижее берцинго бицана «Росдал зах1матчиялъул» редактор Фатима Мух1амадовалъ.
Россиялъул пача Петр I –сул буюрухъалда рекъон, 1703 соналъ т1оцебе бахъула пачаясул хъизаналъул, сверухълъиялъул х1акъалъулъ хъвараб «Ведомости…» абураб газета. Гьедин байбихьула Россиялда газет – журналал гьариялъул тарих.
«Росдал зах1матчиялъул» т1оцебесеб номер зах1матхалкъалъухъе щола 1925 соналъул 5 маялда. Гьедин, исана райгазеталъ к1одо гьабизе буго 90 сонилаб юбилей.
Гьабзаманаялда газета компьютералда гьабулеб батани, Совет Х1укуматалъул соназ гьеб гьабулеб бук1ун буго – хасал машинабазул - линотипазул кумекалдалъун т1ухьидал х1арпалги риун т1ун. Гьелъул х1акъалъулъ бицана гьеб х1алт1и жидеда мух1канго лъалел, г1езег1ан соназ редакциялда х1алт1улел ругел жавабияв секретарь Расул Х1амзатовас ва мухбир Написат Г1алиевалъ.
Редакциялъул х1алт1ухъабаз нижее гьабуна гьоболлъиги.
Газета гьабиялда х1алт1улез к1удияб баркала кьуна печаталъул къоял баркизе редакциялде рач1аразе: Х1ариколо росдал СДКялъул директор Г1абдурах1манова Хадижатие, библиотекаялъул заведующий Г1абдулаев Х1ажие ва ц1алдохъабазе.
Гьединал интересал, пайдаял сапараз ц1айи бугеб бак1 ккола г1олеб г1елалъе тарбия-лъай кьеялъулъ.
Гьеб сапаралдаса ниж кутакалда разиго хут1ана. Бихьаралъ гьабураб асаралъ дир гъира базабуна школа лъуг1идал журналистасул махщел т1аса бищизе.
П. Бартиханова, Х1ариколо гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан.
|