Понедельник, 13.05.2024, 11:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор.Н.Г1алиева.Март 2015с.

Районалъул г1адамазул г1арзал рук1уна минабазе ракьал кьеялда, кьурал рит1ун х1алт1изариялда хурхун. Киназдаго гуро бич1ч1улеб бугеб законалда рекъон  кинал т1алабал т1уразе кколел ракьул участок жидехъе кьурал г1адамаз. Кин  гьелдасан пайда босилебали. Жакъа ниж дандч1вана районалъул бет1ерав архитектор Къебедов Мух1амад Х1амидовичгун ва гъоркьехун бахъулеб буго гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

Просмотров: 475 | Добавил: NiGMaT | Дата: 20.03.2015 | Комментарии (0)

Гьаб соналъул 4 марталда гъулбасараб ДРялъул Бет1ерасул Указалда рекъон, Маламух1амадов Юсуп Мух1амадович т1амун вуго Дагъистан Республикаялъул бухьеналъул ва телекомуникациязул министрлъун. 

Просмотров: 463 | Добавил: NiGMaT | Дата: 20.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2015с.

7 марталда райцентралда культураялъул к1алг1аялда Авар театралъул артистаз кьуна руччабазул х1урматалда байрамалъулаб концерт.Берцинал, гьайбатал, х1еренал, х1алимал кирго бихьиназе кумекалъе ратулел руччабазда гьезул байрамги баркун к1алъана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсупов. С. Юсуповасги культураялъул отделалъул нухмалъулей И. Мух1амадовалъги районалъул г1умруялъулъ бихьизабураб х1аракатчилъиялъухъ х1урматалъул грамотабигун т1угьдузул квац1абаздалъун к1одо гьаруна хадур рехсарал руччаби:

Просмотров: 875 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева.Март 2015с.

Нилъер бук1инесеб бараб буго педагогасда, гьесул лъаялда ва бажариялда.  Жакъасеб ц1иял технологиязул заманалда, нилъее х1ажат руго махщел камилал, бажари ц1ик1к1арал педагогал. Гьеле гьел  профессионалияб  махщел ц1ик1к1арал педагогал загьир гьари, гьезул къимат борхизаби, гьезул цебет1ураб педагогикияб х1албихьи цоцазухъе кьей бук1уна, щибаб соналда г1адатлъун лъугьун бук1ахъе Россиялда, республикаялда, районалда т1обит1улеб «Лъаг1алил воспитатель» конкурсалъул.

Просмотров: 580 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.Мух1амадкамил Гьиматов.Март 2015с.

Щуго сон бараб мехалдаго вабаалъул унтудалъун эбел-эменги хун, ятимлъиялда хут1арав . Хунзахъа Халидил Къурамух1амадил Расулил халатаб г1умруялда г1емерго бат1и-бат1иял хиса-басиял ккана. Амма къисматалъул сверабазда жинде т1аде ккараб х1алт1и т1адк1алъай гьеч1еб х1алалъ т1убазабиялъул мисаллъун лъугьарав Расул Халидовасул хъулухъазул болъодул х1ок1алги бат1и-бат1иял рук1ана. Хунзахъ г1адинаб к1удияб росулъ хурухъанасул хъизамалда гьавурав васас г1олохъанлъуде вахиндал т1аса бищана хур-ахалда хурхараб махщел. 1928-1932 соназда ц1алана Дербенталъул росдал маг1ишаталъул техникумалда. Гьеб лъуг1изабун хадуб, лъаг1елг1ан заманалъ х1алт1ана Хунзахъ райземотделалъул агротехниклъун.

Просмотров: 538 | Добавил: NiGMaT | Дата: 14.03.2015 | Комментарии (0)

ХIурматиял улбул, яцал, ясал гьале цIидасанги хасалил бакIаб макьидаса тIабигIат борчIулеб ва гьелъ гIадамазул ракIазулъе аваданлъи бачIунеб буго. Гьелъго батила тIолго дунялалдаго нужер адаб-хIурмат гьабун руччаби кIодо гьариялъул байрам тIобитIулебги. ЧIужугIадан, гьей ккола рукъалъул гъанситоялъуб цIа цIунулейги,лъикIаб тарбия кьун, жинда бихьулеб гIакъуба-захIматалъухъ балагьичIого лъимал гIезарулейги, социалиябгун экономикияб рахъалъ росабалъгун районалда цебетIей букIинабиялъе гIоло хIаракатай къеркьохъанги. Нуж руго районалъул жамгIияб гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулелги, маданияб, сахлъи цIуниялъул, лъай кьеялъул бутIабазда хIалтIулъ
церехъабилъунги Нилъер районалъул руччаби кидаго рукIана ва гьабсагIатги руго чIужугIаданалъул тIадегIанаб налъи бичIчIулеллъун, магIарул яхI-намус борхатго ккураллъун, ккаралъуб бажариги къохIехьейги бугеллъун, жидер росу-ракьалъулги районалъулги къадру цIунараллъунги.
ХIурматиял! РакI-ракIалъго баркула нужеда ТIолгодунялалъул руччабазул байрам – 8 март. Биччанте нужер щияй йохизе ва чIухIизе нужерго лъималаздаса, бачIунгеги тIаде пашманаб къо, гьарула нужее хъизан-рукъ рекъараб, парахатаб гIумру, нужер лъималазе – щулияб сахлъи, иман. Даимлъаги нужер гъасда канлъиги, хинлъиги, лъикIлъиги. 

«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бетIер С. ЮСУПОВ.
Районалъул собраниялъул председатель Х. ХВАДЖАЕВ.
«РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ» газеталъул коллектив

Просмотров: 514 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2015с.

Тарихалъул дарсал к1очон тей – гьеб ккола нилъеца нилъерго  умумузул адаб тей ва г1олеб г1ел ч1орогоял маххул  расанк1абилъун г1езари.  Нилъерабго сурун бихьун, аралъулъ гъалат1ал ралагьун, чиярабго цебекквеялъ рачуна талих1къосиналде. Г1олеб г1ел жидерго улкаялъул х1акъикъияб тарих лъалеллъун ва бокьулеллъун гьеч1они, рес буго миллаталъул хаслъи, х1атта  миллат х1исабалда жибго т1аг1инецин.

Просмотров: 652 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.Баху Мух1идинова.Март 2015с.

Гьале къват1ибе бач1ана Гъалбац1овасул тарихияб роман «Суракъат».

Нилъедаги, ва дагьабги ц1акъ Гъалбац1овасда жиндагоги рак1алда бук1инч1о гьеб раг1алде бахъинч1ого басмаялда бахъизе. Аллагьасул хъвай бат1ияб бук1ун бугоха. Гьебги, гьеб гуреб, цойги чанги хъвалаго хут1аралги, хъвазе рак1алда рук1аралги, г1емераб г1акъилаб, ц1одораб пикруги цадахъ босун ват1алъана нилъедаса Гъазимух1амад. Я, Аллагь, Алжан насибавлъун ватаги…

Просмотров: 620 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2015с.

Маг1арулал гьеч1они-гьеч1о Дагъистан

Дир хириял, г1агарал, рокьулел маг1арулал, нуж кидаго рук1ана бах1арчияллъун, къвак1араллъун, х1инкъи-къай гьеч1еллъун, ккаралъур ратулеллъун. Маг1арулал ккола Дагъистаналда ц1ик1к1арал миллатазул цояллъун. Нилъер миллаталъ инсанияталъе рижана чанги бергьарал васалги ясалги.Гьал къоязда, Авар театралда халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул х1урматалда, данделъун рук1ана шагьараздасагун районаздаса маг1арулал. К1иго къоялъ халат бахъараб, рахьдал мац1алъул байрам миллатцоязе чанго соналъ т1обит1улеб буго квер г1ат1идав, маг1арулал цолъиялъе ц1айи бугеб х1алт1и гьабулев, Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша Г1умахановас г1уц1араб маг1арулазул миллиябгун маданияб регионалъулаб автономиялъ. 

Просмотров: 1557 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2015с.

Кутакалда ц1ик1к1араб къуват бук1уна раг1ул. Раг1уца г1адан вахъинеги гьавула, раг1уца г1адан ч1вазеги бегьула. Раг1ул къуват кодосел чаг1илъун ккола хъвадарухъабиги поэталги. Классиказул поэзиялъулгун прозаялъулал, пасих1ал, цо ц1аларабго рек1елъе рортулел ялъуни Ват1ан, росу-ракь бокьиялде ах1арал яги философияб маг1на бугел-киналго асарал данде гьарула ва ц1унула литератураялъ. Литератураялъ рагьула нилъерго мац1алъул гъварилъиги, пасих1лъиги, поэзиялъгун прозаялъ инсан гьавула рух1ияб рахъалъ бечедавлъунги. 

Просмотров: 851 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Февраль 2015с.

Гьал къоязда жидерго ругьунаб х1алт1уде, амма жеги к1удияб гъира-шавкъалда, байбихьана ц1ибараб Г1обода ясли-ахалда. Г1адамасул къват1исебги жанисебги рахъал берцинал рук1ине кколелг1адин, киналго шарт1алги квег1енлъабиги ругеб, ц1ибараб бак1алда гьабулеб х1алт1иги бук1ине ккола пайда ц1ик1к1араб. Кинаб къаг1идаялда г1уц1ун бугеб ясли-ахалда х1алт1ияли лъазелъун, дица гара-ч1вари гьабуна г1емерал соназ бажарун гьелъие нухмалъи гьабулей йигей, 48 сон педагогикияб х1алт1ул стажалъул бугей Гунашева Сабигатилгун.

Просмотров: 501 | Добавил: NiGMaT | Дата: 02.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Февраль 2015с.

Щибаб санайил цин Россиялъул, хадуб Россиялъул регионазда, гьездаго гъорлъ Дагъистаналъул Бут1руз халкъалде ва парламенталде гьарула улкаялъулго г1умруялъе к1вар бугел рахъал гъорлъе рачарал Хит1абал. Хадуб шагьаразда ва районазда г1адамазда гьоркьор лъола гьел. 22 январалъ Дагъистаналъул  Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас гьабураб Хит1абалъул бицине районалде гьал къоязда вач1ун вук1ана нилъер ракьцояв, х1укуматалъул вице-премьер Мух1амад Г1исаев.Мух1амад Г1исаевич районалде вач1ин щибаб нухалъ рохеллъун лъугьуна г1адамазе. Гьале гьанжесаги гьев хъатч1ваялдалъун к1одо гьавуна залалда г1одорч1араз. 

Просмотров: 514 | Добавил: NiGMaT | Дата: 02.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.Р.Х1амзатов.Февраль 2015с.

Т1адег1анас жиндие насиб гьабураб халатаб, зах1матаб ва цогидазе пайдаяб  г1умрудул нух  нахъа тана Хунзахъа Махулов Мух1амад Махуловичас. Февраль моц1алъ гьес бана 100 сон. К1удияб адаб-х1урматгун, республикаялъулго роцада к1одо гьабуна гьеб гьайбатаб тарих хунздерицаги, Мух1амад Махулович х1алт1арал районазул г1адамазги, цадахъ х1алт1аразги ва гьев лъалелщиназги. 23 февралалъ Мах1ачхъалаялда т1обит1ана республикаялъул нухмалъиялъул, тахшагьаралда бугеб хунздерил диаспораялъул, цогидал районазул вакиллъаби ва юбилярасул гьудул-гьалмагълъи г1ахьаллъараб г1ат1идаб дандерусин. 26 февралалъ Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб районалъул Культураялъул к1алг1аялдаги бук1ана гьелдаса нахъе ккеч1еб тадбир. 

Просмотров: 534 | Добавил: NiGMaT | Дата: 02.03.2015 | Комментарии (0)

Х1урматияв Мух1амад Махулович, дирго ва т1олалго районцоязул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула дур гьайбатаб юбилей. Дуца нахъа тараб г1асруялъул борхалъудасан балагьидал цебе ч1ола г1агараб районалъул гуребги т1олго улкаялъулго 100 сонилаб тарих. Инкъилабалдаса хадуб ц1идасан г1уц1улеб улка, гьелъул ц1илъаби ц1иризе теларилан къеркьолел бечедал, гьанжего гьанже цебет1еялъул нухда халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъулеб заманалъ фашистазул зулму-хъамалчилъи, рагъул ч1унтелал т1аг1инариялъул багьадураб зах1мат, перестройкаялъ багъаризабураб х1апу-чапур-кинабго бихьана, лъана дуда. Дур г1акъиллъиялде, х1албихьиялде, х1еренаб, сабураб, г1адатияб дур раг1уде х1ажатал руго гьаб жакъаги политикалги т1алъиялъул нухмалъиялда ругелги, г1адатиял г1адамалги.

Мух1амад Махулович, дуца нахъа тана халатаб ва зах1матаб г1умрудул нух. Лъала, бигьаяб бук1ун бутиларо, амма рак1 дур жеги бах1арго буго, херлъиги дур буго дуего хасиятаб, хасаб берцинлъи гъорлъ бессараб, ч1унтараб, ч1ун хут1араб гуреб, меседил хаслихълъи г1адаб, лъик1аб бач1инги бак1арун, бечедаб нахърателалде буссинабураб, хадусел г1елал дудаса ч1ух1изе ва мисал босизе т1амураб, Мун ватиялдаса т1олалго маг1арулал рохараб.

Сахлъи, рохел дуе жеги г1емерал соназ. Лъималаздаса гьезулги лъималазул лъималаздаса вохун таги дур хадусеб г1умруги.

Районалъул бет1ер С. Юсупов.

«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.  

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)

Республикаялдаго бищун къадруги, къиматги бугел ва пачалихъалъул жавабиял ишазда лъайги, бажариги, жавабчилъиги ц1ик1арал г1адамазул цебесеб кьерда ц1ар рехсола Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи, Хунзахъ росулъа Махулов Мух1амад Махуловичасул. 

Просмотров: 618 | Добавил: NiGMaT | Дата: 28.02.2015 | Комментарии (0)

« 1 2 ... 52 53 54 55 56 ... 85 86 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz