ХIурматиял улбул, яцал, ясал гьале цIидасанги хасалил бакIаб
макьидаса тIабигIат борчIулеб ва гьелъ гIадамазул ракIазулъе аваданлъи
бачIунеб буго. Гьелъго батила тIолго дунялалдаго нужер адаб-хIурмат
гьабун руччаби кIодо гьариялъул байрам тIобитIулебги.
ЧIужугIадан, гьей ккола рукъалъул гъанситоялъуб цIа цIунулейги,
лъикIаб тарбия кьун, жинда бихьулеб гIакъуба-захIматалъухъ балагьичIого
лъимал гIезарулейги, социалиябгун экономикияб рахъалъ росабалъгун
районалда цебетIей букIинабиялъе гIоло хIаракатай къеркьохъанги. Нуж
руго районалъул жамгIияб гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулелги,
маданияб, сахлъи цIуниялъул, лъай кьеялъул бутIабазда хIалтIулъ
церехъабилъунги
Нилъер районалъул руччаби кидаго рукIана ва гьабсагIатги руго
чIужугIаданалъул тIадегIанаб налъи бичIчIулеллъун, магIарул яхI-намус
борхатго ккураллъун, ккаралъуб бажариги къохIехьейги бугеллъун,
жидер росу-ракьалъулги районалъулги къадру цIунараллъунги.
ХIурматиял! РакI-ракIалъго баркула нужеда ТIолгодунялалъул
руччабазул байрам – 8 март. Биччанте нужер щияй йохизе ва чIухIизе
нужерго лъималаздаса, бачIунгеги тIаде пашманаб къо, гьарула нужее
хъизан-рукъ рекъараб, парахатаб гIумру, нужер лъималазе – щулияб
сахлъи, иман. Даимлъаги нужер гъасда канлъиги, хинлъиги, лъикIлъиги.
«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бетIер С. ЮСУПОВ.
Районалъул собраниялъул председатель Х. ХВАДЖАЕВ.
«РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ» газеталъул коллектив.
|