Рагъдаса руссарал херал солдатал,
Сонал анаг1ан нуж дагьлъулел руго.
Гулбузе къуркьич1ел, кьалул бах1арзал,
Кьерда ч1езе г1урал хут1ун гьеч1о нуж.
Гьаб соналда нилъеца к1одо гьабизе буго К1удияб Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялъул юбилей. Гьелда бан киса-кибго улкаялдаго г1адин, нилъер районалдаги к1одо гьарулел руго рагъдаса орденал, медалазул керенги ц1ун т1ад руссарал рагъул г1ахьалчаг1и – Бергьенлъиялъул солдатал, рак1алде щвезарулел руго нилъер гьайбатаб бук1инеселъе г1оло рух1 кьун рагъарал, нилъеда аск1ор гьеч1ел рагъул г1ахьалчаг1и. Нилъер районалдаса К1удияб Ват1анияб рагъде ана 3 азаргог1ан г1олохъанчи. Гьездасан районалде т1ад руссана гьезул бащадалг1ан. Гьабсаг1аталда районалдаго гьезул нахъе руго 11 чи, Хунзахъ т1алъиялда 4 ял.
Гьал къоязда районалъул г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул, рагъул ва зах1маталъул ветераназул советалъул, «Росдал зах1матчи» газеталъул вакилзаби ун рук1ана ветераназухъе Ц1ияб 2015 сон баркизе.
Г1орхъи гьеч1еб рохел загьир гьабуна ветераназ жалги к1одо гьарун, сайгъаталги росун, баркиял гьаризе т1аде рач1арал гьалбадеридаса. Гьез рак1алде щвезаруна рагъул кьог1ал сонал, Бергьенлъиялъе г1оло рух1 кьун рагъарал гьудул-гьалмагъзаби ва гьара-рахьиял гьаруна дунялалда рекъел щулалъагиян, зоб роц1ц1ун хут1агиян, т1ок1аб, додинаб балагь-къварилъи т1аде бач1унгегиян.
Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о.
Н. Г1алиева.
|