Декабрь моц1алъул ахиралда МЧСалъулал к1одо гьарун Москваялда т1обит1араб рохалилаб тадбиралда г1ахьаллъана Дагъистаналъул МЧСалъул 22 чи гъорлъе вачараб делегацияги. Делегациялъе бет1ерлъи гьабуна рехсараб идараялъул министр Нариман Казимух1амадовас, гьелда гъорлъ рук1ана министерствалъул жавабиял х1алт1ухъаби, Мах1ачхъала, Дербент, Кизляр, шагьаразул, Хунзахъ ва цогидалги районазулги МЧСалъул отделениязул вакилзаби.
Рак1алда батила 2 соналъ цебе 2013 соналъул 11 декабралда рогьалил г1ужалъ Г1ободаса Мух1умаевазул мина къадал хут1ун бух1араб балагьаб лъагьа-бахъин. Мажгиталдаса рогьалил какдаса вач1унев районалъул пожарный часталъул отделениялъул командир Х1ажиев Г1умарасх1абида бихьула гьениб аск1обго бугеб рукъалъул гордухъан къват1ибе гьулчулеб ц1адул карачел. Хант1ан ц1асвинабулезде ах1иги бан гьев бух1улеб рокъове к1анц1ула ва ц1адудаса рахчун бок1нилъ к1усарав к1иго гьит1инав васги кодов ккун къват1иве вач1уна. Гьебго заманалда т1аде щола Г1араниса ц1асвинабулезул машинаги цадахъго т1ун бач1уна рукъалъул т1охги… Гьеб къоялъ лъимал хвасар гьарулаго бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ Г1умарасх1аб мустах1икълъана т1адег1анаб даражаялда т1обит1улеб тадбиралда г1ахьаллъизеги гьениб Россиялъул МЧСалъул грамотаялъеги къиматаб сайгъаталъеги.
Баркалаялъулал к1алъаздаса ва байрамалъулаб фуршеталдаса хадуб министерствалда бук1анила гьелъул т1алъиялъ бак1аздаса гьалбал т1аде къабул гьари. Жиндие рес щванила министрасул т1оцевесев заместительгун дандч1вазе ва районалда ц1асвинабулезул бугеб ах1вал-х1ал гьесие бицине, гара-ч1вариялъул ахиралда замас раг1и кьунила ц1ияб машина кьезеян бицана Г1умурасх1абица нижергун бук1араб гара-ч1вариялда
|