Воскресенье, 19.05.2024, 13:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 14 » МАРГЬАДУЛ БАГЬАДУРАСУЛ Г1АДИНАБ Г1УМРУ.
23:18
МАРГЬАДУЛ БАГЬАДУРАСУЛ Г1АДИНАБ Г1УМРУ.

Гьесул рагъулал шапакъатазда гьоркьоб буго ункъо орден ва къого медаль

TIaca бищараб махщелалда рекъон х1алт1изе рес ккеч1о

Щуго сон бараб мехалдаго вабаалъул унтудалъун эбел-эменги хун, ятимлъиялда хут1арав . Хунзахъа Халидил Къурамух1амадил Расулил халатаб г1умруялда г1емерго бат1и-бат1иял хиса-басиял ккана. Амма къисматалъул сверабазда жинде т1аде ккараб х1алт1и т1адк1алъай гьеч1еб х1алалъ т1убазабиялъул мисаллъун лъугьарав Расул Халидовасул хъулухъазул болъодул х1ок1алги бат1и-бат1иял рук1ана. Хунзахъ г1адинаб к1удияб росулъ хурухъанасул хъизамалда гьавурав васас г1олохъанлъуде вахиндал т1аса бищана хур-ахалда хурхараб махщел. 1928-1932 соназда ц1алана Дербенталъул росдал маг1ишаталъул техникумалда. Гьеб лъуг1изабун хадуб, лъаг1елг1ан заманалъ х1алт1ана Хунзахъ райземотделалъул агротехниклъун.

Гьоркьохъеб лъаялда г1ей гьабун ч1езе бокьич1ого, 1933-1936 соназда гьев ц1ализе ана доб заманалда Гроз­ный шагьаралда рагьун бук1араб Северияб Кавказ краялъул т1адег1анаб коммунистияб росдал маг1ишаталъул школалде. Гьелдаса хадув х1алт1ана Буйнакскиялда х1албихьиялъулаб станциялъул заведующийлъун, Хун­захъ районалъул агрономлъун, бет1ерав зоотехниклъун.

Рагъ лъуг1изег1анго Ленинградалда хут1ана

Т1адехун рехсовухъе, бокьун т1аса бищараб махщелалда рекъон х1алт1улев вук1арав Халидов Расулил г1умруялъулъ ккана, к1удияб хиса-баси. ВКП(б)ялъул ЦКялъул ах1иялъе жаваб гьабун, партиялъул Хунзахъ райкомалъ 1939 соналъул маялда гьев вит1ана НКВДялъул (гьанже - МВД) х1алт1уде. Чекистазул байбихьулаб х1адурлъиялъул курсаздаса хадуб т1убазабулеб бук1ана НКВДялъул Гумбет районалъул отделениялъул начальникасул хъулухъ. Гьанжеги рек1ее г1еч1о г1олохъанав чекистасе т1адег1ан лъай гьеч1ого х1алт1изе. Гьесул гьариялда рекъон вит1ана Москваялде СССРалъул НКВДялъул Т1адег1анаб школалде. 1941 соналда, рагъ байбихьилелде цебесеб моц1алъ, Халидов Расул т1амун вук1ана НКВДялъул Ленинград областалъулаб управлениялъул оперативиябгун транспорталъулаб отделалъул начальникасул заместительлъун.

Гьеб шагьаралъул къисматалда бухьараблъун лъугьана 1941 соналъул август моц1алдаго жиндиего бокьун фронталде арав Расул Халидовасул рагъул соназул х1аракатчилъи. Рагъул ахиралде щвезег1ан гьес ц1акъго к1вар бугел ва жавабиял хъулухъал т1уразаруна НКВДялъул Хасаб отделалда ва Ленинградалъулги Волховалъулги фронтазул Рагъулаб контрразведкаялда. Г1агараб районалда росдал маг1ишаталъул идарабазда х1алт1улев вук1арав Халидов Расул вахъана  контрразведчиклъун.

Тушманасул рагъухъаби парашютаздалъун рехараб бак1 т1атинабуна

Рагъулал махщелазул сиях1алде гьоркьоре уна г1арадачаг1и, минометчаг1и, автоматчаг1и, танкистал, летчикал ва цогидалги кьвагьа-г1анхъиялда г1ахьаллъулел, фронталъул цебесеб кьерда тушманасде данде къеркьолезул кьерал. Амма контрразведчикал-чекистал ккола бихьулареб рагъул къеркьохъаби. Гьайгьай, гьелги кодоб ярагъ гьеч1ого унаро рагъулаб т1адкъай т1убазабизе, ккола кьвагьа-г1анхъиязде гьоркьореги.

Цо гьединаб лъугьа-бахъин гьадин рак1алде щвезабулаан чекистас: "К1иго гьалмагъгун цадахъ дун командировкаялъ Новгородалде вит1ана гьенир ругезе кумекалъе. Немцал гьеб шагьаралде г1агарлъулел рук1ана, самолетаз гьоркьоса къот1ич1ого бомбаби рехулел рук1ана. Тушманасул самолетаздасан шагьаралдаса г1емер рик1к1ад гьеч1еб ризаб рохьоре парашютаз­далъун г1емерал рагъухъаби ракьалде рещт1ун рук1иналъул баян щун бук1ана контрразведчиказухъе. Баг1арармиялъулазул форма рет1арал гьез к1удияб зарал гьабулеб бук1ана, росабазул г1адамал г1асияб х1инкъиялде гъоркье ккезарун рук1ана. Лъалеб бук1ана гьезие аслияб т1адкъай кьун бугеблъи Баг1араб Армиялъе ц1акъго ц1ик1к1араб к1вар бугеб Октябралъулаб маххул нух (Новгород-Ленинград) хвезабизе. Амма гьелдаго цадахъ т1адкъай бук1ана ц1атари ва ярагъ жанир ругел складал кьвагьизаризе, росаби рух1изе, школазул, клубазул ва цогидалги идарабазул рукъзал щущазаризе, немцаз бергьенлъи босизе бугин халкъалда гьоркьоб хабар т1ибит1изабизе.

Парашютаздалъун нилъер ракьалде риччарал гьел рагъухъабазул лъалк1 балагьизе ва гьел щущазаризе 20 чиясдасан г1уц1араб оперативияб къокъаялъе бет1ерлъи гьабизе дида т1адкъана. Гьеб т1адкъай бергьенлъиялда т1убазабизеги бажарана. Гьенире ниж щун нахъисеб къоялъул радал хъах1лъи рехулеб г1ужалда тушманасул десантникал ругеб бак1 загьирлъана ва гьел т1уранго гъурана.

Гьереси "Иванов" мук1урлъизавуна жив немцазул жасус вугилан

Чекистасул аслияб ярагълъун бук1ине ккола жинда дандч1вараб ишалъул, лъугьа-бахъиналъул маг1на бич1ч1и, балъгояв тушман мук1ур гьавизе г1ураб ц1одорлъи, нахъг1унт1и, г1одовиччан, амма гъорлъе ваккун дандиясул г1амал-хасият хисизабизе, ай гьев мук1урлъизавизе к1вей.

Цо гьединаб лъугьа-бахъинги рак1алде щвезабулаан Халидовас. 1944 соналъул ихдал, Баг1араб Армия гьужумалде х1адурлъулеб бук1араб заманалда, разведкаялъе т1адкъай бук1ана Чудское х1орил доб цояб раг1алда ругел фашистазул аскаразул рагъулаб къуваталъул рахъалъ баянал рак1аризе. Гьеб т1адкъай т1убазе х1орил лъеда ч1вараб ц1ородасан рит1арал разведчиказул къокъаби гъоркьч1алиде т1аде кколел рук1ана. Кват1ич1ого Халидовасухъе вачун вач1ана Гдовалда г1агарлъухъ ккурав, цо басрияб рет1елги рет1арав чи. Гьес божиледухъ, ц1акъ берцинго бицунеб бук1ана жив вугин Ленинград областалъул Мчинский районалъул Дусьево росулъа Иванов ва рагъ байбихьараб мехалда Баг1араб Армиялде ах1унги вук1анин. Гьесда Халидов божулев вук1инч1о. Ленинград областалда киб щиб бугебали лъик1го лъалеб бук1индал, чекистас гьесда гьикъана Дусьево росдал колхозалда ц1ар щибилан, ц1ехана сверухъ ругел росабазул ва бак1азул ц1арал. Амма Ивановасда гьел лъалел ратич1о. Ахирги гьев мук1урлъана жив гьаниб к1варабг1ан зарал гьабизе вит1арав немцазул жасус вугин. Гьев гьереси "Ивановасдасан" щварал баяназ квербакъана нилъеразул гьужум бергьенлъиялда раг1алде бахъиналъе.

Бихьулеб бук1ахъе, чекист жиндир гьунараздаса нилъ ч1ух1изе мустах1икъав ракьцояв тушманасулгун квержубараб рагъулъ г1ахьаллъич1о, гьес кьвагьараб автоматалъ фашистазул самолетал рортизарич1о, танкал щущазарич1о, амма щибаб къоялъго г1адин гьевги г1ахьаллъана бит1ахъего хвалиде бадире балагьизе ккарал лъугьа-бахъиназулъ, лъабц1ул лъукъун вук1ана ва лъабц1улго гъугълъунги вук1ана. Мустах1икълъана

рагъулал шапакъатазе: ункъо орденалъе ва къого медалалъе. Умумуздасан ирсалъе щун гьесул .чорхолъ бессараб бах1арчилъиялъ, махщалил камиллъиялъ, ккараб ах1вал-х1алалъул х1исаб гьабизе ва гьелдаса пайда босизе г1ураб г1акъиллъи-ц1одорлъиялъ квербакъана г1емерал советиял солдатал ва офицерзаби хвалдаса хвасарлъиялъе, машгьураб. коч1олъ рехсовухъе, "Бергьенлъиялъул къо г1агарлъизабиялъе".

Культсанштурмалъул соназда щвараб шапакъатги рехсезе ккела

Рагъ лъуг1ун хадуб, 1945 соналъул августалда, Дагъистаналде т1адвуссарав Халидов Расул г1емерал соназ х1алт1ана МГБялда (КГБ) - партбюроялъул секретарьлъун, 4-абилеб ва 7-абилеб отделазул начальниклъун. 1954-1970 соназда гьес т1убазабуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул т1оцевесев заместителасул т1адег1анаб хъулухъ. Гьев жигаралда г1ахьаллъулаан республикаялъул жамг1иял ишазулъ. 1954 соналдаса байбихьун лъебергог1ан соналъ хисич1ого бет1ерлъи гьабуна "Динамо" физкультуриябгун спортивияб обществоялъе. 1982 соналда Москваялда т1орит1арал XXII Олимпиялъулал х1аязде Дагъистаналъул спортсменал х1адур гьариялъулъ бихьизабураб х1аракатчилъиялъухъ гьесие кьуна "Дагъистан АССРалъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан" абураб ц1ар.

Халидов Расул, лъеберго соналъ КГБялъул ва МВДялъул органаздаги х1алт1ун, х1алхьиялде ана 1970 соналъул январалда. Гьесул рагъулал шапакъатазул нилъеца бицана. Т1аде журазе ккола Баг1араб Ц1ваялъул ва Зах1маталъулаб Баг1араб Байрахъалъул орденал, ракълилаб х1аракатчилъиялъухъ щварал медалал, xlypматиял ц1арал, Х1урматалъул грамотаби. 1931 соналдаго гьев мустах1икълъараб т1оцебесеб шапакъатги рехсезе ккела. Дол культсанштурмалъул соназда Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоса хъвазе-ц1ализе лъангут1и лъуг1изабиялъе гьабураб гьужумалде гъорлъе жиндиего бокьун хъварав, 19 сон барав Расул вит1ун вук1ана Гумбет районалъул Г1аркьухъ росулъе. Лъабго моц1алда жаниб гьеб росулъа 144 чиясда хъвазе-ц1ализе малъун, республикаялда т1оцебесеб бак1 ккуна гьес ва культсанштурмалъул штабалъул рахъалдасан шапакъаталъе - Х1урматалъул грамотаялъе мустах1икълъана.

Ахиралдаги абила, Хунзахъа Халидил Къурамух1амадил Расулил бук1анин маргьадул багьадурасул гlaдинаб г1умру. Гьеб загьирлъун буго "Контрразведчикасул хъвай-хъваг1аял" т1ехьалда бицаралъулъ.

Myxlaмадкамил  Гьиматов.

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz