Воскресенье, 19.05.2024, 13:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 7 » РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ БАЙРАМ.
23:15
РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ БАЙРАМ.

Маг1арулал гьеч1они-гьеч1о Дагъистан

Дир хириял, г1агарал, рокьулел маг1арулал, нуж кидаго рук1ана бах1арчияллъун, къвак1араллъун, х1инкъи-къай гьеч1еллъун, ккаралъур ратулеллъун. Маг1арулал ккола Дагъистаналда ц1ик1к1арал миллатазул цояллъун. Нилъер миллаталъ инсанияталъе рижана чанги бергьарал васалги ясалги.

Гьал къоязда, Авар театралда халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул х1урматалда, данделъун рук1ана шагьараздасагун районаздаса маг1арулал. К1иго къоялъ халат бахъараб, рахьдал мац1алъул байрам миллатцоязе чанго соналъ т1обит1улеб буго квер г1ат1идав, маг1арулал цолъиялъе ц1айи бугеб х1алт1и гьабулев, Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша Г1умахановас г1уц1араб маг1арулазул миллиябгун маданияб регионалъулаб автономиялъ.

Рахьдал мац1алъул т1оцебесеб къоялъ Авар театралда рихьизаруна «К1удияв Г1умахан», «Г1абасил Мах1амад», «Г1абдурах1ман Даниялов» абурал маг1арул мац1алда рахъарал документалиял фильмал, данделъарал маг1арулазул кеч1-бакъаналдалъун рак1ал рохизаруна коч1охъабазгун кьурдухъабаз. Рихьарал фильмазул х1акъалъулъ жидерго пикраби загьир гьаруна политикияв х1аракатчи Г1абдулат1ип Х1ажиевас, журналист Шамил Мух1идиновас, «Мавраевъ» басмаханаялъул нухмалъулев Рабадан Мух1амадовас ва гь.ц.

«Маг1арул басма бихьизаби» абураб к1иабилеб къоялъ жидерго х1алт1и бихьизабизе, ай газет-журналалгун, т1ахьалгун, гьеб гуребги маг1арулазул миллияб квен-т1ехгун, щибаб бак1алъе хасиятаб т1аг1ел-алатгун, Авар театралде рач1ун рук1ана Хунзахъ, Шамил, Гумбет, Ц1умада районазул ва Хасавюрт шагьаралъул редакциязулгун телевидениязул, «Х1акъикъат», «Миллат», газетазул, «Гьудуллъи» журналалъул, бат1и-бат1иял басмаханабазул х1алт1ухъаби. Бат1ияб дунялалде ккарабг1адаб, рек1ее т1адагьлъи кьолеб асар гьабулеб бук1ана миллияб рет1ел-хьиталдалъун къач1арал маг1арулал рихьидал.

Байрамалда гугьар базабун бук1ана, цересел соназ бук1инч1еб, гьоц1дерил г1арцул т1аг1алабазул, бакълъулазул паркъелел ругел г1ерт1азул, ансадерил ц1улал т1аг1алабазул выставкаялъги. Бокьарав чиясе гьел росизе ресги бук1ана.

Кутакалда берцинаб церерахъин х1адурун бук1ана Шамил районалъул редакциялъулгун телевидениялъул х1алт1ухъабаз. Редактор Пат1имат Гьит1иноваги цее гьаюн гьез бихьизабуна ц1акъ берцинаб, гьезул мухъалъе хасиятаб «Карш» кьурди, ах1ана жергъада ва пандрида бакъангун куч1дул.

Кидаго кагътил х1алт1уда гъорлъ къан рук1унел журналистазе лъик1аб бет1ерчучи щвана Авар театралъул артистазул, тахшагьаралъул 35-леб школалъул ц1алдохъабазул, Гиннессил т1охьол рекордсмен Эмин Г1абдулаевасул церерахъиназ. Гьаниб рехсеч1ого г1оларо, рахьдал мац1алъул къоязда жигараб г1ахьалчилъи гьабизе генерал-майор Г1умар Муртазаг1алиев вач1инги, халкъияй артистка Сидрат Меджидовалъ гьесие кеч1 сайгъат гьабиги.

Басма бихьизабуралдаса хадуб, данделъарал рак1арана театралъул залалде Авар автономиялъ шапакъатал кьезе. Гьаб соналъ автономиялъ «Дагъистаналъул халкъияв бах1арчи» абураб ц1аргун орденалъе мустах1икълъана ДГУялъул проректор Мух1амад Х1асанов, цойгидал шапакъатазе-журналист Шамил Мух1идинов (лъималазе т1ахьал хъваралъухъ), артист Х1усен Казиев, «Дир гьайбатаб алипба» т1охьол автор Тубх1ат Зургьалова, Кизилюрталдаса рахьдал мац1алъул муг1алим Сарат Мух1умаева, хунздерил «Росдал зах1матчи», балъхъадерил «Гьудуллъи», «Гумбет», «Ц1умадисезул гьаракь» газетал, г1олохъанай шаг1ир Рабият Къурбанова,  «Авар кицаби ва абиял» т1ехьалъухъ РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул г1елмияв х1алт1ухъан Саг1ид Г1алиханов, тарихчаг1и Тимур Айтберов, Рамазан Г1абдулмажидов, Мух1амад Шихмух1амадов, Жамалудин Малламух1амадов, онлайналда маг1арул словарь г1уц1арав Г1али Юмухов, «Дагъистаниял» газета къват1ибе биччаралъухъ журналист Г1алисултан Гъазимух1амадов ва Авар театралъул чанго г1олохъанав артистги.

Маг1арул мац1 ц1униялъе, маг1арулал гъункиялъе бихьизабураб х1аракатчилъиялъухъ мустах1икъал к1одо гьарун рахъиндал, Авар театралъул артистаз бихьизабуна г1езег1ан интересеб «Булбулалъул кеч1» абураб спектакльги.

Киналго шапакъатазе мустах1икълъаразда баркула бергьенлъаби ва гьаруна маг1арул басмаялъе, интернеталде киналго руссараб гьаб заманалда, раг1уе бег1ерлъи маг1арулазе ва цебет1ей.

Ахиралдаги, бокьун буго к1удияб баркала кьезе рахьдал мац1алъул къоязде маг1арулал данде гьавулев Сайгидпаша Г1умахановасе, кинабго роц1ц1инабизе х1аракат бахъулел тарихчи Маркъо Шаг1бановасе ва цойгидазеги.

Т1асияб соналъги гьадабго бак1алда дагьабги лъик1, рак1ал разиго данделъизе хъван батаги маг1арулазе.

П. Гунашева.

 

Просмотров: 1562 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz