Воскресенье, 19.05.2024, 12:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 2 » ПРОЕКТАЗДА РЕКЪОН Х1АЛТ1ИЗЕ ККОЛА.
18:53
ПРОЕКТАЗДА РЕКЪОН Х1АЛТ1ИЗЕ ККОЛА.

Проектазда рекъон х1алт1изе ккола

Щибаб санайил цин Россиялъул, хадуб Россиялъул регионазда, гьездаго гъорлъ Дагъистаналъул Бут1руз халкъалде ва парламенталде гьарула улкаялъулго г1умруялъе к1вар бугел рахъал гъорлъе рачарал Хит1абал. Хадуб шагьаразда ва районазда г1адамазда гьоркьор лъола гьел. 22 январалъ Дагъистаналъул  Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас гьабураб Хит1абалъул бицине районалде гьал къоязда вач1ун вук1ана нилъер ракьцояв, х1укуматалъул вице-премьер Мух1амад Г1исаев.

Мух1амад Г1исаевич районалде вач1ин щибаб нухалъ рохеллъун лъугьуна г1адамазе. Гьале гьанжесаги гьев хъатч1ваялдалъун к1одо гьавуна залалда г1одорч1араз.

«Дагъистан цебет1еялъул мурадалда араб соналъго г1уц1ун бук1ана г1емерал бут1аби гъорлъе рачараб, гьезде к1вар буссинабураб 10 приоритетнияб программа, исана гьезул хут1ана 7 программа»,-ян байбихьана вице-премьерас. М. Г1исаевас бицана проектазул г1езег1ан ц1ик1к1араб к1вар бугилан, гьезда рекъон х1алт1и бачани х1алт1ул рахъи кьей г1емерго ц1ик1к1унилан. «Проектал г1умруялде рахъинаризе ккола росабалъ. Росабазул бут1руз, т1адчаг1аз бихьизабураб къаг1идаялъги гьабич1ого, жидедаго бит1ун бихьахъе гьабулеб буго х1алт1и. Хъулухъалъул бет1ерлъуде ккараз, аслияб къаг1идаялъ, х1алт1абазде росулел руго жидерго г1ага-божарал. Кинаб бук1аниги х1алт1и гьабулелъул, гьеб кин гьабуни хайир ккелебали, бит1ун бук1инебали ургъич1ого, анализ гьабич1ого гьабиялъ квеш кколеб буго. Масала, ц1ик1к1ун г1адамалги  ругеб, г1езег1ан лъималги ругеб росулъ бан батула киналго лъималазе г1олареб гьит1инаб ясли-ах, ялъуни дагьалго лъимал ругеб гьит1инабго росулъ бала г1ат1идаб садик. Гьединал жал ккеч1ого рук1ине къвариг1уна проектал».

Проектазул х1акъалъулъ мух1канго цо-цоккун газеталда хъвалеб бугелъул, гьаниб гьезул бицинаро. Гьеб гуребги, М. Г1исаевас данделъаразул к1вар буссинабуна налогал кьезе ккеялдеги.  Мух1амад Г1исаевичасул халат бахъинч1еб, маг1наяб к1алъаялдаса хадуб, Дагъистаналъул Бет1ерасул проектазда рекъон гьанжелъаг1ан гьабураб ва гьабизесеб х1алт1ул бицана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповас.

Культура. Араб сон лъазабун бук1ана культураялъул сонлъун. Гьелъул баракаталдалъун районалъе щвана кутакалда лъик1аб ремонт гьабураб культураялъул рукъ. Рагьана халкъазул г1адатал рихьизарулеб 17 центр, умумузул рук1а-рахъин бихьизабулел рукъзал (этнодома). Гьеб кинабго гьабулеб буго бечедаб умумузул ирс наслабазда к1очон теч1ого бук1иналъул мурадалда. Щибаб росулъ культураялъул х1аракатчаг1аз концерталги церерахъиналги гьаризе ругила исанаян абуна районалъул нухмалъулес. Байрамазда хурхарал г1одорч1еялги, церерахъиналги гьарун т1аса бихьун бук1ана кульураялъул х1алт1и, г1емерисел г1исинал росабалъ г1иси-бикъинаб гурони гьабулеб х1алт1иго бук1инч1о. Росабазул г1адамал кутакалда разияб иш бук1инаан росабалъ концертал кьей бицадулъ хут1ич1ого г1умруялде бахъани.

Лъай кьей. Рак1алда буго исана Моч1охъ ва Ч1ондокь росабалъ ясли-ахал рагьизе. Т1адеги группаби рагьизе руго Г1обода ясли-ахалда. Литератураялъул соналъул х1урматалда школазда т1орит1изе руго тадбирал. Ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго г1олилазде. Щибаб талат къоялъ районалъул бет1ер 10-11 классазул ц1алдохъабиги цадахъ рачун щола росабалъе, организациязде, лъай-хъвай гьабула гьезул х1алт1улгун.

Сахлъи ц1уни. Районалъул бет1ерас жиндирго к1алъаялда больницабазда гьаруралги гьаризеселги ремонтазул рехсон тана. Амма т1аде ралагьун гуреб, жанире раккани г1езег1ан руго больницаялъул х1алт1улъ г1оларел рахъал, ц1ик1к1унел руго больницаялда хурхун г1адамазул г1арзалги. Киг1анги берцинаб, ц1ияб бараб мина буго централияб больницаялъул, гьениб т1адеги унтаразе регизе бак1алги ралел руго. Больницаялда лъун руго бакъул канлъиялдалъун хинлъи кьолел батареял. Лъик1аб ремонт гьабуна Харахьи участкаялъул больницаялда. Исана ремонт гьабизе рак1алда буго Гьоц1алъ участкаялъул больницаялда ва фельдшеразулгун акушеразул пунктазда.

Спорт. Араб соналъ бан лъуг1изабуна футбол х1алеб майдан. Исана районалда т1орит1изе руго нилъер ракьцоял Ш. Шамхаловасул, З. Г1аммаевасул, М. Хъазанбиевасул ва цоги ц1ар раг1арал г1адамазул х1урматалда бат1и-бат1иял спортивиял тайпабазул турнирал ва цогидалги къецал.

Х1инкъи гьеч1олъи бук1инаби. Гьелъул мурадалда араб соналъ районалда рагьана цогояб диспетчеразулаб хъулухъ. Гьоц1алъ лъун руго камераби. Рак1алда буго Хунзахъ ва Г1араниги, хадуб цойгидал росабалъги камераби лъезе.        

Налогал. Гьел рак1ариялде кьолеб к1вар г1езег1анго ц1ик1к1ун буго районалда. Цониги данделъи бук1ун  батиларо,  районалъул бет1ерас налогал рак1ари ц1ик1к1инабизе кколин, гьел киназго кьезе кколин абич1еб. К1ал сваказег1ан бет1ерас налогал кьеян абуниги, рейдал гьаридал т1атунел руго гьел кьоларел  предпринимателал. Араб соналъ киналго налогал кьун руго районалъ.

Исана рагьизе ккола Гьоц1алъ ГЭС. Ц1ада росу бакъул  канлъиялдалъун хинлъи кьолеб станция базе рак1алда  буго. Гьарулел руго росабазул  планал. Араб соналъ 14 росдал  гьаруна генпланал. Хут1аразулги генпланал гьаризе руго исана. Т1аде рехсарал бак1ал раялъги, ракьазе «зеленка» гьабиялъги налогал рак1ари ц1ик1к1ина.

СМИ. Исана районалъул газеталъ бала 90 сон. Газеталъул х1алт1ухъабазе бокьун буго  юбилей г1адамазда рак1алда ч1оледухъ т1обит1изе. Араб соналъ нилъер районалъул сайт рик1к1ана лъик1аблъун.

Эффективияб АПК.  Росдал маг1ишат  цебет1езаби-гьеб ккола бищун к1вар ц1ик1к1араб, аслияб суаллъун. 90-лел соназдаса нахъе къват1исел улкабаздаса ниг1маталги раччун нилъерго росдал маг1ишат ц1акъго нахъе ккун бук1ана. Араб соналъ Россиялде данде санкциял лъазаридал, гьел ниг1маталги т1аг1ана  базараздасагун тукабаздаса, кванил  ниг1маталги чанго нухалъ хиралъана. Кванач1ого т1ураларелъул, росдал маг1ишаталде кьолеб к1вар чанго нухалъ ц1ик1к1инабизе ккела.

Исанасеб сон Дагъистаналдалъазабун буго ахихъанлъиялъул сонлъун. Исана районалда ч1езе рак1алда буго 40 гектар ахил. Гъут1би ч1еялъе х1адурун планги буго. Аллагьасдаги г1адамаздаги жаниб кутакалда кири ц1ик1к1араб ишалъулъ г1ахьаллъизе ккела киналго бажаранщинал г1адамал. Ахал ч1ей гуребги, рекьулел  ракьалги ц1ик1к1инареян т1адкъана районалъул бет1ерас росдал маг1ишаталъул  отделалда. Хъутаназда ругел маг1ишатаздеги  к1вар кьезе ккела. Г1абадерил хъутаналда басриялъул бак1алда ц1ияб ферма бан х1алт1и лъик1 гьабулев вугев нухмалъулесдаса мисал босун х1алт1изе ах1ана цойгидалги С. Юсуповас. Ц1иял фермаби ран лъуг1улел руго Сивухъ, Гьац1алухъ хъутабаздаги.

Саг1ид Юсуповас данделъарал ах1ана араб соналдаса ц1ик1к1ун пайда кьоледухъ х1алт1изе. Гьесул к1алъаялдаса хадуб, Мух1амад Г1исаевас Республикаялъул районалда Бет1ерасул проектал г1умруялде  рахъинариялда хадуб хъаравуллъи гьабизе т1адкъарал заместителазда гьел т1уразариялде кьолеб к1вар ц1ик1к1инабеян лъазабуна.

Официалиял к1алъаяздаса хадуб жидерго пикраби рицана культураялъул рукъалъул методист Зайнудин Мух1амадовас, МФЦялъул нухмалъулей Пат1имат Батировалъ ва пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Шамил Мух1умаевас.

Данделъи къан хадуб, цебеккун лъазабухъе, М. Г1исаевас т1аде къабул гьаруна г1адамал. Г1адамалги данделъун киг1ан ц1акъ бицаниги зах1малъабиги т1уралаго, бугеб х1алт1иги гьабун лъуг1уларо. «Халкъалъул газа кьурдаги рек1унин» абухъе, киналго цадахъ гъеж гурун, х1алт1ани, х1асилалги лъик1ал рук1ина, г1адатияб халкъалъул г1умруги дагьабг1аги бигьалъила.

П. Гунашева.

 

Просмотров: 518 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz