Вторник, 07.05.2024, 18:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Февраль » 28

Х1урматияв Мух1амад Махулович, дирго ва т1олалго районцоязул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула дур гьайбатаб юбилей. Дуца нахъа тараб г1асруялъул борхалъудасан балагьидал цебе ч1ола г1агараб районалъул гуребги т1олго улкаялъулго 100 сонилаб тарих. Инкъилабалдаса хадуб ц1идасан г1уц1улеб улка, гьелъул ц1илъаби ц1иризе теларилан къеркьолел бечедал, гьанжего гьанже цебет1еялъул нухда халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъулеб заманалъ фашистазул зулму-хъамалчилъи, рагъул ч1унтелал т1аг1инариялъул багьадураб зах1мат, перестройкаялъ багъаризабураб х1апу-чапур-кинабго бихьана, лъана дуда. Дур г1акъиллъиялде, х1албихьиялде, х1еренаб, сабураб, г1адатияб дур раг1уде х1ажатал руго гьаб жакъаги политикалги т1алъиялъул нухмалъиялда ругелги, г1адатиял г1адамалги.

Мух1амад Махулович, дуца нахъа тана халатаб ва зах1матаб г1умрудул нух. Лъала, бигьаяб бук1ун бутиларо, амма рак1 дур жеги бах1арго буго, херлъиги дур буго дуего хасиятаб, хасаб берцинлъи гъорлъ бессараб, ч1унтараб, ч1ун хут1араб гуреб, меседил хаслихълъи г1адаб, лъик1аб бач1инги бак1арун, бечедаб нахърателалде буссинабураб, хадусел г1елал дудаса ч1ух1изе ва мисал босизе т1амураб, Мун ватиялдаса т1олалго маг1арулал рохараб.

Сахлъи, рохел дуе жеги г1емерал соназ. Лъималаздаса гьезулги лъималазул лъималаздаса вохун таги дур хадусеб г1умруги.

Районалъул бет1ер С. Юсупов.

«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.  

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)

Республикаялдаго бищун къадруги, къиматги бугел ва пачалихъалъул жавабиял ишазда лъайги, бажариги, жавабчилъиги ц1ик1арал г1адамазул цебесеб кьерда ц1ар рехсола Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи, Хунзахъ росулъа Махулов Мух1амад Махуловичасул. 

Просмотров: 618 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)

Автор.Пирмух1амад Къасимов.Таржама гьабуна Пат1имат Гунашевалъ.Февраль 2015с.

Мух1амад Махуловасул х1алт1абазухъги бажариялъухъги ралагьун, рак1чун абизе бегьула араб г1асруялъул 70-абилел соназ гьесулъе вахарав районалъул нухмалъулев Дагъистаналдаго вук1ун ватиларилан.Росдал маг1ишат цебет1езабиялъухъ 1971 соналъул 8 апрелалда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Мух1амад Махулович к1одо гьавуна Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчиясул т1адег1анаб ц1аралдалъун. Зах1маталъул Бах1арчи гуревги, нилъер ракьцояв ккола Ленинил к1иго орденалъул, Зах1маталъул Баг1араб Байрахъ, «Х1урматалъул г1аламат» орденазул кавалер, СССРалъул Верховный Советалъул ункъабилеб ах1иялъул депутат. 2012 соналъ Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас М. Махуловасе кьуна «За заслуги перед республикой» абураб орден.

Просмотров: 446 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)

Автор.М. Махуловасул яс Пат1имат Махуловалъул раг1абаздасан хъвана редактор Ф. Мух1амадовалъ.Февраль 2015с.

Цо-цоязда рак1алде кколеб батила райкомалъул секретарасул ясалъул  лъидасаго т1ок1абги, бигьалъаби г1уц1арабги г1умру бук1ун батилилан. Амма бук1ана гьелъул г1аксалда – гьит1инаб къоялдаса нахъе сундулъго т1алабчилъиги, г1адлу-низамги, жавабчилъиги  ц1ик1к1араб бук1ана дида т1ад лъун. Рак1алда буго инсуца цо командировкаялдаса дие бач1ун бук1ана чинидул щакъит1ел. Гьелда т1ад хъван рук1ана гьадинал раг1аби, «Отлично учись, честно трудись». 

Просмотров: 457 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)

Автор.Гьудуллъи журналалъул редактор М.Патах1ов.Февраль 2015с.

Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи, цогидалги гIемерал шапакъатазул бетIергьан, лъебергоялдасаги цIикIкIарал соназ чанго магIарул районалъе ракIбацIцIадго нухмалъи гьабиялдалъун республикаялда цIар машгьурлъарав МухIамад Махулов гьавуралдаса тIубана 100 сон. Аби буго чияс рарал соназул бицунин, гьесул хIакъалъулъ цоги бицине жо гьечIеб мехалдаян. Махуловасул хIакъалъулъин абуни, бицине жо гIемераб, гьес нахъа тараб бицен бечедаб нух букIиналъ ракIалде щвезарулел руго гьес рарал сонал. МухIамадил хIалтIул хIаракатчилъиялъулги ритIухъаб хасияталъулги, гьесул бажари-жигаралъулги гIемер хъвана газетал-журналаздаги, рагIана радио-телевидениялдасанги. Руго Махуловасул хIакъалъулъ хасал тIахьалги. Кьолеб буго «Гьудуллъи» журналалъул редактор М. Патах1овасдаги юбилярасдаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

Просмотров: 468 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz