Автор.Н.Г1алиева.Январь 2015с.
Баянаб бук1ахъе, т1олабго республикаялдаго г1адин, нилъер районалдаги г1умруялде рахъинарулел руго республика цебет1езабиялъе х1адур гьарурал Дагъистаналъул Бет1ерасул приоритеталъулал проектал.
Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабуна «Рахъи кьолеб пачалихъияб нухмалъи» проект г1умруялде бахъинабиялъе районалда гьарулел х1алт1абазда хурхун райадминистрациялъул аппараталъул нухмалъулей Къебедова Айзай Х1амидовнаялъулгун.
Автор.М.Х1анапиев.Январь 2015с.
Нилъер районалъул ва сверухълъиялдаго К1ахъа Г1абдулкъадирова Хадижатил кеч1-бакъан раг1ич1ел г1адамал къанаг1атги ратиларо. Гьелде Хадижатил рокьи бижана гьит1инго, жеги школалда ц1алулаго. Гьеб киналъего кьуч1лъун ва нухмалъилъун ккана мунагьал чураяв гьелъул эмен Зайирбегил т1алабал ва малъа-хъваял. Гьевги вук1ана бат1и-бат1иял хъулухъазда ва г1емерал соназ К1ахъ культураялъул рукъалъе нухмалъи гьабуравги, гьеб цебе бачаравги, лъик1ав нухмалъулевги насих1атчиги.
Автор.Г1.Шарапудинов.Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член.Январь 2015с.
...Дица дунялалда барабщинаб мех,
Унгоха гьаб гIумру ун батараб хех…
ГIабасил МахIамад
ГIабасил МахIамадица Хунзахъ районалъул ЛъагIилухъ гIуцIараб адабияталъул ва маданияталъул рокъоб ганчIил хIубиялда бакI-бакIалда рикIун хъван руго гьал дица тIадехун рехсарал рагIаби.
Рагъдаса руссарал херал солдатал,
Сонал анаг1ан нуж дагьлъулел руго.
Гулбузе къуркьич1ел, кьалул бах1арзал,
Кьерда ч1езе г1урал хут1ун гьеч1о нуж.