Среда, 15.05.2024, 13:33 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Январь » 30 » ЩИВГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О, ЩИБГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О.
19:39
ЩИВГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О, ЩИБГО К1ОЧОН ГЬЕЧ1О.

Ленинградалъул блокада бахъаралдаса 71 сон

22 январалъ 71 сон т1убана К1удияб Ват1анияб рагъулъ бищунго вах1шияб ва к1иго соналдасаги ц1ик1к1ун жиб халат бахъараб Ленинградалъул блокада лъуг1аралдаса.

Дида рак1алде ккана гьанжесеб г1ун бач1унеб г1елалда Ват1ан ц1унулаго нилъер умумузда бихьараб къоги гьез баччараб зах1малъиги к1очон теч1ого бук1ине гьеб вах1шияб лъугьа-бахъин цодагьабго рак1алде щвезабизе.

1941 соналъул 8 сентябралъ фашистазул армиялъул «Север» группаялъул дивизияз т1уранго къана ракъдат1асан Ленинградалде унел киналго нухал, гьелго къояз севералдасан шагьаралде нух къана финназул армиялъги. Гьедин гьеб къоялдаса нахъе байбихьана 872 къоялъ жиб халатбахъараб шагьаралъул блокада. 1941 сентябралда, ай блокадаялъул байбихьуда Ленинградалда рук1инч1о бицинег1ан г1емерал кванил ва ц1атаридул нахърателал. Гьединлъидал блокада байбихьун к1иго моц1 иналдего шагьаралда байбихьана ракъи. Къойидаса къойиде дагьлъулеб бук1ана талоназул системаялда рекъон г1адамазе кьолеб бук1араб чадил къадар. Щибаб къоялъ шагьаралда ракъуца холаан ункъазаргог1ан чи. Бук1ана цо къоялъ хваразул къадар анкьазаргоялде бахарабги заман. Гьедин 1941 соналъул декабралда шагьаралда хвана 52881 чи. Бихьинал ц1акъго г1емер холел рук1ана, гьединлъидал рагъул ахиралда шагьаралда бихьинал ц1акъ дагьал гурони хут1ун рук1инч1о. Шагьаралда хвел ц1ик1к1иналъе цоги г1иллалъун ккана хасалил ц1орой. Блокадаялъул т1оцебесеб соналъул хасел бук1ана ц1акъго кьварараб. Хасалил ц1орой т1аде щведал шагьаралда т1убанго лъуг1ана ц1атаридул нахърателал, ц1орона лъел мухъал, ч1ана транспорт, отопление, 85% дагьлъана электричество. Ток ва цогидалги х1ажатал сурсатал гьеч1олъиялъ х1алт1и ч1езе тана шагьаралда ругел г1емерисел фабриказ ва заводаз. Т1адехун рехсарал г1иллабазда хъвач1ого г1езег1ан г1адамал хвана фашистазул шагьаралде гьаваялдасан гьарулел гьужумазул х1асилалдаги. Кинабниги блокадаялда ракъуца, ц1ороялъ ва тушманасул самолетаздасагун г1арадабаздаса шагьар ц1унулагоги хвана миллионалде г1агарун чи, гьединго нусазаргоялдасаги ц1ик1к1ун чи т1аг1ана араб бак1 лъач1огоги.

Блокадаялъул заманаялда шагьаралде кванил ниг1матал раччулеб аслияб нухлъун бук1ана «г1умрудул нух» (дорога жизни) абун жинда ц1ар лъураб ва кидаго фашистазул ц1адулаб х1инкъиялда гъоркь жиб бук1араб Лодожское х1оралдасан бугеб нух. Хинаб заманалда гьенисан гумуз, хасало х1оралда ц1ер къайдал машинабаз ва чуяз шагьаралде баччулаан квен-т1ех гуребги, ярагъ ва цогидаб къайи-къоноги. Щибаб гьединаб рейсалда шагьаралдаса нахъе рачунаан лъимал, руччаби, хараби ва цогидал унтарал, заг1иплъарал г1адамалги.

Блокадаялъул зах1малъиги х1ехьон гьенир рук1ана нилъер районцоял Хунзахъ росулъа Г1исаев Мух1амад, Сулейманов Каримула, Х1усенов Г1абас, Г1амирханов Мах1ак1у, Мирзоев Ах1мад, гьединго Уздалросулъа Х1усейнов Мух1амад, Бакьагьеч1иса Гъазимирзоев Гьимат ва Харахьиса Булатов Мух1амаддибирги.

И. Мух1амадов.  

Просмотров: 621 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz