Среда, 08.05.2024, 03:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 07

ХIурматиял улбул, яцал, ясал гьале цIидасанги хасалил бакIаб макьидаса тIабигIат борчIулеб ва гьелъ гIадамазул ракIазулъе аваданлъи бачIунеб буго. Гьелъго батила тIолго дунялалдаго нужер адаб-хIурмат гьабун руччаби кIодо гьариялъул байрам тIобитIулебги. ЧIужугIадан, гьей ккола рукъалъул гъанситоялъуб цIа цIунулейги,лъикIаб тарбия кьун, жинда бихьулеб гIакъуба-захIматалъухъ балагьичIого лъимал гIезарулейги, социалиябгун экономикияб рахъалъ росабалъгун районалда цебетIей букIинабиялъе гIоло хIаракатай къеркьохъанги. Нуж руго районалъул жамгIияб гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулелги, маданияб, сахлъи цIуниялъул, лъай кьеялъул бутIабазда хIалтIулъ
церехъабилъунги Нилъер районалъул руччаби кидаго рукIана ва гьабсагIатги руго чIужугIаданалъул тIадегIанаб налъи бичIчIулеллъун, магIарул яхI-намус борхатго ккураллъун, ккаралъуб бажариги къохIехьейги бугеллъун, жидер росу-ракьалъулги районалъулги къадру цIунараллъунги.
ХIурматиял! РакI-ракIалъго баркула нужеда ТIолгодунялалъул руччабазул байрам – 8 март. Биччанте нужер щияй йохизе ва чIухIизе нужерго лъималаздаса, бачIунгеги тIаде пашманаб къо, гьарула нужее хъизан-рукъ рекъараб, парахатаб гIумру, нужер лъималазе – щулияб сахлъи, иман. Даимлъаги нужер гъасда канлъиги, хинлъиги, лъикIлъиги. 

«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бетIер С. ЮСУПОВ.
Районалъул собраниялъул председатель Х. ХВАДЖАЕВ.
«РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ» газеталъул коллектив

Просмотров: 514 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2015с.

Тарихалъул дарсал к1очон тей – гьеб ккола нилъеца нилъерго  умумузул адаб тей ва г1олеб г1ел ч1орогоял маххул  расанк1абилъун г1езари.  Нилъерабго сурун бихьун, аралъулъ гъалат1ал ралагьун, чиярабго цебекквеялъ рачуна талих1къосиналде. Г1олеб г1ел жидерго улкаялъул х1акъикъияб тарих лъалеллъун ва бокьулеллъун гьеч1они, рес буго миллаталъул хаслъи, х1атта  миллат х1исабалда жибго т1аг1инецин.

Просмотров: 652 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.Баху Мух1идинова.Март 2015с.

Гьале къват1ибе бач1ана Гъалбац1овасул тарихияб роман «Суракъат».

Нилъедаги, ва дагьабги ц1акъ Гъалбац1овасда жиндагоги рак1алда бук1инч1о гьеб раг1алде бахъинч1ого басмаялда бахъизе. Аллагьасул хъвай бат1ияб бук1ун бугоха. Гьебги, гьеб гуреб, цойги чанги хъвалаго хут1аралги, хъвазе рак1алда рук1аралги, г1емераб г1акъилаб, ц1одораб пикруги цадахъ босун ват1алъана нилъедаса Гъазимух1амад. Я, Аллагь, Алжан насибавлъун ватаги…

Просмотров: 620 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2015с.

Маг1арулал гьеч1они-гьеч1о Дагъистан

Дир хириял, г1агарал, рокьулел маг1арулал, нуж кидаго рук1ана бах1арчияллъун, къвак1араллъун, х1инкъи-къай гьеч1еллъун, ккаралъур ратулеллъун. Маг1арулал ккола Дагъистаналда ц1ик1к1арал миллатазул цояллъун. Нилъер миллаталъ инсанияталъе рижана чанги бергьарал васалги ясалги.Гьал къоязда, Авар театралда халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул х1урматалда, данделъун рук1ана шагьараздасагун районаздаса маг1арулал. К1иго къоялъ халат бахъараб, рахьдал мац1алъул байрам миллатцоязе чанго соналъ т1обит1улеб буго квер г1ат1идав, маг1арулал цолъиялъе ц1айи бугеб х1алт1и гьабулев, Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша Г1умахановас г1уц1араб маг1арулазул миллиябгун маданияб регионалъулаб автономиялъ. 

Просмотров: 1557 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)

Автор.П.Гунашева.Март 2015с.

Кутакалда ц1ик1к1араб къуват бук1уна раг1ул. Раг1уца г1адан вахъинеги гьавула, раг1уца г1адан ч1вазеги бегьула. Раг1ул къуват кодосел чаг1илъун ккола хъвадарухъабиги поэталги. Классиказул поэзиялъулгун прозаялъулал, пасих1ал, цо ц1аларабго рек1елъе рортулел ялъуни Ват1ан, росу-ракь бокьиялде ах1арал яги философияб маг1на бугел-киналго асарал данде гьарула ва ц1унула литератураялъ. Литератураялъ рагьула нилъерго мац1алъул гъварилъиги, пасих1лъиги, поэзиялъгун прозаялъ инсан гьавула рух1ияб рахъалъ бечедавлъунги. 

Просмотров: 851 | Добавил: NiGMaT | Дата: 07.03.2015 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz