Среда, 15.05.2024, 10:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Январь » 23 » РОССИЯЛЪУЛ БАХ1АРЧИ ГЕНЕРАЛ ХIАЖИЕВ ХIАЙДАРХАН.
23:44
РОССИЯЛЪУЛ БАХ1АРЧИ ГЕНЕРАЛ ХIАЖИЕВ ХIАЙДАРХАН.

Школалда лъималазулъ ВатIаналде рокъи куцай  ккола  аслиязул цояблъун. Гьезие мисалалъе рукIана  рагъул ветеранал. Жакъа мигьлъун руго гьезул кьерал. Нижер Харахьи росулъги  хутIичIо  цониги  ветеран. Гьезул гьунарги цIарги даим хутIила нилъер  рекIелъ. Бицун лъугIиларо гьезул бахIарчилъиялъул.  Жакъа  кьвагьи – гIанхъи гIемерлъараб мехалда,  лъималазда  гьоркъоб гьабулеб класстун  къватIибехун хIалтIи цIикIкIинабизе ккун буго.

Харахьи школалда гьеб хIалтIиялъулъ аслияб бакI ккола Россиялъул бахIарчи генерал ХIажиев ХIайдарханил мисалалъ. Абадиялъго мисаллъун хутIана гьев бачIунеб  гIелалъе, хасго гьесул цIар кьураб школалъул цIалдохъабазе. Школалъул пионеразул дружинаялъеги кьун буго Россиялъул бахIарчи генерал ХIажиев ХIайдарханил цIар. Гьесие щвараб меседилаб цIва нурлъун гвангъила  пионеразе.  ВатIаналде рокъи куцазелъун гьабулеб хIалтIиялъулъ аслияб бакI ккола Россиялъул бахIарчиясул гIумруги гьунарги лъазаби. Дарсазда ва класстун къватIибехун гьабулеб хIалтIиялъулъ лъималазе кидаго мисалалъун вуго генерал ХIажиев ХIайдархан. Школалда бакIарун буго бечедаб материал героясул хIакъалъулъ. ЦIалдохъабазда къойил берда цебе руго гьесул хIакъалъулъ стендал ва суратал.

Исана 60 сон тIубалаан жиндир мунагьал чураяв генерал ХIажиев ХIайдархан гьавуралдаса. ГIезегIан хIалуцараб, лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб букIана ХIайдарханил гIумру. Гьес нахъе тана курсантасдаса генераласде щвезегIан нух. Школалда цIалулев мехалъго анищ букIана генерал МухIамад Танкаев г1адав генераллъун вахъине. Гьев вукIана гьесие гIумруялъго мисаллъун. Анищ тIубана, амма жиндирго гIолохъанаб гIумру кьуна Северияб Кавказалда рекъел цIуниялъе гIоло. 24 часталда хъулухъ гьабуна ХIажиевас. Киб бакIалда хъулухъ гьабуниги гьев вукIана мисаллъун. Жиндиего бокъун ана бищунго захIматаб Чачан Республикаялъул ГIурус-Мартан районалде комендантлъун хIалтIизе. Киве кканиги, кив хIалтIаниги гьес вихьизавуна живго ракI бацIцIадав, бахIарчияв офицерлъун, ВатIаналъул унго-унгояв патриотлъун. Генераласул чинги гьесие кабинеталда гIодов вукIун щвечIо, гьеб щвана гулбузул цIадакъ. ХIайдарханица нахъе тана кIочонареб цIарги, кIудияб бахIарчилъиги, лебалаб гьунарги.

ГIадатлъун лъугьун буго щибаб соналъ школалда декабрь моцIалда лъазабулеб Россиялъул бахIарчи генерал ХIажиев ХIайдархан ракIалде щвеялъул анкь. Планалде босун букIана тIоритIизе классалъул сагIтал, пионеразул сбор, кучIдузул ва сочинениязул конкурс, классазда газетал риччазе, гьесул памятникалда цебе тIугьдул лъезе ва гь.ц.

Школалъул директор Зубайров МахIачица анкьги рагьун бицана ХIайдарханил гIумруялъул, цIалдохъаби ахIана гьесдаса мисал босизе цIалулъги хьвадиялъулъги. Цо минуталъ сихIкъотIиялдалъун лъималаз адаб гьабуна ракьцоясул.

ГIуцIадго ана пионеразул сборги. Киналго атрибуталги цIунун бачана гьеб школалъул пионервожатая Дибирова Написатица. Щибаб классалъул командираз рапорт кьуна хIадур ругин сборалда гIахьаллъи гьабизе. Къололги зурмаялъулги гьаракьалда гъоркь 5-8 классалъул пионераз честь кьуна дружинаялъул байрахъалъе. Цере рахъарал 8 классалъул лъималаз ракIалде щвезабуна  ХIажиевасул гIумруги, гьунарги. РакIал асир гьаруна Хъайтмазова ПатIиматица, ХIасанова ПатIиматица (3 класс) ва ХIасанова ПатIиматица (6 класс)  ахIарал кучIдуз. КIалъазе яхъарай школалъул организатор ГъазимухIамадовалъ пионерал ахIана сундулъго мисал босизе ХIайдарханидаса. Ахиралда пионераз ахIана дружинаялъул кечI ва гьа бана Дагъистаналъе ритIухъаллъун ва ракIбацIцIадаллъун рукIине кидаго.

 

 

Ниж налъулел руго

ХIайдархан мун гIадал лебалал васаз

Кьабун цIеги нилъер Харахьи росу

Дур къадру борхатаб Дагъистаналда

Мисаллъун вукIина хадур гIолезе.

 

Дудаса чIухIула жакъа дир росу,

Даим нижер ракIалъ хутIила мун.

Дур ракьцояз бетIер къулула дуе,

Наслабаз цIунила героясул  цIва.

 

Ниж налъулел руго, генерал, дуе,

ВатIаналъе  гIоло гIумру кьедал

Ниж чIухIарал руго дур цIваялдаса,

Лебалаб  гьунаралъ цIар инабидал.

МухIамадова Бажу, 10 класс

 

ЦIвабзазулъ кунчIараб цоги канаб цIва

ЧIаго базе щвечIеб цоги шапакъат.

Россиялъул герой-херехьдерил вас,

Мун гIадал лъугьаги магIарухъ васал.

 

Хирияб ВатIаналъ тIад къараб налъи

Къадруялда дуца тIубазабуна.

Толаро мун к Iочон дур наслабазда,

Дагъистан дудаса даим чIухIула

 

Тушман чIвазе кIолеб къуватаб алат-

Ниж цIалдохъабазул цо цIали ккола.

ЦIалила, цIалила дур цIарги цIунун,

ЦIа гIадал ракIаца даим рехсела.

МухIамадова ПатIимат, 6 класс

 

 

ХIАЙДАРХАНИДЕ

 

Дагъистаналъул чIухIи,

Россиялъул бахIарчи,

Херехьдерил багьадур,

Сапар къокъав рагъухъан.

 

Къо-лъикI гьабичIо дуца,

Ана квер босичIого,

Ургъел бикьизе щвечIев

Чохьол эбелалдехун.

 

Хадур ралагьун тана,

ТIул бикьарал дур вацал.

Хадур угьдилел тана

Духъ ракI унтарал яцал.

 

Хъизаналда гьарана,

Ясаздехун кIалъаян

Ц1уне, цIодорго рукIа

Дир ургъел гьабугеян.

 

Ахирисеб балъголъи

Ясаздехун щурана.

Эбел йохизайизе

КIочонгеян гьарана.

 

ХIал хъубал хъамалчагIаз

КIичIикье ккезавуна.

Огь, бухIаяб чачанракь

Чан чи ракьалда лъурав.

 

Духъ гIодана Дагъистан,

Духъ гIодана Россия,

Духъ гIодана росу-ракь,

МугIрулгун щобалгицин.

 

Дур зани чIваралдаса,

РоцIараб къо бачIинчIо.

Росу-ракьалъ чIегIер бан,

Кеп-ихтилат гьабичIо.

 

Хвел гьечIеб бахIарчилъи

Кидаго кIоченаро.

Дуй хIилла ургъаразе

Ургъила заманаялъ.

Джамалова Эльмира  - учитель родных языков Харахинской СОШ

 

 

СВИН ГЬЕЧIЕБ КАНЛЪИ

МугIрул районалда, росдал рагIалда,

Мармаралъул зани буго эхетун.

ЧIегIераб ганчIида хъахIал хIарпаца

Генераласул цIар буго кенчIелеб.

 

ТIупун накIкIул цIураб кьерханкъоялъги,

Къалъизабун буго нижер росу-ракь.

ГIасрабаз сунареб чирахъги бакун

ТIерхьана зодисан къалъ-къалъараб цIва.

 

Зонода бахъараб дур сипат-сурат

ЧIаго вугин ккола балагьаразда.

Ургъел бикьизеги ракI чучизеги

КIудияб гьаригун духъе рачIина.

 

Цойищ мун вукIарав, азарго гурищ?

Аза-азар соназ хутIила дур цIар.

БахIарчилъиялъе хвел букIунарин

Ахираталдаги вохун таги мун.

Джамалова Эльмира  - учитель родных языков Харахинской СОШ

 

Россиялъул бахIарчи, генерал ХIажиев ХIайдарханил классцоясул МухIамадов МухIамадил ракIалде щвей

Россиялъул бахIарчи генерал ХIажиев ХIайдарханилги дирги лъимерлъи ана цадахъ. Школалдеги ниж ана гьесда цадахъ, мадугьалихъги рукIана. ТIоцебесеб классалдасаго гьев вукIана дие сундулъго мисаллъун. Учителас гьесие цониги замечание гьабулеб дида рагIичIо. ХIайдарханил цIалуде букIана кIудияб гъира. ЦIакъ бокьулаан тIахьал цIализе, хасго рагъул хIакъалъулъ. Рагъул киноялъухъги бокьулаан балагьизе. Бищунго гьесие бокьулеб кечI букIана «С чего начинается Родина». Къаси кьижичIого чIолаан "Гимн" ахIизегIан.  Дарсаздаса эркенаб заманалда гьабулаан эбел-инсуе, рагъул ветераназе кумек.  ЛъикIаб махщел букIана векеризе, кIанцIизе, граната рехизе, волейбол хIазе. ЦIакъ бокьулаан гьесие хIорда чвердезе, вукъаризе. ХIайранго валагьулаан борхатаб тIохдасан кIанцIулел гIолохъабазухъ. ЧIахIиязулги гьенисан кIанцIулев 2-3  чи гурони вукIинчIо. Цо къоялъ гьес абуна рилъайилан СагIадул тIохдаса кIанцIизе. ТIохдаса гъоркье ралагьигун, ниж хIинкъана. Цинги ХIайдарица абуна жиндица рачанила, тIоцеве живги кIанцIилилан. КIвараб хIалалъ векерун,  кIанцIун ана гьев. Хадув дунги кIанцIана. Гьединав хIинкъи гьечIев вас вукIана гьев гьитIинго.  Классалда ниж росана пионераллъун, гьев чIухIун вукIарав куц багIараб галстукалдаса.

Киве цIализе, хIалтIизе аниги нижер гьудуллъи тIечIо. ВатIаналъе гIоло, халкъалъе  гIоло кьуна гьес жиндирго гIолохъанаб гIумру. Гьев гIадинал лъугьаги киналго нилъер наслаби.

Лъимал, нужецаги хIаракат бахъе гьесда релъун рукIине, сундулъго мисал босизе, ритIухълъи цIунизе. Нилъерго халкъалъе, ВатIаналъе ХIайдарханица гIадин хъулухъ гьабизе. Лъадаре нужерго черх, борхизабе лъай, хIадуре нужго гьаб гIумруялъул борхалъуде рахине. Гьедин вахарав вукIана ХIажиев ХIайдархан россиялъул аскаразул тIадегIанаб генераласул чиналде. Гьесул цIарги, гьунарги даим хутIила нилъер ракIазулъ. Наслабаз наслабахъе кьун цIунила нилъеца гьесул бахIарчилъи.

 

Просмотров: 481 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz