Среда, 15.05.2024, 03:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Январь » 23 » РОСАБИ ВА Г1УМРУ.
23:39
РОСАБИ ВА Г1УМРУ.

М. Х1ажимух1амадов: Бюджет мукъсанлъиялъ рак1алда бугебщинаб т1убан бажарулеб гьеч1о

Росу к1удияб бук1аниги, гьит1инаб бук1аниги, г1езег1ан жавабчилъи ц1ик1к1араб х1алт1и ккола бегавуллъи. Киналго цоцаздаги лъик1 лъалел, цоцазулгун г1агарлъи-божилъиги бук1унел г1исинал росабазе нухмалъи гьаби дагьабги к1вар ц1ик1к1араблъун батила.

Гьац1алухъ росулъ 128 маг1ишаталда г1умру гьабулеб буго 478 чияс. Исана щуабилеб сон буго росдае Х1ажимух1амадов Муртазаг1али Г1усмановичас нухмалъи гьабулеб бугелдаса нахъе. Гьал къоязда диргун бук1араб гара-ч1вариялда гьес бицана росдал г1умруялъул х1акъалъулъ.

-Муртазаг1али, мун росдал бегавуллъун ккаралдаса нахъе росуцоязул г1умру-яшав лъик1лъизелъун кинал х1алт1аби дур нухмалъиялда гъоркь гьарурал?

-Рак1алда рук1анщинал киналго х1алт1аби гьаризе бажарулеб гьеч1о росдал бюджет мукъсанаб бук1иналъ, бук1аниги чанги г1адамазе чара гьеч1ого х1ажатал пайдаял х1алт1аби гьаруна росулъ. Мажгиталда аск1об бугеб, росу бакьулъе кколеб бак1алда, кьуч1дасанго басриябги биххун гьабуна ц1ияб ицц. Бакьулъ роххада 28-30-г1ан чияс бачана рукъзабахъе лъим, гьеб бачинеги кумек гьабуна. Боц1и гьекъолел русби лъураб бак1 къач1ана, гьенибго ц1ияб т1ох гьабуна. Росу т1арада СПКялъул кумекалдалъун ц1и гьабуна ицц, аск1обго бана мадрасалъе рукъги. Ясли-ахалда, спортивияб залалда сверун 80 метралда гьабуна лъик1аб забор.

-Х1алт1ул кина-кинал учреждениял ругел росулъ?

-Росулъ буго 30 лъимаде бак1 бугеб ясли-ах. Гьанже г1агар бана 9 классалъулаб 50 лъимер жаниб ц1алулеб к1ит1алаяб ц1ияб школа. Администрациялъул рукъги ФАПги буго колхозалъул басриябго минаялъуб. Росдал культураялъул рукъ басралъун, ц1акъ квешаб, х1инкъи ц1ик1к1араб ах1вал-х1алалда буго. Гьедин бук1аниги гьениб гьит1инабго музейги гьабун буго х1алт1ухъабаз. Буго росдал г1олохъабазул кумекалдалъун бараб спортзалги.

Киналго байрамкъоязде нижеца т1орит1ула спортивиял къецал, художественниял церерахъинал. Гьезда бергьаразе нижеца кидаго кьола сайгъаталги.

-Кин бугеб росулъ лъедалъун хьезариялъул ах1вал-х1ал?

-Гьеб буго нижер росдае бищунго т1оцебесеб к1вар ц1ик1к1араб, чара гьеч1ого т1убазабизе кколеб масъала. Нижер росулъе лъим бачун бук1ана 7 километралъул манзилалда маг1ардасан. 1968 аб. соназда. Гьанже лъел трубаби басралъун турун руго. Росулъ лъим гьеч1ого бажаруларелъул нижецаго хисулел руго 350 метралда трубаби. Районалъул бет1ер С. Юсуповас раг1и кьуна т1асияб соналъ лъел мухъ ц1и гьабизе.

-Гьаб заманаялъ нилъер г1умруялъулъ щиб гьабизе кканиги электроэнергия къвариг1унелъул, кин бугеб росулъ токалъул х1ал?

-Росу бакьулъ бук1араб 160 КВталъул басрияб трансформаторалъул бак1алда лъуна 400 Квт къуваталъул ц1ияб трансформатор. Басрияб трансформаторги т1аде г1арацги кьун хисун Хьаргабиса босулеб буго жеги г1адамаз г1умру гьабун бук1инч1еб ц1ияб-Нахъа авалалда лъезе 400 КВталъул транформатор. Гьенибего ток бачине х1убалги пасынкабиги росун, цох1о линия ц1азе хут1ана. Амма квешаб х1алалда руго токалъул х1убал, кварал. Х1убал турун, кварал т1ут1ун хун монтерал рахине х1инкъараб х1ал буго х1убазул. Гьеб ах1вал-х1алалъул бицун, кумек гьарун Дагэнергосбыталде ун вук1ана дун ва хьулги буго гьезул кумек щвеялде. Кват1ич1ого хисизе ккола ц1акъго квешаб х1инкъи ц1ик1к1араб х1алалда ругел токалъул х1убал.

-Сог1ал муг1рузулал шарт1азда г1умру гьабун ругел маг1арулазе г1емераб бигьалъи бук1уна санаг1атал нухал ругони. Кинаб х1алалда ругел росулъ нухал?

-Нухазул участкаялъул начальникас дир мурад т1убала. Гьес кьураб техникаялъул кумекалдалъун баччана росулъ ругел киналго къват1азде чабах. Жамаг1ат разияб х1алалда х1алт1ана экскаваторщик Х1ажиев ва шоферзаби. Гьездасаги Аллагь разилъаги.

-Кин бугеб нужер росулъ ракьазул иш? Рекьулищ г1адамаз хурзал яги гьел ц1ик1к1унисез рекьич1огойищ тун рук1унел?

-Нижер росулъ, дупутатазул кумекалдалъун, 2012 соналъ гьабуна ракьазул инвентаризация, мух1канго лъазабуна лъида хадуб киг1ан ракь бугебали. Г1адамазда дандги бан, гьадинаб къаг1идаялъ рикьана ракьал: цо чи вугеб маг1ишаталъе кьуна 30 сотых ракьул, к1иго чи вугеб бак1алъе-45 сотых, лъабго ва ц1ик1к1ун чи вугеб хозяйствоялъе кьуна 60 сотых. Гьедин рикьиялъ киназего, т1аде г1уц1арал ц1иял хъизаназеги кьезе ракьал г1уна. Гьедин ракьал кьеялда росуцоялги разилъана.

Нижер нагагьав чияс хут1изег1ан бекьула хур. Росулъ буго хур-хералъе х1ажатаб техника: 5-6 трактор картошка бекьулеб, бахъулеб агрегат, руго косылкаби, комбайн. Гьеб кинабго ккола г1адамал бет1ергьанаб техника. Дие бокьун буго росдал х1ажалъабазе бук1ине советалъе техника босизе. Гьелъие ресал гьеч1ого хут1ун буго гьеб суал.

-Маг1арухъ г1ака, чахъу-хух хьихьич1ого т1убаларелъул, нужерги батилаха г1и-боц1и.

-Г1адамаз хьихьун буго 300-г1ан ч1ег1ербоц1и, 1200-1300 г1и-ц1ц1ани. 2014 соналда цо-цо росабалъг1адин, нижер аниб унтун боц1и хвеч1о. Жиндир заманалда боц1и-панзалъе дару-сабабги гьабуна, чуризеги чурана. Боц1уда, г1ияда тезе г1ухьби цереккунго ралагьула, гьел щвезег1ан ирга гьабула. Араб соналъ г1ачиязде вехь щвеч1ого хут1ана.

-Кинал х1алт1аби гьарулел росулъ рац1ц1а-ракъалъи бук1инабизелъун?

-Нижеца субботникал гьарула. К1иго анкьида жаниб цо нухалъ баччула росдадаса рик1к1ад бугеб хасаб бак1алде кьишни-къул, гьеб бух1ула, хут1ел гвенд бахъун, букъула. Киг1ан ц1акъ росулъ рац1ц1а-ракъалъи ч1езабизеян лъугьаниги цо-цо г1адамаз къват1ахъе бан батула кьишни-къул. Хвараб боц1и рехизе скотомогильник гьеч1о росулъ, гьеб нижеца рехула гьарсибе борхатаб гвенд ккараб бак1алде.

-Газ бачиналъе х1алт1аби гьарулел ругищ росулъ?

-Гьабсаг1аталда газ бачиналъе х1алт1аби гьарулел гьеч1о, хадубккун гьел х1алт1аби гьаризе рак1алда буго.

-Дуца т1адехун бицаралдаса бич1ч1улеб буго росдае кумек гьабулеб, пайдаяб колхоз нужер бук1ин. Гьелъул х1акъалъулъ щиб дуца абилеб?

-Кинаб х1ажалъи, масъала росулъ лъугьаниги жиндасан бажарараб кумек гьабула колхозалъ. Дагьаб цебег1анги гьез росулъ щибаб маг1ишаталъе 25 кг. кколедухъ бикьана пиринч1. К1удияб баркала буго колхозалъул председатель Мух1амадов Абусупьяние ва цогидалги гьенир х1алт1улезе.

-Гьаб соналда кинал х1алт1аби гьаризе рак1алда бугеб дуда?

-Рак1алда буго т1асияб иццде 1 километралъул манзилалда лъел мухъ ц1и гьабизе. Цойги ц1и гьаризе ккола токалъул мухъалги: х1убал, кварал хисун. Гьединго бокьун буго росулъ ц1ияб мадраса базеги. Гьел гурелги рук1инарищха жегиги гьаризесел х1алт1аби.

-Муртазаг1али, баркала рак1 рагьараб гара-ч1вариялъухъ. Рак1алда ругел мурадал т1ураги, гьабулеб дандебилълъаги.

-Дуеги баркала.

Гара-ч1вари гьабуна П. Гунашевалъ.           

Просмотров: 548 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz