Воскресенье, 19.05.2024, 14:25 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 2 » РОСДАЕГО БАРКАТ, КИНАЗЕГО ЭМЕН.
18:48
РОСДАЕГО БАРКАТ, КИНАЗЕГО ЭМЕН.

Росдаего баркат, киназего эмен

Т1адег1анас жиндие насиб гьабураб халатаб, зах1матаб ва цогидазе пайдаяб  г1умрудул нух  нахъа тана Хунзахъа Махулов Мух1амад Махуловичас. Февраль моц1алъ гьес бана 100 сон. К1удияб адаб-х1урматгун, республикаялъулго роцада к1одо гьабуна гьеб гьайбатаб тарих хунздерицаги, Мух1амад Махулович х1алт1арал районазул г1адамазги, цадахъ х1алт1аразги ва гьев лъалелщиназги. 23 февралалъ Мах1ачхъалаялда т1обит1ана республикаялъул нухмалъиялъул, тахшагьаралда бугеб хунздерил диаспораялъул, цогидал районазул вакиллъаби ва юбилярасул гьудул-гьалмагълъи г1ахьаллъараб г1ат1идаб дандерусин. 26 февралалъ Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб районалъул Культураялъул к1алг1аялдаги бук1ана гьелдаса нахъе ккеч1еб тадбир. Гьеб къоялъул къалъудаса хадуб г1адамал рак1арана культураялъул к1алг1аялда цере.  К1алт1асанго г1одор т1ирит1арал дорожкаби, шарикал ран берцин гьабураб сверухълъи, Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалда цебесанго кьерда ч1арал школлъимал-кинабго х1адур бук1ана юбилярасда дандч1вазе. Мух1амад Махулович х1алт1улел соназ райкомалъул секретаразги райисполкомазги рек1унеб бук1араб хъулухъалъулаб машина ГАЗ-21 «Волгаялдаги» рек1инавун вач1ана данделъиялъул «г1айибияв» рокъоса гьев вачине арав Саг1ид Юсуповасги райадминистрациялъул жавабиял х1алт1ухъабазги Культураялъул к1алг1аялде. Ч1аг1дал ц1ураб лъар, г1ат1ал хинк1азгун бакъвараб гьаналъ, бакьгун мохмохалъ бечед гьабураб маг1арулазул миллияб тепсигун, кьурди-хъат, нек1сияб кеч1-бакъаналдалъун дандч1вай гьабуна культураялъул х1алт1ухъабаз Махуловасда ва гьесул свериялда. Залалде жанире щведал биччан бук1ана 23 февралалъ Мах1ачхъалаялда т1обит1араб данделъиялъул видеофильм. Гьелдаса хадуб юбилеялъулаб вечерги рагьун к1алъазе вахъана райадминистрациялъул бет1ер Юсупов Саг1ид. Мух1амад Махулович кколила жиндирго хъизамалъул, росдал, районалъул ва т1олабго республикаялъулго сабаб, х1еренаб раг1удалъунги маг1наяб пикруялдалъунги кьолила гьес аск1ове вач1арасе г1акълу, гьабулила рак1 батулеб к1алъайян абуна Саг1ид Камилевичас жиндирго баркиялъулаб к1алъаялда. Махулов вук1анила, вугила ва хадубккунги вук1инила нухмалъиялъул хъулухъалде ккаравщинасе ч1агояб мисаллъун. Ккаралъуб чармилаб къвак1иги, ишалъулъ г1уц1арухъанлъиялъулаб бажариги, г1умруялда г1адатияв инсанасул х1еренлъиги, сабурги-кинабго бугила гьев т1адег1анаб къадру-х1урматалъул маг1аруласул чорхолъ. Районцоязул рахъалъан Къуръанги сайгъат гьабуна Юсуповас Мух1амад Махуловичасе.

-Гъуниб районалда 4 Совет Союзалъул, 4 Социалистияб Зах1маталъул, 4 Россиялъул-кинавниги 12 бах1арчи вугила, Махулов Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчилъун вахъиналъе цо г1илла жидер районалъул экономика, хасго росдал маг1ишат цебет1езабиялъулъ гьесул х1аракатчилъи бук1ине кколила, гьединлъидал  гъунисез Мух1амад Махулович гьеб районалдаса анц1ила лъабабилев бах1арчилъунги, районцоявлъунги рик1к1унилан абуна  юбилярасдехунги гьабураб жиндирго баркиялъул к1алъаялда Гъуниб районалъул бет1ер Пахрудин Г1умаровас. Гъуниб район ва гъунисел рак1алде щвеялъе Гъуниб росдал суратги сайгъат гьабуна гьесие.

Мух1амад Махуловасда нусабилеб гьавураб къоги баркун, гьесие  жеги сахаб, парахатаб г1умруги  гьарун к1алъана Казбек, Хьаргаби ва Унсоколо районазул нухмалъулел Х1. Мусаев, Р. Малачилов, И. Нурмух1амадов.

Литературияб композициягун цере  рахъана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъаби, Самилахъалдаса учительзабазулгун ц1алдохъабазул рахъалдасан Шамилова Раисат. Республикаялъул телевидениялъул маг1арул мац1алда  кьолел  передачабазул редактор Хатимат  Мух1амадовалъги  баркана  Мух1амад Махуловасда. М. Махуловасул  х1акъалъулъ «Г1умрудул сухъмахъ» абураб т1ехьалъул автор Х1асанов Мух1амадица жиндирго к1алъаялда бицана т1ехь хъваялда т1ад жинцаго гьабураб х1алт1ул. Рохел загьир гьабуна гьадинав машгьурав г1уц1арухъанасул ва  г1адатияв инсанасул г1умру бихьизабизе рес щвеялдаса. Берцинаб, маг1наяб к1алъай гьабуна  Махуловасдаги баркулаго районалъул нухмалъулевлъун вук1арав Ах1маднаби Г1умаровасги. Хунздерил бегавул Хизри Т1алх1атовасулги бук1ана маг1наяб к1алъай. Росдаего баркат, киназулго эмен – кколила Мух1амад мун жидееян абуна Хизрица Махуловасдаги баркулаго.

Данделъиялъул тамада  Марат Тимохиница ц1алана Мух1амад Махуловичасда 100 сон т1убай  баркун бак1-бак1алъа рач1арал телеграммаби. Цо-цо гьединал авторал ккола Х1ариколоса Бижанов Мах1ач, Северияб Кавказалъул Прововияб академиялъул Мах1ачхъалаялда бугеб  филиалалъул директор, профессор Багьавудин Мух1амадов, Дагъистаналда бугеб «Ах1улгох1» регионалиябгун жамг1ияб г1уц1иялъул нухмалъулев Г1абдулаев ва г1емерал цогидалги.  Юбилеялъулаб данделъи берцин гьабуна районалъул ва мадугьалихъа т1аде рач1арал культураялъул х1аракатчаг1азул церерахъиназ.

Мух1амад Махулович рази гьавуна Г1. Тажудиновалъ, Ч. Султ1анбеговас, П. Султ1ановалъ Унсоколоса Т1. Г1умаровас, Гъуниса  И. Мух1амадовалъ, Къ. Бегачевас ах1арал куч1дуз, «Г1акаро» ва «Арбабаш» ансамблязул кьурдабаз.

Районалъул ва республикаялъул жамаг1атаз жиндирго гьабураб адаб-х1урматалъухъ баркала кьун  к1алъана данделъиялъул ахиралда Мух1амад Махуловги гьесул яс Пат1имат Мух1амадовнаги. Гьелдаса хадуб рахъана рак1алде щвеялъе  суратал, бук1ана кванил ниг1матазул бечедаб столги.

Р. Х1амзатов.

  

Просмотров: 539 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz