Четверг, 16.05.2024, 02:53 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Январь » 17 » КУЛЬТУРАЯЛЪУЛ Х1АЛТ1УХЪАБИ.. ГЬАДИНАЙ ЙИГО НИЖЕР ХАДИЖАТ.
20:56
КУЛЬТУРАЯЛЪУЛ Х1АЛТ1УХЪАБИ.. ГЬАДИНАЙ ЙИГО НИЖЕР ХАДИЖАТ.

Нилъер районалъул ва сверухълъиялдаго К1ахъа Г1абдулкъадирова Хадижатил кеч1-бакъан раг1ич1ел г1адамал къанаг1атги ратиларо. Гьелде Хадижатил рокьи бижана гьит1инго, жеги школалда ц1алулаго. Гьеб киналъего кьуч1лъун ва нухмалъилъун ккана мунагьал чураяв  гьелъул эмен Зайирбегил т1алабал ва малъа-хъваял. Гьевги вук1ана бат1и-бат1иял хъулухъазда ва г1емерал соназ К1ахъ культураялъул рукъалъе  нухмалъи гьабуравги, гьеб цебе бачаравги, лъик1ав нухмалъулевги насих1атчиги.

Хадижатилгун бук1араб гара-ч1вариялда гьелъ абуна культураялъул х1алт1и г1уц1изе, унго-унголъунги дирго х1алт1и бихьизе, гьелда гьоркьоб к1вах1-к1арчанлъи гьеч1ого рак1 бац1адго  х1алт1изе бищунго к1удияв учительлъун вук1анила жиндирго эмен. Школалда ц1алулагоги Хадижатил г1ахьаллъи гьеч1еб церерахъин бук1унароан. Школа лъуг1ун хадуб Хадижат ц1ализе лъугьана культураялъул училищеялде ва гьелда т1ад къана К1ахъ Домкультураялъул директоралъул х1алт1иги. - Х1алт1уде бугеб гъираялъги, цадахъго бачунеб ц1алиялъги дие рес щвана махщел камил гьабизе ва дидаго т1ад г1емер х1алт1изеги,-ян бицана Хадижатица. Киназдаго лъалеб батила дол соназ районалда  т1оцебе г1уц1ун бук1араб к1ахъиязул эстрадаялъул коллектив ва гьезул церерахъинал. Районалъул росабалъ гуребги гьел церерахъана Гъуниб, Шамильский, Хьаргаби районазул росабалъ, хъутаналъул зонаялда. Гьеб гуребги коллектив бит1улаан бак1-бак1алде  концертал кьезеги агитбригадаян абунги.

К1ахъ домкультураялъул директоралъул ишал т1уралагоги  Хадижат йик1ана районалъул культураялъул рукъой методистлъун  ва «Сарир» ансамблялъул  солисткалъунги. Хадижатица ц1акъ къимат кьун бицуна гьеб жидер коллективалъул гъункиялъул, цоцада х1ал  рекъезабун, бажарарас бажарараб гьабун рак1бац1адго х1алт1улеб коллектив бугин. Гьений х1алт1улаго Хадижат цее яхъана х1исаб  кьеялъулал  концертазда, студентазулгун дандч1ваязда, республикаялда т1орит1арал фестивалазда, шагьаралда «театралъул маска» т1обит1улаго Избербаш шагьаралда, Шамильский, Болъихъ, Ч1арада районазда ва нилъер районалда т1орит1улел киналго церерахъиназда.

Нилъер республикаялъул президент Рамазан Г1абдулат1иповас  культураялде к1удияб к1вар кьолеб буго. Гьелъие г1илалъунги ккола бач1унеб г1елалда умумузул культура к1очон толеб бук1ин, гьеб лъалеб  гьеч1олъи ва гьелъул къимат  гьабулел дагьлъулел рук1ин.  Умумузул рук1арал лъик1ал г1адатал, г1амалал, абиял, биценал ва гьеб гуребги лъалеб гьеч1олъи ва лъазабизе т1алаб гьабулеб гьеч1олъи.

Дун Хадижат еццулев чи гуро, амма гьеб рахъалъ Хадижатица  к1удияб х1алт1и  гьабулеб буго. К1ахъ клубалде щваразда  бихьунги батила. Абизе бегьула гьеб клуб гурин, лъик1аб музей бугин, гьелъ цебе ч1езабула умумузул г1умрудул бук1араб сипат-сурат. Лъималазе ва дагьаб к1удияб г1елалъул г1адамазе к1удияб гъира бук1уна гьеб бихьизе, лъазе ва гьенире щвезеги. Лъималазда ва т1аде рач1аразда рак1алде щвезарула цебе умумузул бук1араб яс  абиялъул ва бертадул г1адат, гвай балеб  бук1араб къаг1ида, гьезул рук1арал рат1лил тайпаби, рокъоб ва кванил алатал, гьеб гуреб г1емераб цогидабги. Гьанибго абизе ккола ва  дица рик1к1уна районалъул лъайкьеялъул ва культураялъул нухмалъулезул лъик1аб х1алт1илъун исана К1ахъ росулъ  учительзабазул ва росабазул фольклориял  коллективазул т1орит1арал церерахъинал. Байрам бук1ана унго-унгоги умумузул заман  цебеч1езабулеб.  Гьединал тадбирал хадурккунги  т1орит1ани лъик1 бук1инаан.

 Хадижатица х1алт1изе байбихьаралдаса нахъе гьарурал  щинаб тадбиразул сиях1 гьаниб рехсон бажариларо. Г1емерал концертал, театрал, юбилейниял вечерал, конкурсал, х1ухьбахъиялъул вечерал, улбузул, солдатазул, рагъул г1ахьалчаг1азулгун, бач1ин  бак1ариялъул къоял ва цойгидалги г1емерал х1алт1аби. Хадижатица жиндирго х1алт1уда хурхун гьикъидал, гьелъ абуна дие щолеб мухь рак1 бац1адаб, х1алалаб, г1ет1 т1ун щвараб бук1ине кколин, нусабго проценталъ т1убач1ого хут1аниги, лъабкъоялда анц1го проценталъг1аги гьеб т1убан батани  йохарай йигилан. Культураялъул х1алт1ухъабазе кьолел т1адег1анал ц1арал гьелъие щун  гьеч1ониги, дица рик1к1уна  гьей гьезие мустах1икъай йигин. Амма гьей мустах1икълъана районалъул цере рук1арал ва гьанже вугев районалъул бет1ерасул ва Дагъистаналъул культураялъул управлениялъул «Х1урматалъул» грамотабазе.

Хадижатил хасго гьаб культураялъул соналда хурхун гьаризе планалде росарал х1алт1аби г1емерал руго. Хадижатил х1алт1ул х1акъалъулъ бицен гьабидал культураялъул х1алт1ухъаби ва нухмалъулел разиго ругоан гьелдаса.

Нилъеца киназго гьелъие гьарула хадубккунги х1алт1улъ лъик1ал х1асилал, чорхое сахлъи, халатаб г1умру ва кидаго гьединай бажарарайлъун ва г1адамазе хъулухъалда йик1ине лъалейлъун хут1изеги.

М. Х1анапиев. 

Просмотров: 563 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz