Х1урматияв Мух1амад Махулович, дирго ва т1олалго районцоязул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула дур гьайбатаб юбилей. Дуца нахъа тараб г1асруялъул борхалъудасан балагьидал цебе ч1ола г1агараб районалъул гуребги т1олго улкаялъулго 100 сонилаб тарих. Инкъилабалдаса хадуб ц1идасан г1уц1улеб улка, гьелъул ц1илъаби ц1иризе теларилан къеркьолел бечедал, гьанжего гьанже цебет1еялъул нухда халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъулеб заманалъ фашистазул зулму-хъамалчилъи, рагъул ч1унтелал т1аг1инариялъул багьадураб зах1мат, перестройкаялъ багъаризабураб х1апу-чапур-кинабго бихьана, лъана дуда. Дур г1акъиллъиялде, х1албихьиялде, х1еренаб, сабураб, г1адатияб дур раг1уде х1ажатал руго гьаб жакъаги политикалги т1алъиялъул нухмалъиялда ругелги, г1адатиял г1адамалги.
Мух1амад Махулович, дуца нахъа тана халатаб ва зах1матаб г1умрудул нух. Лъала, бигьаяб бук1ун бутиларо, амма рак1 дур жеги бах1арго буго, херлъиги дур буго дуего хасиятаб, хасаб берцинлъи гъорлъ бессараб, ч1унтараб, ч1ун хут1араб гуреб, меседил хаслихълъи г1адаб, лъик1аб бач1инги бак1арун, бечедаб нахърателалде буссинабураб, хадусел г1елал дудаса ч1ух1изе ва мисал босизе т1амураб, Мун ватиялдаса т1олалго маг1арулал рохараб.
Сахлъи, рохел дуе жеги г1емерал соназ. Лъималаздаса гьезулги лъималазул лъималаздаса вохун таги дур хадусеб г1умруги.
Районалъул бет1ер С. Юсупов.
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.
|