Воскресенье, 19.05.2024, 16:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Февраль » 28 » Г1АСРУЯЛЪУЛАБ ЮБИЛЕЯЛЪЕ МУСТАХ1ИКЪАВ ГЬАЙБАТАВ ВАС.
22:11
Г1АСРУЯЛЪУЛАБ ЮБИЛЕЯЛЪЕ МУСТАХ1ИКЪАВ ГЬАЙБАТАВ ВАС.

Г1асруялъулаб юбилеялъе мустах1икъав гьайбатав вас

Мух1амад Махуловасул х1алт1абазухъги бажариялъухъги ралагьун, рак1чун абизе бегьула араб г1асруялъул 70-абилел соназ гьесулъе вахарав районалъул нухмалъулев Дагъистаналдаго вук1ун ватиларилан.

Росдал маг1ишат цебет1езабиялъухъ 1971 соналъул 8 апрелалда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Мух1амад Махулович к1одо гьавуна Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчиясул т1адег1анаб ц1аралдалъун. Зах1маталъул Бах1арчи гуревги, нилъер ракьцояв ккола Ленинил к1иго орденалъул, Зах1маталъул Баг1араб Байрахъ, «Х1урматалъул г1аламат» орденазул кавалер, СССРалъул Верховный Советалъул ункъабилеб ах1иялъул депутат. 2012 соналъ Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас М. Махуловасе кьуна «За заслуги перед республикой» абураб орден.

-Дир к1иго адрес буго: Хунзахъ ва Мах1ачхъалаялда,-ян абуна гара-ч1вариялъул байбихьуда Мух1амад Махуловас. Ихдал ва риидал хъизангун ва ясалъул ясгун цадахъ ниж уна г1агараб росулъе. Росулъ дир буго рукъ, гьит1инабго ах, бекьулеб бак1. Нусилъе г1агарлъун вук1аниги дие бокьула х1алт1изе.

Рик1к1адаб 1915 соналъ гьавуна Мух1амад Хунзахъ росулъ лъимал г1емераб хъизаналда. Гьесул эмен Махулов г1ахьаллъана г1урусазулги япониязулги ккараб ва граждан рагъазулъ.

-Лъай босизе гъира бук1аниги, ц1алиялъулъ дие к1удияб бит1 ккеч1о,-ян бицана Мух1амад Махуловичас.

-Мадрасаялдаги ц1алун, 1924 соналъ дун ц1ализе лъугьана росулъ бук1араб щулияб лъай кьолеб, цойгидазеги мисалияб Мах1ач Дах1адаев, Мух1амадмирза Хизроев, Муслим Атаев ц1аларал школалде. 1929 соналъ гьебги лъуг1изабун дун ана Дербенталъул росдал маг1ишаталъул техникумалде ц1ализе. Гьел соназ Дербенталдаса бахъараб Манасалде щвезег1ан бекьулаан квас-квас. Гьеб бак1аризе рачунаан ниж. Квас-квас бак1арулаго г1емерисел унтулаан маляриялдалъун. Дунги унтана гьелъ. К1иго соналъ академическияб отпускги кьун сах гьаризе рит1ана ниж. Сахлъун хадув дун техникумалде т1адвуссинч1о. Воронежалъул кванил промышленносталъул институталда рагьун бук1ана ц1ияб рабфак. Дун гьениве к1иабилеб курсалде ц1ализе восана. Картошка бак1аризе рит1улаан ниж. Гьеб бак1арулаго дун ц1идасан унтана маляриялъ. Босана академическияб отпускги. Заман щвелалдего цереккунго экзаменалги кьун Хунзахъе т1адвуссана. Ц1ализе лъугьана комсомолалъул церехъаби х1адурулел курсазде. Гьелдса хадув вит1ана Г1орут1а росдал школалде учительлъун х1алт1изе, хадуб-Буйнакскиялъул педучилищеялде г1урус мац1алъул ва литератураялъул учительзаби х1адурулел курсазде ц1ализе. Курсалги лъуг1изарун лъабго соналъ Харахьи росдал учительлъун х1алт1ана.

Цо пуланаб къоялъ школалде халгьабизе вач1ана Хунзахъ партиялъул райкомалъул к1иабилев секретарьлъун вук1арав г1урусав. Дир дарсидеги вач1ана гьев. Дарс лъуг1идал гьес дида гьикъана дун кисайилан ва абуна дица дарс ц1акъ лъик1, ц1ик1к1араб жавабчилъиялда, махщалида кьунилан. Дагьаб заманалдасан дида т1адкъалеб бук1ана райОНОялъул заведующиясул хъулухъ. Гьедиг1ан к1удияб хъулухъ гьабизе г1ун гьеч1илан, дица гьелдаса инкар гьабуна. Гьеб мехалъ дун тана районалъул инспектор-методистлъун. Ункъго соналдасан дун т1амуна комсомолалъул райкомалъул отделалъул заведующийлъун, ва г1емер мех иналде политц1алиялъул отделалъун заведующийлъунги. Хадуб дида т1адкъана комсомолалъул райкомалъул т1оцевесев секретарасул жаваб ц1ик1к1араб, к1вар бугеб хъулухъ ва ц1ализе вит1ана ЦК КПССалъул Т1адег1анаб партиялъулаб школалде.

Гьединан, г1едег1ич1ого, амма рак1ч1ун вахуна Мух1амад Махулович жиндирго хъулухъалъул болъодухъан. Гьес гьабула г1уц1иялъул отделалъул заведующийлъи, кадрабазул рахъалъ партиялъул райкомалъул секретарьлъи ва бищун зах1матал рагъул соназ гьев х1алт1ана партиялъул Хунзахъ райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун. Гьел соназ Мух1амад Махуловас республикаялъул Х1укуматалъул председательлъун вук1арав Г1абдурах1ман Данияловасда гьарула жив фронталде вит1еян. Г1. Данияловас гьесие къокъаб жаваб кьола: «Мун районалъул нухмалъулев ккола. Тылги ккола фронт. Мун х1алт1е»-ян.

Зах1маталъул фронталда г1емерал зах1малъаби дандч1вана Махуласул Мух1амадида, г1емерал масъалаби т1уразаризе ккана гьес. Ракъун, рат1ликъго зах1малъиялда ругел г1адамал рит1изе кколел рук1индал хандакъал рухъизеги, рекьи-реци гьабизеги, цойгидал зах1матал х1алт1абаздеги. Заман бук1ана кутакалда зах1матаб. Нухмалъулез зах1матхалкъалъул рак1ч1езабизе кколаан бергьенлъи нилъеда хадуб бук1иналда. Бергьенлъиялда рак1ч1еялъ кумек гьабулаан зах1малъаби къезаризе. Махулов Мух1амадил нухмалъиялда гъоркь, фронталде кванил ниг1матал рит1и т1уразариялъул рахъалъ республикаялда район цересезул кьерда бук1ана.

М. Махуловасул нухмалъи гьабизе ва х1алт1и рахъи кьоледухъ г1уц1изе бугеб бажариялъ ва махщел-гьунаралъ гьесда т1адкъала Хунзахъ районалъе гуребги, Хьаргаби, Гъуниб ва Казбек районазеги нухмалъи гьабизе. Г1адамазги Мух1амад Махуловичасул рахъ кколаан, гьесдехун божилъи гьабулаан. 1973 соналъ Мух1амад Махулов ах1ула Мах1ачхъалаялде республикаялъул Халкъияб хъаравуллъиялъул председателасул т1оцевесев заместительлъун х1алт1изе.

Гара-ч1вариялда дица Мух1амад Махуловичасда гьикъана кинин бажарараб хундерида (районалъул г1адамазда) кьварарал муг1рузул шарт1азда т1адег1анал х1асилал росизеян. –Гьелъулъ к1удияб балъголъи гьеч1о,-ян жаваб кьуна Махуловас. –Х1ажатаб техникаги босун, ниж рач1ана кверзул зах1маталдаса механизированнияб къаг1идаялде. Хъутаназул маг1ишатазда нижеца г1езабулаан ц1оросаролъ, маг1арухъ-ч1ег1ергьоло, ролъ, пурч1ина. Г1и-боц1и г1езабиялъулъ лъик1ал х1асилазде рачана тайпадулаб боц1и г1езабиялъ. Районалъул маг1ишатазул щибаб беч1ч1улеб г1акдадаса гьоркьохъеб къаг1идаялъ бахъулаан 3200 литр рахьдал. Республикаялда муг1рузул ва муг1рузда цересел районазе гьеб х1асил рик1к1унаан ц1акъго к1удияблъун, рекордлъун.

-Бицина цо лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ. Районалде вач1ун вук1арав агроном Бланкица гьарула дихъе виччаян. Бланкица дие бицана ахал г1езаризе лъик1ал ракьалги рук1аго, росулъ сверухълъиялдаго пихъил гъут1би гьеч1илан. Гьев х1адур вук1ана районалда ахихъанлъи цебет1езабиялъе бажаранщинаб кумек гьабизе. Жиндирго раг1аби рит1ухъ гьарун, Бланкица абуна дир рукъалда цебебак1алда жинцаго ч1елин гъут1биян. «Хъач1аб гьава-бакъ бугеб бак1алда лъугьунел гъут1би кисайин рук1инел?-ан  гьикъана дица гьесда. «Дица гьелъие кин ралагьунги ресал ратила, мун разияв ватани»,- ян жаваб кьуна  Бланкица. Гьесул раг1абаз дие  лъик1аб асар гьабуна.

Бланк ватана кутакалда махщел ц1ик1к1арав, г1ажаибав агрономлъун. Гьесда цадахъ нижеца Воронежалде рит1ана районалдаса г1адамал ва Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъе ч1езе  рач1инаруна г1ечулги генулги гъут1би. Дагьаб заманалдасан гьеб ахалъ кьуна лъик1аб бач1ин. Гьелдаса хадуб  районалъул г1емерисел росабалъ г1уна г1ечулгун генул ахал.

Мух1амад Махуловасул г1одобе биччараб, ц1одораб, г1акъилаб харбихъ г1енеккулаго, дида рак1алде ккана г1иц1го гьевг1адинав чиясе ихтияр бугин жиндир г1умру г1адада гуреб,  пайдаяб къаг1идаялъ анин абизеян. Ц1ик1к1араб ригьалде ваханиги гьев  жамг1ияб г1умруялдаса цо саг1аталъниги ват1ат1ун ч1еч1о. Республикаялъул ветераназул Совет г1уц1араб къоялдаса нахъе гьев ккола гьелъул президиумалъул членлъун, гьабсаг1аталъги М. Махулов ккола республикаялъул Бет1ерасда цебе г1уц1араб харабазул  советалъул членлъунги. Мух1амад Махулович г1емер дандч1вала бат1и-бат1ияб ригьалъул г1адамалгун: гьесул бугелъулха г1адамазда бицине, малъа-хъваял гьаризе чанги х1албихьи.

Дица г1ажаиблъи гьабулеб бук1ана М. Махуловасул бугеб лъик1аб рак1алда жо ч1еялда: нижер рак1 рагьараб гара-ч1вариялда 50 соналъ цере ккаралги лъугьа-бахъинал гьес рак1алде щвезарулел рук1ана  мух1канго, къосинч1ого.

Нижер дандч1ваялъул ахиралда, гара-ч1вариялъул ахир гьабурабг1адин, Мух1амад Махуловас абуна:

- Г1умру гьабизе бегьула бат1и-бат1ияб къаг1идаялъ. Дица бажарухъе  х1аракат бахъана дидасаго хадуб лъик1лъи хут1изе, дирго х1акъалъулъ г1адамазул рак1азулъ лъик1аб пикру хут1изе. Г1ададисеб, т1абалареб ч1обогояб раг1и дица кидаго кьолароан. Лъиениги щиб бук1аниги гьабизе раг1и кьуни, кидаго къуват дица гьеб т1убазабиялде буссинабулаан. Щиб дица гьабурабали – гьелъул х1акъалъулъ г1адамаз бицина…

Гьабсаг1аталда жаниб хъизан-лъималазда, лъималазулги лъималазда ва гьезулги лъималазда гьоркьов талих1аб, берцинаб г1умруялда вуго Мух1амад Махулович. Гьедин берцинго хут1аги  гьев гьайбатав, г1акъилав, ц1одорав  инсан жеги г1емерал соназ.

Пирмух1амад Къасимов.

Таржама гьабуна Пат1имат Гунашевалъ.

          

Просмотров: 451 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz