Среда, 15.05.2024, 23:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Февраль » 28 » «ГIАДАМАЗДАСА ДУНГИ, ДИДАСА Г1АДАМАЛГИ РАЗИЯБ Г1УМРУ ГЬАБУНА ДИЦА»
21:07
«ГIАДАМАЗДАСА ДУНГИ, ДИДАСА Г1АДАМАЛГИ РАЗИЯБ Г1УМРУ ГЬАБУНА ДИЦА»

«ГIадамаздаса дунги, дидаса гIадамалги разияб гIумру гьабуна дица»

Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи, цогидалги гIемерал шапакъатазул бетIергьан, лъебергоялдасаги цIикIкIарал соназ чанго магIарул районалъе ракIбацIцIадго нухмалъи гьабиялдалъун республикаялда цIар машгьурлъарав МухIамад Махулов гьавуралдаса тIубана 100 сон. Аби буго чияс рарал соназул бицунин, гьесул хIакъалъулъ цоги бицине жо гьечIеб мехалдаян. Махуловасул хIакъалъулъин абуни, бицине жо гIемераб, гьес нахъа тараб бицен бечедаб нух букIиналъ ракIалде щвезарулел руго гьес рарал сонал. МухIамадил хIалтIул хIаракатчилъиялъулги ритIухъаб хасияталъулги, гьесул бажари-жигаралъулги гIемер хъвана газетал-журналаздаги, рагIана радио-телевидениялдасанги. Руго Махуловасул хIакъалъулъ хасал тIахьалги. Кьолеб буго «Гьудуллъи» журналалъул редактор М. Патах1овасдаги юбилярасдаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

- МухIамад, Дагъистаналъул киналго хъвадарухъабазги республикаялъул Литературиял журналазул хIалтIухъабазги баркулеб буго дуда нусго сонилаб юбилей. Чорхое сахлъиги, рекIее аваданлъиги, тIадеги гьедигIаналго соналги гьарула нижеца дуе.

- Баркала. Дие цIакъ гIагарал руго хъвадарухъабиги гьезул асаралги. Лъала дида дун нилъер хъвадарухъабазеги вокьулевлъи. Нужеца халкъалда рагIизавуна дунги дица гьабураб хIалтIиги. Нужеца дие гьабураб гьари-рахьи нужеегоги къабуллъаги.

- Кин бугеб дур сахлъи? РекIелъ кинаб асаргун дандчIвай гьабулеб бугеб юбилеялда?

- Сахлъи, рецц Аллагьасе, жеги дир гIезегIан лъикIаб буго. Юбилеялъул бицани, дида ракIалде ккун букIинчIо гьадигIан кIудиб адаб-хIурматгун халкъалъ гьеб кIодо гьабилилан. ГIагараб районалдаги, цоги-цоги дун хIалтIарал бакIаздаги, гьединго республикаялъул цогидал гIадамазги баркулеб буго дида юбилей. Баркала киназего. Диеялдаса дагьал сонал гьезул цонигиясе кьун ратугеги БетIергьанас. Дун киназдасаго цIакъ вохарав вуго.

- МухIамад, гьедин дур хIурмат гьабиялъе, дур юбилей мун лъалезги лъаларезги рохалида къабул гьабиялъе гIиллалъун дудаго щиб бихьулеб, дуцаго кин рикIкIунеб?

- Дида лъаралдаса, дагьа-макъабниги гIакълу дие щваралдаса байбихьун, киб  бакIалда, кинаб хIалтIуда вугониги, киданиги дица диего бокьулареб жо гIадамасе гьабичIо. Гьелдаго цадахъ, чи ватIа гьавичIого, ккаралъуб гурхIелги, хIалимлъи-хIеренлъиги, хIажаталъуб, сундухъго балагьичIого, кьварараб гIадлу-низамги гьабун цIунана дидаса бажарухъе ритIухълъи. Гьединго, дида тIаде ккараб иш ракIбацIцIадго, цогиязги гьебго куцалъ хIалтIи гьабуледухъ гIуцIизе хIаракат бахъулаан. ГIадамал, кинал гьел ратаниги, ругел гIадал къабул гьарун, гьез бицунелъухъ гIенеккун, киналго рахъал рорца-къотIун гурони хIукму къотIулароан. Гьелги гьезда релълъарал цогидалги гIиллаби ратилаха, пачалихъалъул ишаздаса аралдаса лъикIаланго сонал раниги, гIадамазда дунги, дица гьабураб-тарабги ракIалде щвеялъе.

- Чан сон дур букIараб тIоцебе Хунзахъ районалъе бетIерлъи гьабизе вищараб мехалда?

- 26 сон букIана. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьаралдаса гIемер заман инчIеб мех букIана гьеб. Рагъ байбихьараб мехалда армиялде ине кьураб дир гIарза нахъчIвана, доваялдаса мун гьанив хIажат вугилан. БитIахъе абуни, фронталдаса гьанибги гIемер бигьаго букIинчIо. «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъилъе гIоло» абураб ВатIаналъул ахIиялъе жавабги кьолаго, сордо-къо батIа гьабичIого хIалтIизе кколаан. Рагъде бихьиналги ун хутIарал руччабигун, харабигун цадахъ хIалтIизе гIезегIан захIмат букIана. Гьеб гуребги, дол соназда букIана цIогьги хъачагълъиги. БакI-бакIазда рахчун чIарал, рагъдаса лъутун рачIарал  хиянатчагIаз толеб букIинчIо боцIи-панз. Гьезде данде къеркьезе гIуцIун букIана районалда истребителазул батальон. Гьелъиеги бетIерлъи дицаго гьабулаан. ВатIаналъе гьабураб кумекги хъачагъаздаса халкъалъул буголъи цIунизе бахъараб хIаракатги бихьичIого хутIичIо тIадегIанал идарабазда. 1943 соналда дие кьуна «ХIурматалъул гIаламат» орденги, бачIана И. Сталинил баркалаялъул телеграммаги.

- Гьедин гьитIинаб ригьалдаго  райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вищизе ккани чиясул цебеккунго бихьулеб цо тIокIлъи, бажари букIуна.  Кисан байбихьараб дур гIуцIарухъанлъиялъулги нух?

- Дир гIумруялъулги хIалтIулги нухлул байбихьиялъул  бицен ккун бугелъул, рехселин батIи-батIияб заманалда дун цIаларал бакIал: Хунзахъ росдал мадраса, хадубги анкьго сонил школа, Дербенталъул росдал магIишаталъул техникум, Воронежалъул кванил нигIматазул рабфак, авар мацIалъул байбихьул классазул учительзаби хIадур гьарулел курсал, Буйнакскиялъул педтехникум.

ГьитIинаб къоялдасанго дие бокьулаан жамгIиял ишазулъ гIахьаллъизе. Кин щиб батаниги, гьединал бакIазда цевехъанлъи гьабизеги диде тIаде кколаан. Лъабабилеб классалда цIалулеб мехалда дун восана пионерлъун. Хадубго дида тIадкъана пионеразе нухмалъи гьабизеги. Гьеб букIана дие, гьитIинав чиясе, кIудияб ишлъун. ХIисаб гьабулаан цIакъго жавабчилъи цIикIкIараб  хIалтIи бугин гьебилан. Цо соналъ районалда цIакъго гарцIал гIемерлъун, зарал-зиян гьабулеб букIана. Киналго рахъана гьезда данде рагъ гьабизе. Абуна пионеразги гьениб жидерго хIаракатчилъи бихьизабизе кколилан. Нижеда тIад къана гьанже районалъул цIияб больница бугеб лъикIаланго кIудияб бакIалдаса гарцIал лъугIизаризе. Рахъинаруна дица пионерал. Гьеб бакIалда бакьулъ бакана кIудияб цIаги, жулаз лъухьун цIадулъе гъун лъугIизаруна гарцIалги. Пионеразеги гьезул вожатый хIисабалда диеги  кIудияб рецц-бакъ гьабуна хIасилазулаб данделъиялда. Чанго соналдасан районалде вачIарав, хадубккун Дагъистаналъул Верховный Советалъул Перзидиумалъул председательлъун вукIарав Шагьрудин  Шамхаловас нижеда абуна, школалда цебе бугеб кIудияб майдан  щибго пайда босичIого тун бугилан. Гьениб нужеца торгIо гиризабизе кколилан. ГIуцIана, дица цевехъанлъиги гьабун, волейболалъул команда. Хадуб нижедаса мисал босун районалъул цогидал росабазул гIолилазги гIуцIана гьединалго командаби. ХIасил – гьездасан гIун бачIана доб заманалда улкаялдаго жиндир цIар рагIараб Хунзахъ районалъул волейболалъул команда.  Спорт дие гьитIинго бокьулаан. РакIалда буго рекериялъул къецазда чIчIел босун дир гарбида гор бараб къоги, гьеб кIодо гьабун нижер рокъоб чамго къоялъ букIараб ихтилат-кепги.

Нухмалъиялъул ишазде вачIиналъе тIоцебе кьучI лъуна Харахьи гьоркьохъеб школалдасан. Гьенив гIурус мацIалъул дарсал кьолев вукIана дун. Цо къоялъ школалде вачIана (цIар ракIалда гьечIо) райкомалъул кIиабилев секретарь – гIурусав. Гьев гIахьаллъана дица кьолеб дарсида. Дарс цIакъ лъикI ана, цIалдохъабазул унго-унгояб хIадурлъи бугоан. Дарсидаса хадуб райкомалъул секретарас абуна жив дудасаги дур цIалдохъабаздасаги разиго хутIанилан, мун районалъул лъай кьеялъул отделалъул заведующийлъун вачIинарищан. Дица жаваб кьуна гьеб хIалтIи дидаса бажаруларилан. Хадуб гьесулго хIаракаталдалъун дун вачана комсомолалъул райкомалъул школазул отделалъул заведующийлъун. КватIичIого вищана комсомолалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун. ГIемер мехго иналде тIамуна партиялъул райкомалъул гIуцIиялъул отделалъул заведующийлъун, ахирги вищана тIоцевесев секретарьлъунги. Гьедин, лъебералдаги хадур соназ нухмалъи гьабуна батIи-батIиял районазе ва хадусеб анцIго соналъ хIалтIана республикаялъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул тIоцевесев заместительлъун.

- ХIакъикъаталдаги дуца нухмалъи гьабуна ункъо батIияб районалъе. Гьезул щибалъул тIуразаризе кколел масъалабазул хаслъаби рукIанищ, яги киназего гIаммал цого масъалабийищ рукIарал?

- ГIаммалги, хасалги рукIана масъалаби.  Райкомалъул тIоцевесев секретарас, гьанжесел бутIрузего гIадин, районалда кколеб-толебщиналъул жаваб  кьезе кколаан. Экономикиябги, социалиябги, культуриябги, цоги хутIанщинабги рахъалъ район цебетIезабиялъе квербакъизе кколаан. Гьел руго гIаммал масъалаби.

РукIана щибаб районалъе хасал масъалабиги. Масала, Хунзахъ районалъе кIиго нухалъ батIа-батIаго бетIерлъи гьабуна дица. Байбихьуда щуго ва хадубги анцIила ункъо соналъ. Рагъул соназда гьенир гьарурал хIалтIабазул нилъеца чанго рагIиялдалъун бицана. Гъуниб районалда дица аслияб кIвар кьуна тайпа лъикIаб гIи гIезабиялде. ХIасилал цIакъ лъикIал ккана. Гьенив хIалтIулаго кьуна дие  Ленинил орденги. Хьаргаби районалдайин абуни ахихъанлъи цебетIезаби букIана бищунго цебе чIараб масъала.   

Казбек районалъул суал тIубанго батIайиса букIана. БитIараб бицани, цIакъ бокьун букIинчIо дие гьениве ине. ГIарзалги гIемераб, абизегIан заманаялъ райкомалъул тIоцевесев секретарьги хутIулареб, захIматаблъун рикIкIунеб район букIана гьеб. Дица инкар гьабулеб букIана гьениве ине. Амма партиялъул обкомалъул тIоцевесев секретарь ГIабдурахIман Данияловас чIванкъотIун лъазабуна: «Ине ккола, вац, МухIамад, тIокIав витIизе чи гьечIо» - абун. Гьеб мехалда дицаги суал цебе лъуна, дида тIасан рачIунел гIарзазул хал гьабизе гурони, цогидал гIарзазул цIех-рех гьабизе МахIачхъалаялдаса чи витIугеян, гьединазул мухIканлъиги гьабун, дицаго хIалтIи рукIалиде ккезабилин. БитIараб бугилан тIад рекъана ГIабдурахIман. Байбихьуда захIмат букIана. Гъоркь цIарал хъвачIел гIарзабазул битIахъего цIад балеб хIисаб букIана. Дагь-дагьккун цIех-рех гьабун лъазаризе кIвана гьезул бетIергьаби. Гьезулгун ракIжубараб гара-чIвари гьабуна дица. ХIасил кколареблъи бичIчIунищ, яги намуслъунищ лъаларо, лъугIана Казбек районалдаса республикаялъул тIадегIанал идарабазде рачIунел гIарзал. Байбихьуда диего чанго нухалъ халлъана «вихьаравищ нилъер секретарь райком?» - илан диде килщал ритIулел гIадамал. Хадуб бащдаб лъагIел иналде гьелго чагIаз тIубанго батIияб дандчIвай гьабизе байбихьана дида нухда-къватIив дандчIвайдал.  Гьеб мехалда  бичIчIана дида дир хIалтIул хIасил кколеб букIин. Гьединго Казбек букIана экономикияб рахъалъ нахъе ккараб районги. Амма дун хIалтIизе вачIараб тIоцебесеб соналъго районалъе щвана республикаялда цебеккун букIинчIеб гIадаб бачIин цIоросаролъил. Гьелъие ккана гьадинаб гIилла: Дун гьениве щведал, колхозазул фермабаздаса  къватIибе баччараб  цIакъ гIемераб рак бугоан киса-кибего. Рак хурзабахъе баччизе ккеялъул суал борхидал, магIишатазул нухмалъулел чIана, гьелъ ракь хвезабун, бачIин кьоларилан. Жавабчилъиги дидего тIаде босун, чанагъалги гьаризарун, баччизабуна рак хурзабахъе. ХIасилазги киналго рази гьаруна. Гьелги гьезда релълъаралги тадбиразул хIасилалда Казбек район республикаялдаго церетIуразул цояблъун лъугьана. Гьенив хIатIулаго кьуна дие БагIараб байрахъалъул орденги, вищана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъунги. Байбихьуда кин-щиб букIаниги, Казбек районалъул гIадамал дидаги дун гьездаги хекко ричIчIана. БичIчIана гьезулги дирги цого мурад – район цебетIей букIин. ЦIакъ лъикIал чагIи ругоан Салатавиялъулал. Гьел диеги, дун гьезиеги гьаб жакъа къоялдаги цIакъ гIагарал руго.

Хадуб дун, ракьцоязул тIалабалда рекъон, нахъеги Хунзахъ районалде ана нухмалъи гьабизе.  Гьел соназда лъикIаб цебетIей лъугьана районалда экономикиябги, социалиябги, культуриябги рахъалъ. Гьенив хIалтIулаго щвана дие Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи абураб улкаялъул бищунго тIадегIанаб цIарги, кIиабилебги Ленинил орденги. Гьебго соналъ вищана дун КПССалъул ХХIV съездалде делегатлъунги.

- Рехсарал районазул  нухмалъулевлъун мун вукIараб заманалда данде ккана Сталинилал репрессиязул кIиабилеб карачел. РукIанищ гьел районазда дол соназда репрессиялъул къурбаналлъун ккарал гIадамал? Гьеб ахIи-хIуралъул гьури дудего яги цогидал нухмалъулезде щвечIого хутIанищ?

- Дол лъеберабилел соназда гIадин, Дагъистаналде репрессиязул кIиабилеб карачел щвечIин абизе бегьула. Гьениб гIемерисеб республикаялъулги бакIалъулги нухмалъулезда барабги букIана. Нилъецаго хIажат гьечIеб ахIи-хIур бахъинабичIони, Москваялъ бицинегIанасеб тIадецуй нилъеде гьабулароан. ГIиси-бикъинал хIужабиги камилищха, гьел гIадамасе зарал ккеларедухъ къотIизаризе дицаги дун гIадазги хIаракат бахъулаан. Гьелъул гIаксалда, кинаб районалда вугониги, дица кIварабщинаб гьабулаан бажари-лъай, гьунар-махщел бугел гIадамал рихьизаризе, рагIизаризе, гьезие цебехун нух рагьизе.

Репрессиялъул хIинкъи дидаги дандчIвачIо, амма рукIана цо-цо гIадамал дида дандечIарал, хIалтIизе квекIенал гьаризе лъугьарал. Дица сундулъго тIекълъи биччалеб гьечIеблъи бичIчIидал гьединал гIодоре руссунаан. Добго Казбек районалда хIалтIулеб мехалъ, цеве вукIарав райкомалъул тIоцевесев секретарасул гьудул, цо магIишаталъул нухмалъулев лъугьана дидаса гIарзал хъвазе, кинаб рес балагьунги дие квекIенал гьаризе. ТIадежоялъеги гьес бетIерлъи гьабулеб колхозги бихха-хочун тIатIала кколеб букIана. Берцинаб хабар гьесда бичIчIизабун бажаричIо. Ревизия гьабидал  гьесде 13 азарго гъурущ тIаде ккана. Росулъ гьабураб коммунистазул собраниялъги, хадуб райкомалъул бюроялъги гьев партиялдасаги рехана, хъулухъалдасаги ватIа гьавуна. КватIичIого гьев живго жинцаго чIвана. Лъугьана цо-цо дун рихарал гIадамал  гьелъие гIайибиявлъун дун вугилан чIезабизе. Республикаялъул тIадегIанал идарабаз рагIа-ракьанде щвараб цIех-рех гьабидал, гьениб кинабгIаги дир гIайиб гьечIеблъи чIезабуна. Амма партиялъул обкомалъул кIиабилев секретарас (цIар ракIалда гьечIо) иш хIабургъинабизе байбихьана. Гьеб мехалда живго ГIабдурахIман Данияловас киналъулго мухIканлъиги лъазабун, ритIухълъи чIезабуна ва гьеб суал тIокIалъ цебе босуларедухъ къотIизабуна.

- Мунгун цадахъ хIалтIаразулги, цогидал мун лъикIго лъалезулги биценаздасан бичIчIула диналдехун дол соназда дур букIараб бербалагьи. ЗахIмат букIинчIищ райкомалъул тIоцевесев секретарасе гIадамазул динияб рахъалъе квалквал кколареб куцалъ пачалихъалъул политика бачине?

- Гьенибги, гьадабго цебесеб суалалда хурхарабго гIадаб хIакъикъат букIана. ЦIакъго цере кIанцIун, ахIи-хIур бахъинабун лъугьинчIони, берцинго динги гьабун чIолел гIадамазе кIудияб квалквал пачалихъалъул идарабаз гьабулароан. РукIана нилъерго гьанир партиялда берцин рихьизе, жидерго хъулухъал цIунизе гIоло хIажатго гьечIел жал гьарулел нухмалъулелги. Дица, кив вугониги, диналде данде чIарал жал гьаричIо. Абулаан гьабулеб жо рекъодахъе, церехъахъдичIого, берцинго, магIнаялда гьабейилан. Масала, лъабкъоабилел соназда Хунзахъ районалда хвел букъулаго гьабулеб садакъа-къулгьуялъул санагIат гьечIеб хIал букIана. Цо-цо бакIазда цIакъго тIасан ккарал харжал гьарулел рукIана. Харахьи участкаялъул цо-цо росабалъ хварав чи чанго къоялъ вукъичIого теялъулцин хIужаби рукIана. Дица, киналго росабалъа диниял церехъабиги ахIун, гьоркьоб лъуна гьеб суал ва гьезул разилъигун хIукму гьабуна, хвел букъиялда жаниб тIасан ккарал жалги гьукъун, рекъарал харжал гьаризе. Диниял гIадамазулгун цоги-цоги суалал дандразеги гьарулаан мех-мехалда гьединалго данделъаби.

Казбек районалда дун вугеб мехалъ, цо динияв чияс суал борхулеб бугин дихъе хабар щвана, киса щивали лъаларев райкомги нилъее хIажат гьечIин, гьевги нахъе вачахъун, шаргIияб низам гIуцIизе кколин районалдаян. Камилищха гьесул рахъ кколел гIадамалги. Дица гьев чи райкомалде ахIана. ВачIинчIо. Гьеб мехалда дунго ана гьесухъе рокъове. ГIенеккана гьесухъги ва абуна, дицаги дур рахъ кколин, цIакъ лъикIаб хIалтIи гьабулеб бугин дуцаян. Гьев гIажаиблъана дида ва абуна, жинда мун гьединав чи ватилилан ккун букIинчIилан. Хадубги дица гьесда бичIчIизабуна гьеб шаргIияб низам дуеги диеги бокьараб гIоларин, партиялъулги пачалихъалъулги гьади-гьадинал законалги ругин, гьелдалъун нилъее, хасго дуе кIудияб заралги ккезе бегьулин. ХIасил-калам, кIиго сагIатгIан заманаялъ хабарги бицун, кIвана гьев чи жинца ургъараб жо лъугьине рес гьечIеб букIиналъе мукIур гьавизе. Гьанже балагьани, гьал дица рехсолел мисалал гьадингоял жаллъун рихьизеги бегьула. Амма доб заман лъалезда бичIчIила кигIан захIматаб масъала гьеб букIарабали.

- Цадахъ хIалтIулел рукIарал гIадамазул хIакъалъулъ щиб дуца абилеб?

- Райисполкомазул председателалги райкомазул секретаралги, цогидал жавабиял хIалтIухъабиги гIемерисел жидерго иш лъалел, рацIцIадал, ритIухъал ккана дида цадахъ хIалтIизе киналго бакIазда. ЦохIо дир гуребги, гьезулги хIалтIул хIасилал рукIанин абила дица дол соназда районазул церетIеязулъ. Бищунго гIемераб заман дир Хунзахъ районалда индал, рехселин гьенир цадахъ рукIарал, жидерго хIалтIи рагIа-ракьанде щун цебе бачарал, гьанже нилъгун гьечIониги, кидаго дицаги районцоязги адаб-хIурматалда ракIалде щвезарулел райисполкомалъул председатель Сулейманов Каримула, райкомалъул секретарал МухIамадов Шамил ва ГьитIинова Залму. РукIана цоги-цоги цIарал рехсезе мустахIикъалги.

- ГIаммаб куцалда босани, гьанжесел нухмалъулезул гIолелги гIоларелги рахъал дуда кинал рихьулел?

- Дида гьабсагIат бугеб ахIвал-хIал бицинегIан лъикI лъаларо. Нижергун, цебеккун нухмалъиялъул ишазда рукIарал ригь арал гIадамазулгун дандбалеб, гьикъулеб-бицунеб жоги букIунаро. Ратила бажарун хIалтIи гьабулелги, ратила ругилан рехсей гурони пайда гьечIелги. Цо дида лъалеб жо буго, дол цере рукIаразул  гIадаб хIалбихьи гьанжесел нухмалъулезул гьечIеблъи. Жакъа лъица щиб бицаниги, доб мехалда комсомолалъул гIумруялдасанго хIадур гьарулаан  нухмалъиялъул ишазде бажари-лъай бугел гIадамал. Гьелъул хIасилги лъикIаб кколаан. Цогияб рахъ босани, гIага-божарал чагIи, гьудул-гьалмагъзаби, росу-ракьцоялилан гIадамал нухмалъулес цадахъ хIалтIизе рачунароан, рачинеги бегьулароан. Гьанже цо чи тIадегIанаб ишалде ворчIани, гьес жиндирго чагIиги хадур цIан гьесул къавмалъухъе кколеб буго киналъулго кверщел. Цогияб халкъин абуни гьезул кIалдибе балагьун  хутIулеб буго. Бикъа-хъамиялъулги ришватчилъиялъулги, цогидабги гьелда релълъанщиналъулги дица бицунебго гьечIо. нухмалъулев – щиб даражаялъул гьев ватаниги, живго вацIцIадго вукIине  ккола, цогияздаса рацIцIалъи тIалаб гьабилелде, живго ритIухъго вукIине ккола, цогиязулъги ритIухълъи батизе бокьани, живго хIалтIизе ккола киназего мисал бихьизабун.

Бицен ккун букIаго цоги буго дие абизе бокьараб жо. Дагъистан буго аграрияб республика. Хурухъанлъиялъеги, ралагьани  ресал камиларо нилъер, ахихъанлъи цебетIезабиялъе гIурал санагIалъаби ругел бакIалги камун  гьечIо Дагъистаналда. Амма бищунго аслияб, гIи-боцIухъанлъи цебетIезабиялъе гIунги тIокIал ресал руго нилъер. Пачалихъалъги гьелъие дагьа-макъабниги гIарацги биччалеб буго. БукIаниги, бицунел рукIун гурони, гIи-боцIи гIезабиялъеги, гьелдаса щолел нигIматал цIикIкIинариялъеги гьабулеб хIалтIи бихьулеб гьечIо. Росдал магIишаталъул министерствоги буго Дагъистаналда щибго хисичIого,  районазда гьединалго управлениялги руго, амма хIасил гьечIо. шагьаразул базаразде бичизе гьан бачIунеб буго сверухъ ругел регионаздаса. Гьеб буго цIакъ нилъ намуслъизе ккараб иш. ЦIакъ бокьилаан республикаялъулги районазулги нухмалъулез росдал магIишат цебетIезабиялде кIвар кьолебани. Промышленность, кигIанго нилъее бокьаниги, Дагъистаналда бихьулеб куцалъ цебе бачине бажарилищали лъаларо.

- Дуда дандечIвараздасан бищунго хIалтIи бажарулел, ритIухъал нухмалъулел щал рукIарал?

- Гьединал рукIана ГIабдурахIман Данияловги, Шагьрудин Шамхаловги. ГIабдурахIман вукIана цIакъ гIакъилав, гIумруялъ куцарав, ритIухъав, тIадкIалъазе бакI гьечIев нухмалъулев.  (Махуловасул рокъоб бугоан кIодо гьабураб, бащдаб къед цIураб Данияловасул сурат М.П.). Ккаралъуб кьвариги букIана гьесул, хIажаталъуб унго-унгояб гIаданлъиги букIана. КигIанги  кIудияв хIакимасдаги, мухъилав хIалтIухъанасдаги, ригь арав херав чиясдаги, лъимералдаги аскIов, гьезул даражаялда хIал рекъезабун вукIине лъалаан гьесда. Гьединлъидал, цого къагIидаялъ ГIабдурахIманил хIурмат гьабулаан доба Москваялда Кремлялдаги, лъоба рикIкIада бугеб магIарул росулъги. Дагъистаниязеги  Дагъистаналъеги гIемерал лъикIал-тIокIал ишал гьарурав чи вукIана гьев. Гьединавго ракIбацIцIадав, ритIухъав, халкъалъул тIалаб-агъаз бугев, ярагьунев нухмалъулев вукIана Шагьрудин Шамхаловги. ГIемерал пайдаял ишал гьаруна гьес республикаялъе. Хасго Дагъистаналъе къваригIараб-тараб къватIисан балагьизе, кигIан кIудиялги хIакимзабазулгун хабар рекъезабизе бажари букIана Шагьрудинил. Гьесул хIаракаталдалъун гIемерал бакIал рана Дагъистаналда. Хасго кIудияб хIалтIи гьабуна спорт цебетIезабиялъе.

- Гьанжесеб заманги гьанжесел гIолилалги, гьезул хьвада-чIвадиги каки гIадатлъун лъугьун буго. Дуца кинаб къимат кьолеб гьеб киналъего?     

- Заманаби батIи-батIиял рукIана. Киналго заманабазул жиде-жидер захIмалъабиги рукIуна. Щибаб гIелалда жиде-жидер заман гурони бихьуларо. ГIолилалги гьанжеселги квешал гьечIо. Ратани, гьелъие чIахIиял гIайибиял руго. ГIолилазе кидаго гIумруялъул хIалбихьи бугез битIараб нух бихьизабизе ккола. Гьедин букIана киналго заманабазда. Гьебго хIажат буго жакъаги.

- Аби буго рокъоб ахIвал-хIал роцIараб бугони, къватIибги хIалтIи билълъунилан. Хъизан-лъималазул хIакъалъулъ щиб дуца абилеб?

- Дир руго цIакъ цоцалъ рекъарал, дун разиял хъизан-лъимал. Дица СагIадат ячана 1942 соналда. Гьале 73 соналъ цадахъ гIумру гьабулеб буго нижеца. Цо васги лъабго ясги рукIана нижер. Цо яс авариялде ккун къадаралде щвана. Васги кIияйго ясги лъикIаб гIумру-яшавалда руго. Лъади СагIадат гьабсагIат унтун йиго. Гьелъул тIалаб-агъаз гьабизе буго дица нижее дунялалда къоял ратарабгIан мехалъ. Цоги абилин, киданиги СагIадат дир хIалтIул ишазда гьоркьое лъугьинчIо, рукъ-бакIалъул, лъималазул тIалаб-агъаз гьаби букIана гьелъул аслияб масъала. Гьединго дир лъадиялда киданиги нух лъачIо райпоялъул, яги цогидалги складазде. Бугелда гIей гьабуна, дицаго гIадин, гьелъги гIумруялъго. Гьебги нухмалъулесе цIакъго чара гьечIеб рахъ ккола.

- Дуе гIадамасул бищун бокьулеб гIамал?

- Чияс жиндирго къадру цIуни – цо; кIиабизеги, жиндехунго жавабчилъи бугев вукIин; лъабабизеги, ракIбацIцIадаб хIалтIудалъун цогиязеги мисал бихьизабулевлъун вукIин; ункъабизеги, вацIцIалъи, ритIухълъи. Гьединго, мацIихъанлъи, хIалихьалъи, кIигьумерчилъи гьечIолъи.

- Бокьулареб?

- Гьеб киналъего гIаксал хасиятал.

- МухIамад, нусго сонил ригьалде ваханиги, рецц Аллагьасе, мун вуго лъикIаб чIаголъиялда, сахлъиялда. Гьениб, абухъего, дур балъголъи щиб бугеб?

- ХIакъикъаталдаги, Аллагьасе рецц буго, дие гьалщинал соналги, цадахъго сахлъиги, гьадинаб берцинаб, дидаса гIадамалги гIадамаздаса дунги разияб гIумру кьуралъухъ. Дир балъголъабиги гьел гуро, БетIергьанасул хIалкIолъи буго. Дуца суал кьолеб бугелъул абила: дица киданиги хъалиян бухIичIо, кигIан кIудиял, гIемерал гIодорчIеязде кканиги, цIакъго дагьаб гурони гьекъолеб жоялъулги гьоркьоблъи букIинчIо. Щибаб къоялъ радалго вахъун дица гьабула зарядка. Риидалил заман инабула кидаго росулъ. ХIаракат бахъана, кигIан хIалуцарал къоял рачIаниги, дирго рекIее бигьалъи гьабизе. Гьединго гьудуллъи, гьуинлъи гьабуна ракIал аваданал, сабурал гIадамазулгун. Эркенаб заман гьелгун цадахъ тIамиялъги ургъелал бигьа гьарулаан. Цебеккун абухъе, рокъобги дир кидаго аваданлъи, парахалъи букIана. ХIалтIудаса кватIун, свакан щвараб мехалда рокъоб гьединаб ахIвал-хIалги унго-унголъунги рекIее дару гIадаб жо батана дида.

                     

 

 

Просмотров: 471 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz