Баянаб бук1ахъе, т1олабго республикаялдаго г1адин, нилъер районалдаги г1умруялде рахъинарулел руго республика цебет1езабиялъе х1адур гьарурал Дагъистаналъул Бет1ерасул приоритеталъулал проектал.
Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабуна «Рахъи кьолеб пачалихъияб нухмалъи» проект г1умруялде бахъинабиялъе районалда гьарулел х1алт1абазда хурхун райадминистрациялъул аппараталъул нухмалъулей Къебедова Айзай Х1амидовнаялъулгун.
-Айзай Х1амидовна, дагьаб цебег1ан «Халкъияб пикру» фондалъ ва «Г1агараб Дагъистан» багъа-бачариялъ республикаялъул г1адамазда гьоркьоб т1обит1араб «Лъаг1алил муниципалияв нухмалъулев» номинациялда бищунго ц1ик1к1араб къадар гьаркьазул щвана нилъер районалъул бет1ер Юсупов Саг1ид Камилевичасе. Районцоязда бихьулеб ва лъалеб буго гьес районалъе гьабулеб бугебщинаб х1алт1и. Рес бугищ муниципалияб т1алъиялдаги г1адатиял г1адамаздаги гьоркьоб рак1 рагьараб, цоцазда рич1ч1иялъулаб гьоркьоблъи бук1инабизе?
-Районалъул гражданазул рес буго бокьараб мехалда халкъиял информациялъул алатазул, социалиял бухьеназул кумекалдалъун районалъул администрациялъул бет1ерасулгун, гьесул заместителазулгун, отделазул начальникзабазулгун бухьен кквезе. Гьединго хасаб къо (арбаг1) ч1езабун буго райадминистрациялъул бет1ерас гражданал къабул гьаризе. Гьеб гуребги, райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камилевич жиндирго заместителалгун, отделазул начальникзабигун цадахъ гьоркьоса къот1ич1ого щола росабалъе г1адамалгун дандч1вазе, гьезул къварилъи, г1ат1илъи ц1ехезе, гьезие жиндасан бач1араб кумек раг1удалъун гуребги, ишалдалъунги гьабизе. Районалъул нухмалъулез жидерго х1алт1и бихьизабулеб буго instagram, Facebook ва цогидалги социалиял сетазда. Гьезул кумекалдалъун гьоркьоблъи гьабизе бегьула бокьарав гражданинасулгунги.
- Кинаб бугеб районалда кадрабазул политика?
- Щибаб соналда къот1и-къаял хъвала «Хунзахъ район» муницапалияб районалдаги ва Дагъистаналъул пачалихъияб техническияб университеталдаги гьоркьоб муниципалиял хъулухъчаг1азул махщел камил гьабиялъул ва ц1идасанги гьел х1адур гьариялъул мурадалда. Хасаб х1исаб-суалалде росун сиях1 гьабула махщел камил гьабиялъе рит1улел специалистазул. Жакъа къоялдаги нилъер администрациялдаги Дагъистан Республикаялъул Х1укуматалдаги гьоркьоб къот1и-къай хъван буго ДРялъул бюджеталдаса махщел камил гьабиялъе ва ц1идасанги х1адуризе рит1арал муниципалиял хъулухъчаг1азе субсидия кьеялъе. 2014 соналда махщел камил гьабиялъе къот1и-къай хъван бук1ана 7 муниципалияв х1алт1ухъанасулгун. Анкьавго муниципалияв хъулухъчи махщел борхизабиялъе бихьизабураб программаялда рекъон ц1алиги гьабун т1ад руссана.
- Кинаб цебет1ей бугеб электроннияб х1исаб-суал гьабиялъул?
- Районалда ц1идасан бан х1алт1изе лъугьун буго г1емер хъулухъазулаб центр (МФЦ). Гьелъул кумекалдалъун районалъул г1адамазе рес щолеб буго г1емерал пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъал жиндир заманалда т1уразе.
Федералияб законалда рекъон рук1алиде рачун руго киналниги административиял регламентал. Октябрь моц1алдасан байбихьун администрациялда х1алт1улеб буго документазул электроннияб х1исаб-суал гьаби. Х1исабалде босула кинабниги жанибе бач1унебги, къват1ибе унебги информация. Гьелъие г1оло ц1ализавуна жиб-жиб отделалдаса цо-цо специалист, кинавниги 8 чи. Гьелдаго цадахъ ц1унун буго журналияб регистрация гьабиги.
- Г1адамаз администрациялде рач1унел кагътазул къадар ц1ик1к1унищ яги дагьлъунищ бугеб?
- Араб соналде данде ккун администрациялде рач1унел кагътазул къадар 4-5 нухалъ ц1ик1к1ана. Г1адамазул г1арзал 2-3 нухалъ г1емерлъана. Гьеб батизе ккола ц1ивищарав администрациялъул бет1ерасде ц1ик1к1ун божилъи гьаби.
- Айзай Х1амидовна, баркала гара-ч1вариялъухъ. Мурад буго хадубккунги нужер х1алт1и цоцада рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда ин.
- Дуеги баркала гара-ч1вари гьабизе яч1аралъухъ. Гьари буго киналго районцоязда дир рахъалдасан Ц1ияб ва Басрияб сон баркеян. Киназего гьарула сахлъи, рохел, ургъел, балагьаздаса ц1унараб гьарзалъи г1емераб, ракълилаб сонлъун батаги нилъее гьаб.
Н. Г1алиева.
|