Лъимал т1угьдул ратани, воспитателал ахихъабиги ккола
Нилъер бук1инесеб бараб буго педагогасда, гьесул лъаялда ва бажариялда. Жакъасеб ц1иял технологиязул заманалда, нилъее х1ажат руго махщел камилал, бажари ц1ик1к1арал педагогал. Гьеле гьел профессионалияб махщел ц1ик1к1арал педагогал загьир гьари, гьезул къимат борхизаби, гьезул цебет1ураб педагогикияб х1албихьи цоцазухъе кьей бук1уна, щибаб соналда г1адатлъун лъугьун бук1ахъе Россиялда, республикаялда, районалда т1обит1улеб «Лъаг1алил воспитатель» конкурсалъул.
Гьал къоязда районалда т1обит1улеб «Лъаг1алил воспитатель - 2015» конкурсалда г1ахьаллъулел воспитателаздехун юссун баркиялъулаб к1алъайги гьабун, районалъул лъай кьеялъулаб отделалъул школалда цебесеб лъай кьеялъул рахъалъ специалист Хатимат Г1амирхановалъ баян гьабуна районалда 5 зонаялда бат1а-бат1аго т1орит1арал конкурсазда 17 воспитательница г1ахьаллъи, гьездасан жиде-жидер зонаялдаги бергьун, финалалда г1ахьаллъулел цояздаса цоял лъик1ал воспитателал рук1ин. Гьезул щиялъул х1алт1уе бит1араб къимат кьей ва мустах1икъал т1аса рищи кколин нилъер аслияб мурадлъунилан лъазабуна гьелъ. Хадубккунги кинаб тартибалда конкурс т1обит1изе бугебали бицун, Хатиматица г1ахьалчаг1азе гьарана жидерго лъай, махщел бихьизабулелъул бит1ккей ва бажари.
Финалалда г1ахьаллъана Цахаева Аминат Х1ажимурадовна, Хунзахъ № 1 «Малыш» ясли-ахалъул воспитательница; Расулова Багисултан Дибировна, Ц1ельмес росдал «Сказка» ясли-ахалъул воспитательница; Абакарова Марьям Мух1амадовна, Шотода «Улыбка» ясли-ахалъул воспитательница; Г1алиева Г1азра Мух1амадовна, Ц1ада «Журавленок» ясли-ахалъул воспитательница.
Конкурсалъул т1оцебесеб къоялъ воспитателаз бихьизабуна жидер бищунго рак1 т1аде ц1алеб, жидее бищунго бокьулеб х1алт1и, кверзул, к1алзул, х1ат1ил махщел – гьунар - «хобби-клуб» Хъумузалда бачунеб берцинаб макъаналдалъун байбихьана жиндирго цееяхъин «Улыбка» ясли-ахалъул воспитательница Абакарова Марьямица. Балагьаразул рек1ее к1удияб асар гьабулел макънал хъумузалда рачин гуребги, гьелда лъалеб бугоан куназ берцинго букъизе, кьурдизе ва гь.ц. гьабизе.
«Малыш» ясли-ахалдаса Цахаева Аминатица бихьизабуна бисеразул кумекалдалъун угьине, х1ат1ул, гипсалъул х1алт1аби гьаризе жиндирго бугеб махщел, кьурдизе бугеб гьунар.
Азаркьерал кагътил т1угьдул гьаризе бугеб бажари бихьизабун балагьаразул рак1ал х1айран гьаруна Ц1ада ясли-ахалъул воспитательница Г1алиева Г1азраца. Гьеб г1емераб зах1мат ва заман т1ад унеб кагътил оригами гьабиялде т1адеги, Г1азраца балагьарал г1ажаиблъизаруна жиндаго поэзия лъик1 лъалеб бук1ин, куч1дул рик1к1ине бугеб махщел бихьизабунги.
Кагътил, мугьазул, г1ег1учазул, х1алт1ул кумекалдалъун лъималазул рак1ал рохизарулел, гьезул х1алт1уде рокьи бижизабулел, кверзул махщел цебе т1езабулел алатал рихьизаруна Ц1ельмесалдаса Расулова Багисултаницаги. Гьезул киназулго х1алт1абазухъ балагьидал бихьулеб бук1ана гьез жидерго х1алт1и к1удияб рокьигун, иш лъан гьабун бук1ин.
«Дир педагогикияб кредо» абураб бут1аялда г1ахьаллъулез бицунеб бук1ана жидерго махщалил, жидерго х1албихьиялъул х1акъалъулъ.
Киналго занятиязе, хобби-клубалъе къимат кьезе бищун бук1ана хассаб жюриги. Гьелъ х1исабалде босулеб бук1ана занятиялъул г1уц1и, педагогикиял инновациял творческияб къаг1идаялда х1алт1изаризе лъай, занятиялъ цебе лъураб масъала т1убазе к1вей, к1унгут1и.
Ахиралда киналго номинациязул х1асилалги гьарун, т1оцебесеб бак1алъе мустах1икъайлъун рик1к1ана Ц1ада ясли-ахалъул воспитательница Г1алиева Г1азра, к1иабилеб бак1 гьоркьоб бикьана ращадал баллал щварал Цахаева Аминатидаги (Хунзахъ № 1 ясли-сад) Абакарова Марьямидаги (Шотода) гьоркьоб, лъабабилеб бак1 кьуна Цельмесалдаса Расулова Багисултание.
Бергьенлъи босарал педагогазе кьуна г1арцулал сайгъатал ва данд рекъон кколел даражаялъул дипломал.
Конкурсалда бергьенлъи босарал г1ахьаллъизе руго республикаялда т1обит1улеб «Лъаг1алил воспитатель - 2015» конкурсалда.
Нух бит1аги нужее, воспитателал! Мурад буго бергьенлъигун нуж гьенисаги т1ад руссин.
*** *** ***
Киналго конкурсалда г1ахьаллъараз, лъай кьеялъул отделалъул методикияб централъ рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабулеб буго Хунзахъ бугеб лъимал церет1езариялъул централъул х1алт1ухъабазе (заведующая Сиядат Г1исаева), конкурс т1обит1изе киналго шарт1ал, х1ажатаб щинаб ч1езабуралъухъ. Ахиралдаги гьабураб гьоболлъиялъухъ рак1 разияб гьимиялъухъ.
Н. Г1алиева.
|