Автор.П.Гунашева.Февраль 2015с.
Гьал къоязда жидерго ругьунаб х1алт1уде, амма жеги к1удияб гъира-шавкъалда, байбихьана ц1ибараб Г1обода ясли-ахалда. Г1адамасул къват1исебги жанисебги рахъал берцинал рук1ине кколелг1адин, киналго шарт1алги квег1енлъабиги ругеб, ц1ибараб бак1алда гьабулеб х1алт1иги бук1ине ккола пайда ц1ик1к1араб. Кинаб къаг1идаялда г1уц1ун бугеб ясли-ахалда х1алт1ияли лъазелъун, дица гара-ч1вари гьабуна г1емерал соназ бажарун гьелъие нухмалъи гьабулей йигей, 48 сон педагогикияб х1алт1ул стажалъул бугей Гунашева Сабигатилгун.
|
Автор.П.Гунашева.Февраль 2015с.
Щибаб санайил цин Россиялъул, хадуб Россиялъул регионазда, гьездаго гъорлъ Дагъистаналъул Бут1руз халкъалде ва парламенталде гьарула улкаялъулго г1умруялъе к1вар бугел рахъал гъорлъе рачарал Хит1абал. Хадуб шагьаразда ва районазда г1адамазда гьоркьор лъола гьел. 22 январалъ Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас гьабураб Хит1абалъул бицине районалде гьал къоязда вач1ун вук1ана нилъер ракьцояв, х1укуматалъул вице-премьер Мух1амад Г1исаев.Мух1амад Г1исаевич районалде вач1ин щибаб нухалъ рохеллъун лъугьуна г1адамазе. Гьале гьанжесаги гьев хъатч1ваялдалъун к1одо гьавуна залалда г1одорч1араз.
|
Автор.Р.Х1амзатов.Февраль 2015с.
Т1адег1анас жиндие насиб гьабураб халатаб, зах1матаб ва цогидазе пайдаяб г1умрудул нух нахъа тана Хунзахъа Махулов Мух1амад Махуловичас. Февраль моц1алъ гьес бана 100 сон. К1удияб адаб-х1урматгун, республикаялъулго роцада к1одо гьабуна гьеб гьайбатаб тарих хунздерицаги, Мух1амад Махулович х1алт1арал районазул г1адамазги, цадахъ х1алт1аразги ва гьев лъалелщиназги. 23 февралалъ Мах1ачхъалаялда т1обит1ана республикаялъул нухмалъиялъул, тахшагьаралда бугеб хунздерил диаспораялъул, цогидал районазул вакиллъаби ва юбилярасул гьудул-гьалмагълъи г1ахьаллъараб г1ат1идаб дандерусин. 26 февралалъ Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб районалъул Культураялъул к1алг1аялдаги бук1ана гьелдаса нахъе ккеч1еб тадбир.
|
|