Автор.Ф.Мух1амадова.Январь 2015с.
Гьал г1агарал къояз дирго ишалъ районалда бугеб «Сбербанкалде» щварай дида гьениб батана г1ажаибаб ч1аголъи, х1алкъай. Щиб-кинан банкалъул х1алт1ухъабазда ц1ехедал, гьез бицана щибаб къоялъ бищун дагьалдасан 100-150 клиентасе банкалъул хъулухъ гьабулин жидецаян, гьабсаг1ат бугеб х1алт1ул х1алуцараб х1алги хъулухъчаг1азул харжал электроннияб къаг1идаялде (банкалъул картаялде) рехулел рук1иналъ бугилан.
Гьеб тадбиралда рази гьеч1елги г1емерго ругелъул, гьезие баяналъе кьолеб буго гьаб информацияги, гъоркьехун-гьеб суалалда хурхун районалъул цо-цо школазул муг1алимзабазул гьабураб ц1ех-рехги.