Автор.П.Бартиханова Х1ариколо гьоркъохъеб школалъул ц1алдохъан.Январь 2015с.
СССРалъул заманаялъ «Искра» газеталъул т1оцебесеб номер къват1ибе араб 5 маялъ к1одо гьабулаан печаталъул къо. Улкаялъул г1умруялъул нух хисиялда цадахъго хиса-басиял ккана байрамкъояздаги: гьезул цо-цоял т1убанго т1аг1ана, цогидал ц1и-ц1иял къоязде рахъана. Гьедин, гьанже Россиялъул печаталъул къо гьеб хъат1улелщиназ к1одо гьабула 13 январалъ. Хадубго цун, 14 январалъ газет-журналал гьарулез, гьел басмаялде рахъиялда х1алт1улез к1одо гьабула Т1олгодунялалъул печаталъул къоги.