Воскресенье, 19.05.2024, 15:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Февраль » 28 » ЦАДАХЪ Х1АЛТ1АРАЛ, РОСУЦОЯЛ МУХ1АМАДИЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ.
22:27
ЦАДАХЪ Х1АЛТ1АРАЛ, РОСУЦОЯЛ МУХ1АМАДИЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ.

Гъунисез жидехъа, Казбекалъулаз жидехъа вугилан абула гьасда

Республикаялдаго бищун къадруги, къиматги бугел ва пачалихъалъул жавабиял ишазда лъайги, бажариги, жавабчилъиги ц1ик1арал г1адамазул цебесеб кьерда ц1ар рехсола Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи, Хунзахъ росулъа Махулов Мух1амад Махуловичасул. Жиндирго т1олабго г1умру гьес кьуна партиялъеги, х1укуматалъеги, т1олабго зах1мат халкъалъеги лъик1абщинаб гьабулаго. Г1умруялъул болъодухъа т1аде гьев ана, цониги г1агалдаса тарич1ого, рак1ч1арал галабигун. Г1емерал соназ гьев х1алт1ана Хунзахъ, Гъуниб, Хьаргаби, Казбек районазда нухмалъиялъул ва ц1ик1араб жавабчилъиялъул хъулухъазда. Махулов Хунзахъа вук1аниги, Гъунисез абула Махулов жидехъа вугилан, Казбекалъулаз абула жидехъа вугилан. Гьелъулъ буго к1удияб маг1на. Кив х1алт1аниги, кинаб хъулухъ жинда т1ад къаниги, Махуловас кинабго рахъалъ бихьизабуна бажариги, рак1бац1ц1алъиги. Г1емераб хъвана гьесул х1акъалъулъ ва вихьизавула телевидениялъ. Махуловасул х1алт1ул бажариялъулги, г1адатлъиялъулги х1акъалъулъ г1ат1идго хъван буго гьевгун цадахъ х1алт1арав Расул Идрисовас «Салатавия - дир ч1ух1и» абураб т1ехьалда.

К1удияб Ват1анияб рагъул соназда Гитлерилаб фашизмалда т1ад бергьенлъи босиялъе г1оло гьарурал х1алт1абазе г1оло 1943 соналда т1оцебе гьесул каранда кенч1ана «Х1урматалъул г1аламат» ор­ден. 1944 соналъ Мух1амад Махуловичасухъе бач1ана И.В. Сталинил Баркалаялъул телеграмма. 1946 соналъ Гъуниб ва 1952 со­налъ Казбек районазда х1алт1улаго, М. Махулов мустах1икълъана Ленинил ва «Зах1маталъул Баг1араб Байрахъ» орденазе. Г1емераб х1алт1и гьабуна Махуловас г1агараб район цебет1езабиялъе, щулияб экономикагун республикаялда къуватаздасан цояблъун гьеб лъугьинабиялъе. Ват1аналъги к1одо гьабуна гьесул зах1мат. 1971 со­налъ Мух1амадил каранда кенч1ана Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчиясул Меседил Ц1ваги к1иабилеб Ленинил орденги. Мух1амад Махуловичасул буго 15-г1ан Х1урматалъул грамота, къиматал сайгъатал, щуго нухалъ бат1а-бат1аго вищана гьев Дагъистанлъул Вер­ховный Советалъул депутатлъун.

- «Дир зах1маталъул бергьенлъаби, - ян абула М. Махуловичас, - гьел ккола киналго цадахъ х1алт1аразул зах1маталъулал х1асилал».

Мух1амад х1адурав вуго жиндасан бач1араб кумек г1адамазе, халкъалъе, районалъе гьабизе. Гьелъие гьесул сахлъиги буго, г1акълуги нахъ бекун гьеч1о. Щуабилеб т1алаялде болъодухъа т1адеги вахуна щибго х1ал хисич1ого, радал зарядка гьабизе ралъдал раг1алдеги уна. Гьев ккола республикаялъул херазул советалъул президиумалъул член. Данделъабазда рорхула республикаялъул нухмалъулезе пайдаялъе харабазул советалъ­ул рахъалъан лъик1аллъун рихьизаризе бегьулел предложениял, суалал.

 

Районалъулаб Советалде депутат Махулов Мух1амадиде

Улка ц1илъанаг1ан ц1иял пикраби,

Гьундухъе бакъ г1адин, раккун рач1уна.

Халкъ эркенлъанаг1ан эркенал куч1дул,

Нак1к1илъан ц1ад г1адин, чвахулел руго.

Депутатлъиялде кандидатасде

Коч1ол раг1и дица абулеб буго.

Рек1ел гьудуласде - Махуловасде

Рохалилаб салам бит1улеб буго.

Избирателаца гьабураб божи

Гьалмагъасда дица баркулеб буго.

Партиялъ дуй кьураб к1удияб къимат

Баг1араб бакъ г1адин къалъулеб буго.

Мун комсомолаца куцарав вуго,

Коммунист партиялъ г1езавун вуго,

Г1адамазда жанив къиматав вуго,

Къей гьеч1еб Ленинил нух ккурав вуго.

Х1алт1е чорхол бида барахщич1ого,

Большевизмаялъул мурадги ц1унун.

Ц1ияб дунялалде г1алам ах1изе

Инициаторлъун ч1а, рек1ел гьудул.

М. Абакаров.

1939 сон

 

Мун т1аде вахарал рорхалъабазде

Рахине риччанте маг1арул васал

Казбеказул муг1рул, Г1акару мег1ер

Ц1аруц1унел руго дудаса ч1ух1ун.

Ч1ух1ун, роххун руго дудаса даим

Гьаб хундерил т1алъи, т1олго г1адамал.

Г1асрабаз кидаго к1оченаро мун

Гьал нилъер муг1рузда, муг1рул васлъидал.

Маг1арул ях1, намус чорхолъ ц1унарав,

Ц1унаги Аллагьас мун квешалдаса.

Махулов Мух1амад, х1урмат к1удияв,

Изну кье баркизе, дуда дур байрам,

Гьаризе чорхое щулияб сахлъи,

Сахго хут1айги мун г1емерал соназ.

Махулов Мух1амад, махх г1адинав вас,

Махх-чаранлъун ч1ч1ана мун районалъе.

Махулов Мух1амад, к1вах1 гьеч1ев инсан

Инсанлъун хут1ана мун ракьцоязе.

Лъай щвеч1ей доярка, диплом гьеч1ев вехь

К1удал х1акималлъун рик1к1ана дуца.

Бекьеч1ин абич1о, хунзин к1алъач1о,

Цох1ого рук1ана дуе г1адамал.

Дол зах1матал къояз къвак1ун ч1ч1ана мун,

Къо кинаб кканиги, баччана дуца.

Дурго рух1ги, жанги, жеги къуватги

Кинабго кьолаан х1ажат кканани.

К1вах1 гъорлъ гьеч1еб х1алт1ул бах1арчиги мун,

Бах1арчиял умумузул ирсилавги мун,

Дуца нахъа тарал сухъмахъ нухазда,

Цог1аги хут1ич1о чороклъараб лъалк1

Дур каранда бараб щуг1аркьелаб ц1ва

Кенч1елеб хут1аги жеги халатго.

Мун т1аде вахарал рорхалъабазде

Рахине риччанте маг1арул васал.

П. Хочоева.

 

Жиндир заманалъул унго-унгояв г1уц1арухъан

Жакъа дун кутакалда йохарай йиго Мух1амад Махуловичасда гьесул г1умруялъул 100 сон т1убай баркизе щвеялдаса. Г1арани гьоркьохъеб школалда дун завучлъун х1алт1улеб мехалъ, Мух1амадица дун ах1ана жиндихъего ва райкомалъул общий отделалъул заведующаялъун т1амуна. Гьесда цадахъ х1алт1иялъ дие щвана к1удияб политикияб лъай, г1акълу. Районалъул бугеб ах1вал-х1ал ц1акъ лъик1 лъазе рес щвана.

Мух1амад Махуловасда лъалаан лъик1ал нухмалъулел, специалистал ва гьел х1алт1изе т1амулаан районалъул жавабиял х1алт1абазде. Хурухъанлъиги, г1и-боц1ухъанлъиги, ахихъанлъиги цебет1езабиялъе г1оло гьес кадраби рит1улаан ц1ализе. Мух1амад Махулович х1алт1улеб заманалда район бук1ана цересезул кьерда. Гьел соназ т1убанго хисана районалъул росабазул гьумерги, г1адамазул г1умруги. Гьеб заманалда жаниб районалъул г1емерал росабалъ рана ц1иял школал, клубал, культураялъул к1алг1аби. Киналго росабалъе бачана электрикалъул ток, ч1езабуна телефоналъул бухьен. Муг1рузул районазда гьоркьоб т1оцебе Хунзахъ Махуловас лъуна телевишка. Районалда бана ц1ияб к1ит1алаяб административияб мина.

Щуго сонил планал заман щвелалдего т1уразариялъухъги, росдал маг1ишаталда росарал ч1ах1иял  бергьенлъабазухъги Махуловасе кьуна Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчиясул ц1ар ва к1иабилеб Ленинил орденги.

Доб совет х1укуматалъул заманалда гьев вук1ана х1акъикъаталда унго-унгояв г1уц1арухъанлъунги, жигарав х1аракатчилъунги, гьунар т1ок1ав цевехъанлъунги. Гьесул дарсал щварал г1емерал г1адамал х1алт1улел руго республикаялъул бат1и-бат1иял бак1азда жавабиял хъулухъазда.

Х1урматияв Мух1амад Махулович! Гьарула дуе жеги г1емерал соназ щулияб сахлъигун талих1аб г1умруялда хут1изе.

Умужат Ахбердиева,

70-лел соназ райкомалъул общий отделалъул заведующая.    

 

Гьас ц1унана жиндирго къадруги, х1укумателъе ва халкъалъе рит1ухълъиги

1958 соналдасан байбихьун 2002 соналде  щвезег1ан дун  районалъул жавабиял хъулухъазда х1алт1ана. Гьел соназда гьоркьосан  10 соналъ х1алт1ана КПССалъул райкомалъул к1иабилев секретарьлъун. Гьел соназда  районалъул  социалиябгун экономикияб рахъ цебет1езабиялда ц1ик1к1араб х1аракатчилъи бихьизабурал, жидерго лъайги, г1уц1арухъанлъиялъулаб бажариги, халкъалъул т1алабал т1уразариялде буссинабулел, рак1 бац1адал, рит1ухъал, бечелъиялда хадур хапдоларел, г1олеб г1елалъе лъик1аб мисаллъун лъалк1 нахъе тарал нухмалъулездасан цоявлъун вук1ана Махулов Мух1амад Махулович.

Районалъул экономикаялъул аслияб бут1алъун кколеб росдал маг1ишаталъул щибаб бут1аялда гъваридаб анализги гьабун, церет1еялъе ругел ресалги лъазарун, соналдаса соналде ц1ик1к1унеб бук1ана маг1ишатазул хурухъанлъиялда, ахихъанлъиялда, г1и-боц1ухъанлъиялда ниг1матал г1езари ва гьел пачалихъалъе ричи. Мух1амадица берзукьа риччалел рук1инч1о маг1арухъ росдал маг1ишаталъул х1алт1абазулъги ц1илъаби, цебет1ей лъугьин мурадалда гьабулел х1алт1абиги. Рак1алда буго дун, гьанжего гьанже росдал маг1ишаталъул институтги лъуг1ун вач1арав агроном х1алт1улев вук1араб Г1арани  х1албихьиялъул станциялде цадахъ районалде яч1арай партиялъул обкомалъул инструктор Н. Макароваги ячун вач1ун, нижер х1алт1уе гьес кьураб лъик1аб къимат ва хурзабахъ рижарал могьолал культурабаздаса, хурдуздаса  разилъиялъул асарги загьир  гьабун гьеб х1албихьи цогидал  районаздаги  т1ибит1изабизе  ккелилан гьелъие кьураб предложение ва диего гьарурал малъа-хъваял.

Махуловас  ц1ик1к1араб к1вар кьолаан  колхозазда ва совхозазда т1адег1анаб ва гьоркьохъеб  звеноялда нухмалъи гьабизе лъайги, г1уц1арухъанлъиялъул бажари бугел специалистал т1аса рищиялде, берзукьа биччалароан лъик1 х1алт1улел маг1ишатазда т1адег1анаб рахъи буголъи бихьизабурал специалистал – хурухъаби, г1и-боц1ухъаби, нухмалъулел рак1 батизабулеб тадбираздалъун к1одо гьари, гьел х1укуматалъул шапакъатазе рихьизари. Щибаб соналъ т1орит1улаан г1ухьбузул, дояркабазул, ахихъабазул къоял ва х1албихьи цоцахъе кьезелъун гьарулаан семинарал, гьенир церехъабазе кьолаан къиматал сайгъатал, х1укуматалъул шапакъатал. Рехсаралги ва цогидалги  тадбиразул х1асилазухъ районалъе т1олго  союзалъул социалистияб къецалъулъ санайил г1адин щолаан КПССалъул ЦКялъул, СССРалъул Министрабазул Советалъул, ВЦСПСалъул ва ВЛКСМалъул Баг1арал Байрахъал.

М. Махулов 1971 соналъ ващана КПССалъул  XXIV съездалъул делегатлъун ва гьесие кьуна Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчиясул ц1ар.

Х1алт1улъ лъик1ал х1асилал цох1ого нухмалъулесул жиндехунги, жинца нухмалъи гьабулездехунги т1алабчилъиялъги жавабчилъиялъги кьоларо, гьел  щвезе ккани гьев вук1ине ккола ч1ух1иги гьеч1ев, рит1ухъав, бугелда бугеб абулев, х1ажаталъув кумекги   гьабулев, г1адамазулгун рак1ги жубарав, гъоркьехун ругездаса т1аса лъугьинеги бажарулевлъун, хъулухъалдасан пайдаги босун рец1ел босизеги лъугьунаревлъун. Гьединав вук1иналъ рилъана  Махулов Мух1амад х1алт1арал щинал  районазул зах1матчаг1и гьесда хадур ва къиматги гьесул къо бахъанаг1ан борхана.

Гъазимух1амад Гьиматовас, Хунзахъ росу.

 

Наслабазе мисаллъун вук1ина

1987 соналъул 14 марталда Учредительнияб конференциялда г1уц1араблъун рик1к1ана Дагъистан Республикаялъул ветераназул совет. Гьеб заманалдаса нахъе хиси гьеч1ого жакъа къоялде щвезег1анги Мух1амад Махулович вуго ветераназул Дагъсоветалъул президиумалъул членлъун. Г1емерал соназ нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул ветераназул социалияб медицинаялъул, коммуналиябгун рук1а-рахъиналъул рахъаз хьезариялъул, рагъул ва  зах1маталъул ветераназул ва рагъда хут1аразул хъизамазул рук1а-рахъин лъик1лъизабиялъул комиссиялъе.

Мух1амад Махуловичасул т1ад къараб ишалде бугеб ц1ик1к1араб т1алабчилъиялъул мисалалда х1алт1изе г1амал гьабула ветераназул Дагъсоветалъул президиумалъул киналго членаз. Рарал соназухъ балагьич1ого Мух1амад Махуловичас к1вах1-свак лъач1ого жиндирго г1умруялъул ва х1алт1ул бечедаб х1албихьиялъул кьуч1алда гьарула малъа-хъваял президиумалъул членазе гуребги районазул ветераназул советазеги. Гьесул ц1ик1к1араб адаб-х1урмат гьабула Республикаялъго.

Районалъул ветераназул советалъул ва дирго рахъалдасан дица гьев къадруяв инсанасда баркула г1умруялъул 100 сон т1убай. Гьарула гьесие щулияб сахлъи, жеги г1емерал соназ нижее ва г1ун бач1унеб г1елалъе малъа-хъваял гьаризе, бит1араб нухде нилъ ккезаризе жанги жигарги.

Г1. Г1алих1ажиев, районалъул рагъул ва зах1маталъул  ветераназул советалъул председатель.

Просмотров: 623 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz