Тарихалъул дарсал к1очон тей – гьеб ккола нилъеца нилъерго умумузул адаб тей ва г1олеб г1ел ч1орогоял маххул расанк1абилъун г1езари. Нилъерабго сурун бихьун, аралъулъ гъалат1ал ралагьун, чиярабго цебекквеялъ рачуна талих1къосиналде. Г1олеб г1ел жидерго улкаялъул х1акъикъияб тарих лъалеллъун ва бокьулеллъун гьеч1они, рес буго миллаталъул хаслъи, х1атта миллат х1исабалда жибго т1аг1инецин.
К1удияб Ват1анияб рагъулъ нилъер улкаялъ ва нилъер умумуз босараб хвел гьеч1еб Бергьенлъи халкъазда к1очон тезелъун, гьересияб политика цо-цо пачалихъаз билълъинабулеб мехалъ, нилъеца – бах1арзазул наслабаз кинабго гьабизе ккола бит1араб тарих ц1унизелъун.
Исана 70 сон т1убала вах1шияб фашизмаялда т1ад Советияб халкъалъ Бергьенлъи босаралдаса. Гьелъул х1урматалда г1иц1го 9 май гуребги, т1олабго сонго гьелде буссараб бук1инелъун, гьаризесел х1алт1аби гьоркьор лъезелъун, 3 марталъ Хунзахъ т1обит1ана муг1рузул районазул семинар – совещание. Гьеб г1уц1ун бук1ана муг1рузул территориалияб округалъул полпред Зайнулг1абидов Мух1амадх1ажи Баширхановичасул нухмалъиялда гъоркь. Данделъиялда г1ахьаллъана районазул бут1рул, министерствабазул вакилзаби, нилъер ч1ух1и – генерал-майор Г1умар Муртазаг1алиевич Муртазаг1алиев ва цогидалги.
Хунздерил т1алъиялъе хасиятаб квачалъухъ ралагьич1ого, вакиллъаби къокъана, Бергьенлъиялъул юбилеялъул х1урматалда, К1удияб Ват1анияб рагъда т1аг1аразе бараб мемориалалда цере т1угьдузул горал лъезе. Г1адатияб халкъалъул т1адег1анаб бах1арчилъиялъе къимат кьураб к1алъаялдалъун бах1арзал к1одо гьаруна генерал-майор Г1умар Муртазаг1алиевас…
Т1угьдул лъеялдаса хадуб киналго данделъана семинар-совещание т1обит1изе бугеб культураялъул к1алг1аялде. Х1урматиял гьалбадерилгун г1одорч1аразул лъай-хъвай гьабиялдалъун данделъи рагьана полпред М. Зайнулг1абидовас. Гьес бицана Бергьенлъиялъ 70 сон баялде, гьеб т1адег1анаб даражаялда т1обит1изелъун, ДРялъул Бет1ерасда цебе Бергьенлъиялъул республикаялъулаб комитет г1уц1ун бугиланги.
Бач1унеселъул г1уц1арухъаби гьанжесел г1олилал кколелъул, Бергьенлъиялъул къоялда хурхун г1олилаз гьабизесеб х1алт1ул мух1канго бицана г1олилазул ишазул рахъалъ министр Заур Къурбановас. Г1уц1улел руго «Г1олилазул регионалияб штаб» ва «Дагъпатриотцентр» чваххиял, бак1азда рук1ине руго гьезул отделениял. Рагъул ветераназде, гьезие баркала кьун, хъвазе руго «Бергьенлъиялъул кагътал», май моц1алда ч1езе руго сиреналъул гъут1би- («Сирень Победы»). Т1орит1изе руго «Бергьенлъиялъул километрал» абураб ах1иялда гъоркь вело ва мотопробегал. Х1инкъи-къай гьеч1ез г1ахьаллъи гьабизе бегьула Маяк маг1арде рахиналъулъ(Акция «Восхождение»). Рак1алда буго тахшагьаралда «Бергьенлъиялъул ирсилазул парад» т1обит1изе: 7 маялъ 7000 г1олилав г1ахьаллъизе вуго гьелда. Парадалда г1ахьаллъизе ах1изе руго Россиялъул шагьараздаса, Крымалдаса, Севастополалдаса г1олилалги. Г1олилаз гьаризесел х1алт1абазул сиях1 жеги халатаб буго. Г1олилазул бицунаго, З. Къурбановас абуна маг1наял, ц1одорал, кутакалда дун разиял раг1аби: г1олилазул х1алт1абазде гъорлъе гьоркьохъеб ва ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамал ц1азе кколила, цо къоялъги к1удиясул г1акълу ц1ик1к1араб бук1унелъул.
90 сон исана балев Бах1арчи, ц1ар раг1араб ТОКСалъул нухмалъулев, Афгъан рагъул г1ахьалчи, генерал-майор Г1умар Муртазаг1алиевичасул г1акъилаб, рух1ияб рахъалъ бечедаб к1алъаялъ нилъер умумузул Бергьенлъи рак1алде щвезабуна. Рагъул соназ вахъана 75 Совет Союзалъул Бах1арчи – дагъистанияв, микьгояв мустах1икълъана лъабабго даражабазул «Слава» орденазе. Украинаялъул Донецк ц1унулаго г1умру кьуна 800 дагъистанияс. Генерал-майорас бицана, перестройкаялъул х1асилалда, нилъер ракьцояв Бах1арчи Х1ажиевасул хисун, бат1ияб лъун бук1араб ц1ар т1ад буссинабизе к1ванин Х1ажиево шагьаралъеян.
Нижеца рак1-рак1алъ баркула бах1арчияв маг1аруласда гьесул баракатаб г1умруялъул ва ТОКСалъул 45 сон баялъул юбилеял. Жеги чанги соназ сахаб г1умруялда таги мун!
Нилъер районалъ Бергьенлъиялъулъ лъураб бут1аялъул бицана нухмалъулев Саг1ид Юсуповас. Районалдаса К1удияб Ват1анияб рагъде ун вуго 2634 чи, т1ад вуссун гьеч1о 1407 чи. Бергьенлъиялъул х1урматалда, районалда гьаризесел х1алт1абазул бицунаго, бет1ерас абуна гьаб соналъ, «Реццалъул Аллея» гьабизе рак1алда бугилан. Хъатч1ваялда гъоркь, С. Юсуповас Бергьенлъиялъул 70 сонилаб юбилеялъулал медалаздалъун к1одо гьаруна: К1удияб Ват1анияб рагъул ветеран, Мух1амадрасул Гьиматов ва Зах1маталъул ветеранал – Мух1амадова Пат1имат Хъайнтмазовна, Шалапов Муса Х1ажибекович, Мух1амадов Т1алх1ат Мух1амадович, Набиев Мух1амад Набиевич, Х1усейнов Х1усейн Мух1амадович, Гьиматов Саг1аду Гьиматович, Мусаев Сах1уч Хъазанбиевич, Х1ажиев Мух1амад Г1алиевич, Къадиев Мух1амадрасул Шахшаевич ва Мух1амадов Абакар Мух1амадович.
Юбилейниял медалаздалъун к1одо гьаризе руго киналго ветеренал. Бергьенлъиялда хурхунва гьадингоги жидецаго гьабулеб г1олилазе патриотикияб тарбия-лъай кьеялъул х1алт1ул бицана Г1арани бугеб рагъулаб часталъул начальникасул заместитель, подполковник Петроченков Владимир Алексеевичас. Исана 1 авгуталъ рагъулаб часть г1уц1аралдаса балеб буго 20 сон. Хундерида киданиги к1оченаро гьениб хъулухъ гьабулаго г1умруялдаса рат1алъарал росуцоял.
Жиде-жидер районазда, Бергьенлъиялъул юбилеялда хурхун гьаризесел х1алт1абазул баян кьуна Кули, Г1ахъуша, Гъуниб районазул бут1руз ва Ц1умада районалъул администрациялъул бет1ерас.
Нилъер тарих, рагъал, бах1арчилъи, бергьенлъаби нилъеда киданиги к1очене бегьуларо, гьел нилъеца ц1унизе ккола эбелалъ лъимерг1адин. Тарих ц1унич1они миллат миллатлъунги хут1уларо.
Семинар-совещаниялъул бук1ана цойги к1иабилеб, амма г1езег1ан к1вар бугеб цоги суалги – ахихъанлъиялда хурхараб.
Ахал г1езариялъулъ жидерго районазда гьарулел х1алт1абазул ва дандч1валел зах1малъабазул бицана Хьаргаби ва Ц1унт1а районазул нухмалъулез. Данделъаразда цере рахъана ДРялъул росдал маг1ишаталъул ва лъел маг1ишаталъул министерствабазул вакилзаби. Аслияб къаг1идаялъ гьезие кьуна жидерго х1алт1абазда хурхарал суалал.
Совещаниялъул ахиралда данделъаразе бихьизабуна прессхъулухъалъ Бергьенлъиялъул юбилеялде х1адурараб фильмги.
Рагъ, г1умруялда гуреб, киноялда хут1изелъун, бокьун буго макъала генерал-майор Г1умар Муртазаг1алиевасул раг1абаздалъун лъуг1изабизе: «Нужеца ярагъ кодобе босуге, зулмучилъи гьабуге!» Г1акълу кьеги щивасе гьел г1акъилал раг1аби г1адахъ росизе.
П. Гунашева.
|