Среда, 15.05.2024, 11:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Январь » 30 » КОДОБЕЙИЩ КАРТОЧКАЯЛДЕЙИЩ Г1АРАЦ ЛЪИК1?
19:34
КОДОБЕЙИЩ КАРТОЧКАЯЛДЕЙИЩ Г1АРАЦ ЛЪИК1?

Гьал г1агарал къояз дирго ишалъ районалда бугеб «Сбербанкалде» щварай дида гьениб батана г1ажаибаб ч1аголъи, х1алкъай. Щиб-кинан банкалъул х1алт1ухъабазда ц1ехедал, гьез бицана щибаб къоялъ бищун дагьалдасан 100-150 клиентасе банкалъул хъулухъ гьабулин жидецаян, гьабсаг1ат бугеб х1алт1ул х1алуцараб х1алги хъулухъчаг1азул харжал электроннияб къаг1идаялде (банкалъул картаялде) рехулел рук1иналъ бугилан.

Гьеб  тадбиралда рази гьеч1елги г1емерго ругелъул, гьезие баяналъе кьолеб буго гьаб информацияги, гъоркьехун-гьеб суалалда хурхун районалъул цо-цо школазул муг1алимзабазул гьабураб ц1ех-рехги.

Россиялъул регионалиял банказул Ассоциациялъ центробанкалда цебе лъуна х1укуматалдасан харжал щолелщинал г1адамазул г1арцал банкалъул картабазде руссинаризе ккеялъул суал. Банкиразул пикруялда, гьелъ дагь гьабизе раг1ула улкаялда кодобе щолеб (наличнияб) г1арцул къадар. Сбербанкалъул президент Герман Грефил раг1абазда рекъон, г1арцул обороталда наличносталъул къадар ц1ик1к1ун бук1иналъ Россиялъе зарал раг1ула щибаб санайил 1% ВВПялъул т1аса унеб бук1иналъ. Бразилиялда -4,2%, Мексикаялда-5,3%, СШАялда-6,6% гурого раг1уларо ВВПялде данде босун наличнияб г1арцул къадар, нилъер гьаниб гьеб т1убараб 11,9% раг1ула. (Гьаниб гьев банкирасда щаяли к1очонеб буго дол пачалихъаздаги Россиялдаги бугеб г1адатаб халкъалъул г1умруялъул даража-авт.). Харжал картабазде рехиялъул х1акъалъулъ хиса-басиял росизе кколел раг1ула зах1маталъул ва административиял такъсиразул кодексаздеги. К1иабилелде-нагагьлъун нухмалъулес х1алт1ухъабазухъе кодобе г1арац кьолеб батани, гьесда г1ак1а къот1ун, тамих1 гьабизелъун.

Лъиеха пайда-хайир бугеб цебе додиг1ан гъираялда, квер хашун щолеб бук1араб г1арац гьанже картабазде рехиялъул?

Узухъда, бищун цебе жалго банказе! Т1оцебесеб иргаялда, ц1ик1к1инехъин буго гьезул клиентазул база. К1иабизе, карточкабазде г1арац рехулаго, 1 проценталде щвезег1ан комиссиялъул хайир. Лъабабизе, счетазда ч1ара-хьараб г1арац бук1ин. Квалквалал рук1инарищха г1адатал г1адамазе харжал карточкабазда рук1иналъул? Гьай-гьай, камиларо. Мисалалъе босани, нилъер районалда дида цониги тукен лъаларо пластиковияб карточкаялдасан мухь къабул гьабулеб. Банкоматалдаса чед босизе г1арац бахъизелъун дун ва дида релълъарал ине кколел руго Г1аранире. Москваялда цо банкоматалде (терминалалде) кколев вуго г1иц1го 400 чи, Дагъистаналдайин абуни-4500 чиясде-г1иц1го цо банкомат. Гьединго, киназдаго гуро банкоматалдаса г1арац бахъизе, карточка х1алт1изабизе лъалеб. Ц1ик1к1арав чиясе гьединлъидалин доб, кодобе щолеб, советзаманалъул къаг1идаялъул г1арацги бокьулеб. Кин-щиб бугониги, т1асахун абуралдаса рорч1изе бак1 нилъер бук1унарелъул, х1ал бихьилин гьеб ц1ияб харжал кьеялъул къаг1идаялъулги! Аллагьас лъик1аб хъван батаги киназего! Амин.

Гъази Мух1амадович, Х1ариколо гьоркьохъеб школа

Валлагь, расги бокьуларого рехулеб буго дица карточкаялде г1арац. Хьвадулеб транспортги бук1унарелъул, таксиги ккун рач1ине кколел руго нижер учительзаби Г1араниб гурого гьеч1еб банкоматалдаса г1арац бахъизе. Лъие гьеб бокьулеб?

Сидрат, (школа рехсезе бокьич1о)

Жакъа къоялъго иргаялда ч1ун йиго дун карточка рагьизеян, гьадинабго х1ал банкоматалдаса г1арац бахъулелъулги бугони, дарсалищ кьеларел, росулъе т1адищ йиссинарей? Ц1акъ х1инкъадго къабул гьабулеб буго дица кодобе г1арац щолареб гьаб ц1илъи.

Пат1имат, Г1арани гьоркьохъеб школа

4 азарго гъурущ гурого харж гьеч1ей дие щибизеха, яц, хъулухъ гьабуралъухъила, абила-добила абун, банкалъе гъоркь г1арацги тун гьаб вала-рахас? Цо х1ал ккун толаро г1адамал, мискинхалкъалда опытал гьарун ч1алг1унаро т1алъиялдаги.

Раисат, (школа рехсезе бокьич1о)

Дун йохана харжал банкалъул картаялде рехулел рук1иналдаса. Телефоналде комиссия гьеч1ого г1арац рехизе, эхее-къват1ие ккедал тукабаздаса йосаризе, интернет-тукабаздаса заказал гьаризе к1везехъин буго гьадин.

Ниж, г1олохъанал роханиги, ц1ик1к1араб пишацоязул рак1буссинги бихьулеб бугоха гьеб тадбиралдаса. Дицани гьезда бич1ч1изабулеб бук1ана гьаб системаялъул лъик1лъи…

Мух1амад, Г1арани школа.

Бицен буго, хадубккун «Россельхозбанкалде» рехизаризе раг1улин гьаб банкалдаса г1арцалан. Бокьарас-бокьаралъуб ц1унеян теч1ого гьедин гьабулеб батани, гьеб бит1араб гьеч1о. Къойил банкалде рахъун, карточкаби рагьулел гурелъул рук1унел?! Бухгалтералгун кассирал щибизеялиги бич1ч1уларо, харжал гьадин гурого кьолел гьеч1они. Х1алт1ухъабазул мурадал цо бухгалтерасги нухмалъулесги т1убан лъик1 бук1ана, гьанже гьезие рах1ат щвела. Нижерго х1алалаб шагьи-пара босизе нижго хьвадизе ккезехъин руго х1ат1ал рагьизег1ан.

 

Суратазда: Къадикваниецин заман щолеб гьеч1о банкалъул х1алт1ухъабазе.

Рак1 т1аде ц1аледухъ, рази-ракиго к1алъалел ва жигаралда х1алт1улел х1алт1ухъаби руго нилъер гьаниб бугеб филиалалда.

Материал, ц1алдолезул гьариялда рекъон, х1адурана Ф. Мух1амадовалъ.

Просмотров: 575 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz