Воскресенье, 19.05.2024, 13:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 7 » 2015 СОН-ЛИТЕРАТУРАЯЛЪУЛ СОН.
23:10
2015 СОН-ЛИТЕРАТУРАЯЛЪУЛ СОН.

Кутакалда ц1ик1к1араб къуват бук1уна раг1ул. Раг1уца г1адан вахъинеги гьавула, раг1уца г1адан ч1вазеги бегьула. Раг1ул къуват кодосел чаг1илъун ккола хъвадарухъабиги поэталги. Классиказул поэзиялъулгун прозаялъулал, пасих1ал, цо ц1аларабго рек1елъе рортулел ялъуни Ват1ан, росу-ракь бокьиялде ах1арал яги философияб маг1на бугел-киналго асарал данде гьарула ва ц1унула литератураялъ. Литератураялъ рагьула нилъерго мац1алъул гъварилъиги, пасих1лъиги, поэзиялъгун прозаялъ инсан гьавула рух1ияб рахъалъ бечедавлъунги.

Исанисеб сон Россиялда литератураялъул сонлъун лъазабун бугелъул, 4 марталъ райцентралда культураялъул к1алг1аялда рагьана литератураялъул сон. Гьелда г1ахьаллъана районалъул т1оцересел г1адамал, хъвадарухъабигун шаг1ирзаби. Районалъул школазул муг1алимзаби ва цогидалги.

Жиндир пагьмуялъе г1емерал халкъал мук1урлъарав Расул Х1амзатовасул хвел гьеч1еб «Къункърабазда» гъоркь районалдаса рахъарал, жакъа нилъгун гьеч1ел ц1ар раг1арал г1адамал: шаг1ирзаби, хъвадарухъаби, артистал, политикал ва хадубго берцинаб пандрил бакъаналда гъоркь нилъгун ругел раг1ул устарзаби, росу-ракь жидедаса ч1ух1улел г1адамал слайдазда рихьизариялдалъун рагьана литератураялъул сон нилъер районалда. Гьединаб маг1на гъваридаб байбихьиялъе, хадубккун т1адег1анаб къимат кьуна байрамалде рач1арал гьалбадерица.

Шаг1ирзабазухъгун хъвадарухъабазухъ г1одоре риччан ралагьун рук1арал г1адамал, рак1алдаго гьеч1ого, циндаго т1аде рахъинаруна Россиялъул гимналъ, рахъун ч1ун к1одо гьабуна маг1арулаз ах1улеб Дагъистаналъул гимнги.

Районалъул нухмалъулесул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас литератураялъул сонги баркун, гьеб лъазабуна рагьараблъун. «Интернеталъ ва социалиял сетаз т1ехьалъул къимат нахъе ккезабун бук1аниги, т1ехь кидаго ккола т1ехьлъун, гьелъ инсанасе мух1канаб лъай кьолелъул. Т1ахьал ц1алулесул бук1уна бит1араб берцинаб мац1, гъваридаб лъай»,-ян абурал раг1абаздалъун т1адег1анаб къимат кьуна т1охьое, баркиялъулаб к1алъаялда, районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас. Литератураялъул соналъул х1урматалда, культураялъул К1алг1а араб соналъ къач1арабг1адин, лъик1аб ремонт гьабуна къач1азе буго Хунзахъ централияб библиотекаги. Къач1азе буго халкъияв шаг1ир Г1абасил Мах1амадил ц1ар кьураб лъег1елдерил школа, росулъ базе буго гьесулго ц1ар лъезесеб лъималазул паркги. Мунагьал чураяв Гъазимух1амад Гъалбац1овасул мурад т1убан, рак1алда буго т1алъиялде рач1унеб бак1алда т1охьое памятник лъезеги. Литератураялъул соналда хурхун, г1емерал тадбирал т1орит1изе руго школазда, библиотекабазда ва росабазул культураялъул рукъзабахъ.

Литератураялъул сон рагьиялъул тадбиралда к1одо гьаюна гьанжег1агар «Халкъияй шаг1ир» абураб т1адег1анаб ц1ар щвеялдалъун, районцоял рохизарурай поэтесса Залму Батирова. Т1адег1анаб ц1арги Залмуда баркун, гьей сайгъаталдалъун ва рек1елъе рортулел берцинал раг1абаздалъун к1одо гьаюна районалъул бет1ерас.

Сценаялде яхарай Залму Мух1амадовнаялъ бицана куч1дузул, харбазул бугеб к1варалъул, гьез инсанасе гьабулеб рух1ияб асаралъул. Шаг1ирзабазул асаразулъ к1вар кьун г1енеккани, бихьула гьел хъварасул заманалъул тарих, гьелъул хаслъи, лъугьа-бахъинал. Халкъияй шаг1иралъ ц1алана жиндирго куч1дулги.

Литератураялъул сон рагьиги, Залму Батировалъе гьей мустах1икъаб шапакъат щвейги баркун к1алъана гьелъул пероцоял-шаг1ирзаби ва хъвадарухъаби: Мух1амад Патах1ов, Тубх1ат Зургьалова, Мах1муд-Апанди, Дакул фондалъул директор Асх1абг1али Х1асанов, Мух1амад Г1абдулг1азизов, Сабигат Мух1амадова, Залму Мух1амадова, Г1айшат Г1алиева, Пат1имат Мух1амадова, Мух1амад Х1осенов. Хунзахъ район кидаго бечедаб бук1анин пагьму-гьунар бугел, махщел камилал раг1ул устарзабаздалъунан бихьизабуна к1алъараз. Гьезул щивас пасих1го ц1алана жидерго куч1дулги.

Гьай-гьай, киналго гьалбал мустах1икъал руго  т1адег1анаб реццалъеги, адабалъеги. Амма, дица гьаниб хас гьаюн Тубх1ат Зургьалова рехсеч1они, гьеб бук1ина дир гъалат1лъун (цойгидазда гьарула г1айиб гьабугеян). Тубх1атил рак1 рагьараб, г1адатияб г1амал-хасияталъги, махсароги унго-унгояб х1акъикъат жубараб, ххвалиего гуреб,  рек1ел т1индасан рижарал раг1абазги, ч1ух1аралин абулел хунз асир гьаруна. Гьелъ рак1алде щвезаруна Расул Х1амзатов, Г1абасил Мах1амад, Гъазимух1амад Гъалбац1ов жиндаго цадахъ х1алт1улел рук1араб заман, гьезда хурхарал цо-цо лъугьа-бахъинал.

Районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасе, гьес гьабураб х1алт1ухъ, х1алт1и г1уц1изе бугеб жигарчилъиялъухъ, лъик1аб къиматги кьун т1ахьал сайгъат гьаруна А. Х1асановас, М. Г1албулг1азизовас, З. Мух1амадовалъ.

Маг1арул мац1 ц1унизе ккеялде  руссарал рук1ана тарихчи Г1алибег  Хъазанбиевасул ва Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул муг1алим Пат1имат Х1амзатовалъул к1алъаялги.

Нилъеца инкар гьабуна нилъерго киг1анги берцинаб миллияб рет1ел-хьиталдаса. Маг1арулаз рокъобги къват1ибги хасго шагьаразда рахьдал мац1алдаса ц1ик1к1ун бицунеб буго г1урус мац1. Нилъерго аслияб хазина-болмац1 ц1унизе ккола нилъецаян абурал пикраби загьир гьаруна гьез.

Кинаб байрамха бук1унеб, хасго шиг1руялда хурхараб, кеч1-бакъаналъул х1аракатчаг1азул церерахъинал гьеч1еб. Кидагог1адин, г1одорч1аразул рак1ал рохизаруна Г1айшат Тажудиновалъ, Парихан Мусаевалъ, Пат1имат Султ1ановалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ, Чаран Султ1анбеговас ва гь. ц. Лъик1аб церерахъин х1адурун бук1ана  пагьму-гьунар бугел лъималазул централъул ц1алдохъабаз, хасго Г1арани гьоркьохъеб школалдаса Артцул Хъаничаца ва Батиров Къасумица.

Байрамалъул ахирги бук1ана, байбихьигог1адаб, г1адамазда рак1алда ч1олеб, берцинаб. Жиндирго г1умру  культурагун цолъарав, г1емерал соназ культураялъул управлениялъе нухмалъи гьабурав Мах1ач Х1асановасул бет1ерлъиялда гъоркь т1аде рач1арал гьалбадерица ва культураялъул х1аракатчаг1аз ах1ана кеч1. Ц1ияй халкъияй шаг1иралъе ва т1аде рач1аразе кьуна сайгъаталги.

«Ц1але, ц1але, ц1але дир ц1одор»  ян абураб  Ц1адаса Х1амзатил  г1акъилаб насих1аталдаги нахърилълъун киг1анго «гьуинаб, рат1алъизе к1олареб» интернет бук1аниги, хасго г1ун бач1унеб г1елалъ, мех-мехалъг1аги, ц1але бечедаб хазина жиндилъ батулеб т1ехь. Нужер гьелдаса рак1 бух1иларо.

П. Гунашева.

     

Просмотров: 856 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz