Араб соналъул 27 октябралда бахъараб Дагъистаналъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул Указалда рекъон 2015 сон лъазабун буго ахихъанлъиялъул сонлъун. Гьелда рекъон 2014 соналъул 25 декабралда бахъараб нилъер республикаялъул х1укуматалъул х1укмуялда рекъон, исана ахал ч1еялда ва ругел ахал ц1игьариялда хурхун гьаризе рихьизарун руго г1емерал х1алт1аби. Х1исабалде босун буго ахихъаби ва специалистал ц1ализаризе курсал г1уц1изе, школазда дарсазда ахазул бицине, республикаялъул ахихъанлъиялъул олимпиада т1обит1изе.
Гьаб соналъул март моц1алда гьабизе буго Т1оцебесеб Дагъистаналъул ахихъабазул (форум) мажлис.
Март – апрель моц1азда лъик1аблъун бихьизабун буго сахлъи ц1униялъул, лъай кьеялъул, детсадазул, учреждениязул ва цойгидалги идарабазда сверухъ ругел ракьазда пихъил гъут1би ч1езе х1алт1аби гьаризе.
Июнь моц1алда т1обит1изе буго «Ахбазан» абураб республикаялъул фестиваль. Сентябралда бук1ине буго Дагъистаналъул ахихъанасул къо.
Октябрь моц1алда районазда ва хадуб республикаялда рук1ине руго «Бищун лъик1аб ах» ва «Бищун лъик1ав ахихъан» абурал (конкурсал) къецал.
Руго гьаризе цойгидалги х1алт1аби. Ахъихъанлъиялъул соналда хурхун гьаб соналъул 15 январалда Хьаргаби бук1ана муг1рузул районазул вакилзабазул данделъи. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна нилъер районалъул бет1ер С. К. Юсуповас, гьесул заместитель Ш. Г1аммаевас, росдал маг1ишаталъул отделалъул начальник М. Г1алиевас ва отделалъул х1алт1ухъан А. Ибрагьимовас.
Гьенире рач1ун рук1ана республикаялъул х1укуматалъул председателасул заместитель Ш. Шарипов, росдал маг1ишаталъул министрасул ишал т1уралев К. Камалудинов ва муг1рузул районазда вугев республикаялъул бет1ер Р. Г1абдулат1иповасул вакил М. Зайнулг1абидов.
Данделъиялда Ш. Шариповас лъик1аб къимат кьуна ахихъанлъиялъул соналда хурхун нилъер районалда гьабулеб бугеб х1алт1уе. Данделъиялда бицана, х1укуматалъги гьабизе бугин ахихъабазе кумек. Федералиябги Дагъистаналъулги бюджетазда бихьизабун бугин исана ахихъабазе субсидиялги кьезе 160 млн. гъурущ. Цебе судсидия щвезе ккани 3 гектар ах ч1езе кколеб бук1ун батани, гьанже г1олеб буго 1 (цо) гектар ч1ун бугониги. Гьединго, гьанже рес буго х1укуматалъул кумек щвезе жалго бет1ергьанал маг1ишаталда 1 гектаралда ах ч1арал г1адамазулги. Ах гьабизе бокьарав чиясул рес буго, ракьул ц1ех-рехги гьабун, гьенир гьаризе кколел х1алт1абазул ва ч1езе данде кколел гъут1бузул сорталги рихьизарураб проект заказ гьабизе Мах1ачхъалаялда, Дахадаевасул къот1ноб № 4 рукъзабахъ бугеб проектный институталде ине. Гьез гьеб х1алт1и моц1ида жаниб ч1обого гьабула, гьезие х1алт1ухъ мухь кьола х1укуматалъ.
Нилъер районги кидаго бук1ана ахихъанлъи цебе т1ураб районлъун. Районалда бук1ана чанго колхоз данде гьабун г1уц1араб 3 ахихъанлъиялъул совхоз. Районалъул маг1ишатаз г1езабулаан 3,5-4 азарго тонна пихъил.
К1иябго заводалъ къват1ибе биччалаан 7-8 млн. шарт1ияб банка (усл. банка) компотазул, соказул ва цогидалги ниг1матазул. Дагъистаналда т1оцебе «Заслуженный садовод» абураб ц1ар щун бук1ана Гьоц1алъ «Искра» колхозалъул ахихъанлъиялъул бригадир Ибрагьимов Г1абдулагьие. Рук1ана районалда г1емерал орденал ва медалал щварал ахихъабиги. ВДНХялда меседил медаль щун бук1ана Гьоц1алъ совхозалъул «Сорода» абураб бак1алда бижараб ахбазаналъе.
Гьабсаг1ат районалда ругел ахазул иш мах1ги лъик1 гьеч1о, ругел ахазул г1емерисел руго 50-60 сон барал, херлъарал. Хун руго лъалъадулел рахъал. Насосал, рог1рал гьениса лъуг1ун руго. Сверун къараб чалиги (сетка) хвезабун гьел ахал сверун руго росдал боц1и кваналеб авлахъазде. Г1емерисел ахал рук1араб бак1ал руго г1адамаз ккун, жидецагоги х1алт1изарич1ого, х1алт1изарулев чиясухъеги кьеч1ого. Хут1аралниги ахал т1убанго лъуг1ич1ого рук1ине, лъик1аб бук1инаан, росабазул жамаг1атаз гьел ракьал, ахал г1езаризе ресги бугел, гъираги бугел г1адамазухъе кьезе ресал ратани. Гьелдасан г1адамазе х1алт1иги бук1ина, росдаего пайдаги бук1ина. Гьел ракьалги росун росу тун, район тун гьел г1адамалги инаро, гьез ч1арал гъут1биги нилъее умумуз тарал г1адин гьанир хут1ила.
Исана х1исабалде босун буго районалда 40 гектар ахазул ч1езе. Ахал ч1езе ругел маг1ишатал ва ижарачаг1иги руго х1адурун. Рак1алде ккола нилъер районалъул г1адамаз цох1о исана гурониги, хадусел соназги ахал г1езариялъе бажарараб х1алт1и гьабилин ва нилъер росаби, т1егьарал ахаз берцин гьарилин.
Хунзахъ районалда г1адаб т1аг1амаб пихъ кибниги гьеч1илан абулеб заманги бач1инин.
Райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул х1алт1ухъан А. Ибрагьимов.
|