Воскресенье, 12.05.2024, 16:17 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Январь » 17 » РОСУЛЪА ВАС ВУК1АНА ГIАБАСИЛ ВАС МАХ1АМАД.
20:51
РОСУЛЪА ВАС ВУК1АНА ГIАБАСИЛ ВАС МАХ1АМАД.

…Дица дунялалда барабщинаб мех,

Унгоха гьаб гIумру ун батараб хех…

           ГIабасил МахIамад

ГIабасил МахIамадица Хунзахъ районалъул ЛъагIилухъ гIуцIараб адабияталъул ва маданияталъул рокъоб ганчIил хIубиялда бакI-бакIалда рикIун хъван руго гьал дица тIадехун рехсарал рагIаби.

ЗахIматго буго гьудул-гьалмагъзабазе, гьев лъалезе ва кинабго гьесул свериялъе гьев нилъедаса ватIалъун, Аллагьасул къадар щун, арав гьесул хIакъалъулъ абизеги хъвазеги. Гьев гIадатав, гIакъилав, гIаданлъи тIокIав, намус-яхI киданиги бичичIев, унго-унгояв гьунар тIокIав магIарул чи вукIана. Цо-цо шагIирзабазул, хъвадарухъабазул борхалъуде нух лъолаго, жиндирго гьунаралъе гIатIидал нухал ралагьулел, рецц-бакъалда хадур унеб гIадат букIуна. ГIабасилав вукIана гIажаибго киданиги рецц-бакъ балагьичIев, гьелдасан пайда босун, живго халкъалда лъазавизе лъугьинчIев чи. Жиндирго гьунаралъ ватулаан гьев халкъалда. Гьев вукIана сабруялъги, бихьинчилъиялъги, магIарул яхIалъги вуцун цIурав инсан. Гьес куцана анцI-анцI Дагъистаналъул шагIирзаби, гьев вукIана кIудиязеги гьитIиназеги гIакълучи, насихIатчи, гIел бащадго цадахъ вукIине лъалев чи.

«Дун росулъа вас вуго»- ян ГIабасилас жеги гIолохъанго хъварал жиндирго кочIол рагIаби гьес тасдикъ гьаруна ва гIумруялде рахъинаруна. Сахаб яшавалда шагьаралда вугев гьев, хIакъикъаталдаги, вуссана магIарухъе ва гIуцIана мугIрузда кибниги гьечIеб гIадаб кIудияб музей, ай адабияталъул ва маданияталъул рукъ. Гьес тана гьеб кинабго гIун бачIунеб гIелалъе. ГIолилазе росулъ гьабун тана лъедезе ругьунлъизе гьайбатаб хIор. Гьесул музеялде щведал, гIажаиблъизе бачIуна гьев цо чиясда гьабгощинаб тIагIелги, гьабгощинаб адабияталъул бечелъиги цо гIумруялда жаниб бакIаризе кин кIварабин  абун. Гьесул пикру щвечIеб бакIго хутIун гьечIо, гьабгощинаб жоги хъвазе, гьебги бакIаризе. Свине биччазе бегьуларо нилъеца, гIун бачIунеб гIелалъги, гьесул ирсилазги гьесул гъасда ва сверуда цIа. Жиндиего наслаби кьечIолъиялъ ракI гIагаларав ГIабасилас гIемер рехсолаан ятимин абураб рагIи. Наслабазул рахъалъ ятим вукIаниги, гьудул-гьалмагъзабазул ва гьалбадерил рахъалъ гьев вукIана нартав гIадав чи. Гьесда ващадав чи Дагъистаналда вукIун вати щакаб жо буго.

Дидаго ГIабасилав цевего лъалев вукIаниги, гьесулгун дир жубараб, унго-унгояб гьудуллъи ккун 9-10 сон букIана. ХIакъикъаталдаги, гьев гIагарго лъаравгIан, дир дунялалде ва халкъалде бугеб рокьи ва бербалагьи хисанин абизе бегьула. ГIабасилав ватана дида унго-унголъунги гIадан хирияв, гIаданлъи-яхIалъе жиндилъе чи вахунарев борхалъиялъул шагIир. Дица дирго цо кочIолъ, гьесдехун ва хъизан Савадатидехун бугеб дирго пикру загьир гьабун хъван букIана:

ГIадан хиралъидул хъала ватана

Хунзахъ районалъул ЛъагIилухъ дида.

Лъана, росу бакьулъ алжанги рагьун,

Малаикгун цадахъ хIурулгIин йикIин, - абун.

Гьединан кидаго гIадамазе гIоло рахъун  чIарал чагIи рукIана гьев мунагьал чурадги, гьесул гIакъилай, цIодорай гIумрудал гьудул Савдатги. Лъади сахай щвечIони, росасулги гIадан лъугьунарин абухъе, гьей магIарул гIаданалъ ГIабасилав цIунана, гIезавуна бищунго захIматал соназги, рохалилъги, къварилъиялъулъги. Гьел гIумрудул гьудулзабазул хIакъалъулъ къисаби гIемерал руго.

Бокьун буго Савадатиде дица гьабураб кочIол рагIабиги рехсезе:

ШагIирасул лъади, лъегIелдерил яс,

ЛъикIаб гIамалалъул магIарул чIужу.

Мун йикIинчIейани, кIудияв шагIир

КIодолъилаандай гьадин халкъалъе?

Гьединан цIунана Савдатица гIумрудул гьудулги, гьесул гьудулзабиги, гьесул свериги, гIагарлъиги.

Гьезухъе рачIунел-унел гьудулзаби, гIадамал рихьидал, ккезе бачIуна унго-унголъунги гьаб кIиябго рухIалъ хIехьон бугеб щинаб жойилан. Дида киданиги гьезухъе щун, гьениса рачIунел-унел камураб къо батичIо. Гьезда батулаан щивасе вачIунев-унесе кьезе рагьараб ракIги, гьуинаб магIарул квенги, кидаго гьими свинчIеб гьумерги.

Гьединаб буго сипат гьеб сверуда. Гьудулзабазе гIолаан ГIабасиласул гIакълу. Гьесда бажарулаан сундуего битIараб къимат кьезеги, битIараб нухде нилъ ахIизе ва гьенисан ритIизеги. РакIалде щвезабилин ГIабасиласде хъвараб дир кечI:

ГIабасил МахIамад, Дагъистаналъул

ШагIирал къачIалеб  къебелъиги дур.

КъватIире риччалел гьезул тIахьазе

Рекъон къимат кьолев редакторги мун.

ГIабасиласул шигIрудал къебелъухъ къачIана гьунар бугел шагIирзаби ва хъвадарухъаби, гьес  киданиги кIвахIаллъун толароан жиндасан чиясе бачIунеб пайда ва малъа-хъвай, гьабулеб жиндирго пишаги тун, тIубалаан гьес чиясул хIажат.

Гьесул къебелъухъан анилан абизе бегьула дунги, кIудияв гьечIониги, шагIир.

Цо-цо гьоркьо-гьоркьоб гьес  абулаан: «Я вац, ГIиса, гIадада ана гури дир гIумру, мун гIадав чиги лъачIого араб», - ян.

Гьединаб гьуинлъи цIикIкIараб вацлъиги гьудуллъиги букIана гьесул дидехунги дир гьесдехунги. Унтуца хIал бергьиндал, гьесухъе щведал, гьес цо дие кьолеб тIехьалда хъвана гьадинал рагIаби:

Вай, дир гьудул, ГIиса, гIемер анищ мун,

ГIабасиласухъе мех-мехалъ щвезе.

Лъайгин-гIакълуги ун, унтуца херлъун,

Хвезе мех щварав дун, дуда вихьизе.

ШагIирасда бичIчIулеб букIана жиндирго гIумру рагIалде бакIарулеб букIин, гьелъ гьев гIедегIун вукIана дагьабги халкъалъе жиндасан бачIунеб пайда гьабизе, щибдай цоги халкъалъе нахъе телаян абун, гьесул букIинчIо цойги пикру - толеб ирсалъул гурони. Тана ГIабасилас нилъее бечедаб адабиятги, маданияталъул рукъги ва гIасрабазе хвел гьечIеб ирсги. Ана нилъедаса гIадатав, амма гIакъилав инсан, шагIир - ГIабасилав. Аллагьас алжан насибавлъун гьавеги гьевги, гьесул хъизан Савадатиеги кьеги сабруги-яхIги. Нилъеца, гьудулзабаца, гьесул шигIрияб гъасда свине тезе бегьуларо цIа, Аллагьас хъван батани.

ГIабасилав хун хадуб гьабураб гьаб назмуги:

ГIабасил МахIамадие къадар щведал

Бегана магIарул шигIрудал мегIер,

Щобда бакъ речIчIулеб рогьалил гIужалъ.

Ругьел щвана тIаде гьудулзабахъе,

ГьечIин тIокIав нилъей ГIабасилавин.

ГIодана мугIрулги, гIоралги цадахъ,

ГIазу бан, цIер речIчIун, хисана дунял.

Хасалихълъиялъул пашманаб гьури

ПещтIана ахазукь, шагIир камунин.

Щвана къадаралде шигIрудал къирал,

Къваридго хутIана хирияб мина.

Халкъалъе хирияв шагIир вукъизе,

Щвана гьудулзаби Дагъистаналъул.

Дуца гIезарурал шагIирзабазул,

Бераз магIу кколев чи хутIун гьечIо.

Чанги рекIел ургъел дуде бикьарал,

Бокьулеб гьудуллъи буго пашманго.

Щибилеб, дир гьудул, шигIрудал къирал,

Къадар  щоларев чи щивниги гьечIо.

Щвараб къадаралде щукруги гьабун,

Гьабила дуй дугIа дур гьудулзабаз.

Кьижа, рекIел гьудул, ракI гIодой биччан,

РекIелъа инаро мун гьаб халкъалда.

Хун гьечIо МахIамад, мун гьаб халкъалъе,

ГIасрабаз наслабаз цIунила дур кечI.

ГIиса Шарапудинов,

Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член.

 

 

Просмотров: 746 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz