29 январалда бук1унеб х1алалъ х1алт1изе кьуна, цебеккун Дагъистаналъул президент Р. Х1. Г1абдулат1иповасул бет1ерлъиялда гъоркь рагьун бук1араб, Г1обода ясли-ах. Ясли-ах х1алт1изе кьеялъул тадбиралда г1ахьаллъана районалъул бет1ер С. К. Юсупов, жавабиял ишазул нухмалъулел, районалъул г1емерисел ясли-ахазул заведующиял, Г1обода росдал жамаг1ат ва цогидалги.
Ясли-ах – гьеб ккола эбел-инсул рукъалдаса хадуб, гьит1инав инсанасда к1удияб дунял лъаялъул т1оцебесеб х1ок1. Гьениб гьит1ичида ратарал «адабазда», гьезул г1амал-хасияталда, щвараб тарбия-лъаялда бараб бук1уна гьесул хадусеб г1умруги, вук1а-вахъинги.
Г1обода ясли-ах бихьич1есда рак1алде ккела гьеб батилин росабалъ бук1унеб г1адинаб г1адатияб, амма ц1ибараб минайилан. Ясли-ахалъул мина сураталда бихьун бук1арабани дида рак1алде ккелаан гьеб к1ит1алаяб къват1исанги жанисанги къач1араб, беричаб бак1 кинаб бук1аниги шагьаралда бугеб г1адамал бет1ергьанаб лицей батилилан.
Ясли-ах х1алт1изе байбихьиялда хурхун, гьит1ичазда, ясли-ахалъул х1алт1ухъабазда, г1абадерил жамаг1аталда гьезул рохел г1ахьал гьабун, баркиялъулаб к1алъай гьабуна районалъул нухмалъулев Саг1ид-Юсуповас. К1алъаялда гьес к1удияб баркала кьуна ясли-ах базе г1арцулал сурсатал кьурал сахаватчаг1и, Шотот1аса предпринимателал Мух1амад ва Зиявудин Мух1амадовазе, гьезул эбел Парханисай Шуг1айбовалъе.
Школалда т1оцебесеб тарбия-лъай кьеялъул к1алг1а байги киназдаго баркун информациялъулабгун методикияб централъул нухмалъулей Патах1ова Салих1атица к1вар буссинабуна киналго квег1енлъаби ругеб ясли-ахалде хьвадулел лъималазулги, гьенир х1алт1улезулги рек1ел х1алги лъик1аб, х1алт1изе гъираги т1адег1анаб бук1унилан. Ясли-ах рагьиялда, гьеб х1алт1изе кьеялда хурхун к1алъана ИМЦялъул школалда цебесеб тарбия-лъай кьеялъул рахъалъ специалист Г1амирханова Хатимат, ясли-ахазул нухмалъулел ва цогидалги.
Ясли-ах х1алт1изе лъугьиналъул тадбиралде г1абадерица х1адурун бугоан г1ат1идаб, интересаб концерталъулаб церерахъин. Ясли-ахалде хьвадулел гьит1ичазги школлъималазги ах1арал куч1дузухъ, гьарурал кьурдабазухъ бер т1аса босич1ого ралагьизе т1амуна киналго (музыкалияв художественнияв руководитель Г1алиасх1аб Саг1адуев). Байрамалъе берцинлъи кьуна г1ехьелдерил «Беркита» ансамблялъул кьурдухъабазги (хореограф Г1абдулат1ип Казиев), культураялъул х1аракатчаг1азул церерахъиназги.
Рохалилаб тадбиралъул ахиралда районалъул бет1ер С. Юсуповасе, ясли-ах баялъулъ г1ахьаллъанщиназе, жалго к1одо гьарун рач1арал гьалбадерие к1вар ц1ик1к1араб, бигьаяб гуреб х1алт1и гьабулел – ясли-ахазул х1алт1ухъабазул рак1ал рохизарурал культураялъул х1аракатчаг1азе, хьолбохъ ч1ун бокьараб х1алт1и нухда бачунеб жиндирго коллективалъе рак1-рак1алъулаб баркала кьуна ясли-ахалъул заведующая Гунащева Сабигатица. Гьелъ киназего гьарана г1абадерил г1адинаб ясли-ахал цойгидал росабалъги рагиян.
Г1емерлъаги нилъер районалда гьединал ясли-ахал, школал, махщел камилал педагогал ва лъай бугел лъимал!
П. Гунашева.
|