Среда, 15.05.2024, 15:15 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Январь » 24 » «БИЩУН ЛЪИК1АВ КЛАССАЛЪУЛ НУХМАЛЪУЛЕВ»
00:01
«БИЩУН ЛЪИК1АВ КЛАССАЛЪУЛ НУХМАЛЪУЛЕВ»

Гьал къоязда районалъул администрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана г1аммаб гьоркьохъеб лъайкьеялъул школазда классалъул нухмалъулесул статус, къадру-къимат борхизабиялъул, гьез кьолеб тарбиягун лъай кьеялъул рахъи буголъи ц1ик1к1инабиялъул мурадалда «Самый классный, классный» абураб конкурс.

Гьелъул аслияб масъалалъун бук1ана школазда классалъул нухмалъулезул цебет1ураб х1албихьи загьир гьабун т1ибит1изаби, гьезул х1алт1ул рахъи борхизаби;

Классалъул нухмалъулезул х1алт1уе школа лъуг1ун аразул рахъалдасан бук1аниги, цере ц1алулезул рахъалдасан бук1аниги, гьезул умумузул рахъалдасан бук1аниги жамг1ияб къимат кьей, махщел камилал церехун рачун, х1алт1уде гъира базаби.

Конкурсалда г1ахьаллъана Г1амирова Рапиг1ат Муртазаг1алиевна, Хунзахъ №1 школа, Х1усенова Г1аишат Мух1амадовна, Г1ахьалч1и школа, Х1усенова Саида Давудмух1амадовна, Уздалросдал гьоркьохъеб школа, Г1алибегов Х1ажимурад Гъазиевич, Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школа, Ниматулаева Пат1имат Макъсудовна, Г1арани гьоркьохъеб школа, Расулова Раисат Нурмух1амадовна, Г1обода гьоркьохъеб школа, Жамалудинова Аминат Мух1амадовна, Х1ариколо росдал школа, Давудова Зульмира Мух1амадовна, Буц1ра гьоркьохъеб школа, Г1усманова Мадина Зубаировна, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школа, Хачалаева Зарипат Х1ажиевна, Харахьи гьоркьохъеб школа, Г1абдулат1ипова Айбика Мух1амадовна, Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школа, Малламух1амадова Заира Ордашевна, Гьамущи гьоркьохъеб школа, Г1алискандиева Мадина, Т1адколо Моч1охъ школал, Г1абдулманапова Мадина, Г1оч1ло росдал школа.

Конкурс т1обит1ана байбихьул ва ч1ах1иял классазда гьоркьоб бат1а-бат1аго к1иго бут1аялдеги бикьун чанго номинациялда.

Т1оцебесеб, «Дун ва дир класс» абураб бут1аялда классалъул нухмалъулес бихьизабизе кколеб бук1ана жинца нухмалъи гьабулеб классалъул ц1алдохъабазулгун гьабулеб х1алт1и. Классалъул нухмалъулев-ккола к1иабилел эбел-эмен г1адал чаг1и. Рохаралги, пашманалги къояз нилъ уна эбел-инсухъе, бицуна гьезда нилъерго рохел, ургъел, къварилъи. Гьединал, школалъул г1умруялда нилъее щиб х1ажалъаниги, нилъ аск1оре унел, нилъер рохелги, пашманлъиги г1ахьал гьабулел, нилъее лъик1ал насих1атал гьарулел, лъай кьеялда цадахъго лъик1аб-квешаб малъулел, ц1ализе, х1алт1изе, г1умру гьабизе, гьудул-гьалмагъзабигун берцинаб гьоркьоблъи гьабизе, г1агараб Ват1ан бокьизе, гьелъул мустах1икъал ирсилаллъун  рук1ине киналго муг1алимзабаздаса т1ок1 борч1унги малъулел чаг1илъун ккола классалъул нухмалъулел. Гьеле гьеб х1алт1и видеофрагментазул кумекалдалъун бихьизабилъун бук1ана щивав классалъул нухмалъулесул т1оцебесеб даражаялъул масъалалъун.

Гьелъухъ хал гьабулелъул жюриялъ х1исабалде босулеб бук1ана тема кин рагьун бугебали, материал къват1ибе кьезе лъай, муг1алимасулги ц1алдохъабазулги гьоркьоблъи.

К1иабилеб бут1аялда «Щай дун х1алт1улев классалъул нухмалъулевлъун» абураб творческияб презентациялда классалъул нухмалъулес рихьизарулел рук1ана тарбия кьеялъул х1алт1улъ церет1урал педагогикиял пикраби, классалъул нухмалъулесул х1алт1ул план, цере лъурал масъалаби гвангъун рихьизаризе махщел, ахиралда ккезе ругел х1асилал, классалъул нухмалъулесул жиндиего хасиятал педагогикияб х1алт1ул ц1иял къаг1идаби.

Гьенибги жюриялъ х1исабалде росана тема г1ураб къаг1идаялда рагьун бугищали, аудиториягун х1алт1изе лъай, педагогикияб культура, артистмах1лъи, эркенго к1алъазе бажари ва гьеб гуреб цогидабги.

Киналъулго х1асилал гьарун хадуб т1оцебесеб бак1 босана ч1ах1иял классазда гьоркьоб Х1. Гъ. Г1алибеговас, Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школа ва байбихьул классазда гьоркьоб З. Х1. Хачалаевалъ, Харахьи гьоркьохъеб школа.

К1иабилеб бак1 кьуна ч1ах1иял классаздасан С. Д. Х1усеновалъе, Уздалросдал гьоркьохъеб школа ва байбихьул классаздасан П. Ниматулаевалъе, Г1арани гьоркьохъеб школа.

Лъабабилеб бак1алде рач1ана ч1ах1ияздасан Р. Г1амирова, Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школа ва байбихьул классаздасан Р. Н. Расулова, Г1обода гьоркьохъеб школа.

Жиде-жидер номинациялда бергьарал Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул учительница А. Г1абдулат1ипова (творчество и оригинальность), Гьамущи гьоркьохъеб школалъул учительница З. Малламух1амадова (оптимизм и вера в детей), Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул учительница М. Г1усманова (обояние и чувство юмора), Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул учительница Х1усенова Г1айшат (находчивость и смекалка), Г1оч1ло гьоркьохъеб школалъул учительница Г1абдулманапова (эрудиция и воля к победе), Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул учительница С. Х1усенова (любимица публики) сайгъатаздалъун к1одо гьаруна.

Ахиралда конкурсалда г1ахьаллъаразда баркиял гьаризе рач1арал райадминистрациялъул нухмалъулев Юсупов Саг1ид Камиловичас, районалъул лъай кьеялъул ва г1олилазул политикаялъул отделалъул начальник Г1умаров Залимхан Х1асановичас лъик1аб къимат кьуна конкурс г1уц1араб къаг1идаялда иналъе квербакъарай гьелъул жавабияй Р. Х1ашт1иховалъе ва киналго г1ахьалчаг1азе гьарана хадубккунги ч1ах1иял бергьенлъаби.

Н. Г1алиева.        

Просмотров: 559 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz