Ц1ияб бак1алда ц1ик1к1араб гъира-шавкъгун
Гьал къоязда жидерго ругьунаб х1алт1уде, амма жеги к1удияб гъира-шавкъалда, байбихьана ц1ибараб Г1обода ясли-ахалда. Г1адамасул къват1исебги жанисебги рахъал берцинал рук1ине кколелг1адин, киналго шарт1алги квег1енлъабиги ругеб, ц1ибараб бак1алда гьабулеб х1алт1иги бук1ине ккола пайда ц1ик1к1араб. Кинаб къаг1идаялда г1уц1ун бугеб ясли-ахалда х1алт1ияли лъазелъун, дица гара-ч1вари гьабуна г1емерал соназ бажарун гьелъие нухмалъи гьабулей йигей, 48 сон педагогикияб х1алт1ул стажалъул бугей Гунашева Сабигатилгун.
-Сабигат, баркула нужеда ц1ияб ясли-ах. Чан группа ва чан лъимер бугеб ясли-ахалда?
-Ясли-ахалда буго щуго группа. Гьаниб буго 100 лъимералъе бак1, гьединлъидал дида рак1алда буго садикалде нусиде щвезег1ан лъимер босизе. Гьабсаг1аталда жаниб гьенире т1аде лъимал кьолелги руго.
-Кинаб программаялда рекъон г1уц1ун бугеб нужеца тарбия-лъай кьей ва гьелда сунде ц1ик1к1ун к1вар кьолеб?
-Нижеца х1алт1и г1уц1ун буго «От рождения до школы» абураб программаялда рекъон. Программаялде гъорлъе уна калам цебет1езаби, сурат бахъи, аппликация, конструирование, лепка, математика, физкультура ва музыкалиял занятиял. Гьеб гуребги, нижеца х1алт1и бачуна к1иго бут1аялде ц1ик1к1ун к1варги кьун: музыкалиябгун эстетикияб ва физкультуриябгун сах гьариялъулаб. Лъаг1алида жаниб нижеца т1орит1ула, умумулги г1ахьаллъун, к1иго физкультурияб байрам, ункъго физкультурияб тадбир. Нижер музыкалияв руководитель Саг1адуев Г1алиасх1абил х1алт1и, гьесул махщел-гьунар лъаларев чи районалда къанаг1атги ватиларо. Гьесул ва хореограф Гадалаева Пайнусатил нухмалъиялда гъоркь щибаб байрамалде нижеца х1адурула церерахъинал. Ясли-ахалда буго хореографиялъулаб кружокги.
-Нужер х1алт1ухъабаз цойгидал педагогазул х1албихьи лъазабулищ, босулищ гьелдаса пайда?
-Интернеталдасан рес бук1уна бокьарав педагогасул х1албихьи лъазабизе. Дун щвана республикаялъул г1емерал ясли-ахазде: Мух1ачхъала, Хасавюрт, Бабаюрт, Избербаш, Каспийск, Буйнакск шагьаразул ва Казбек районалъул Дылымалъул. Нижер ясли-ахалда гьеч1еб, цойгидаб бак1алда батараб интересаб, пайдаяб жо дица х1исабалде босула ва рес ккарабго нижерго х1алт1улъ гьеб х1алт1изабула.
-Кинав вук1ине кколев тарбиячи?
-Бищун т1оцебе гьев вук1ине ккола лъимал рокьулевлъун, сабру бугевлъун. Хадуб тарбиячи вук1ине ккола лъай бугевлъун, цойгидазул адаб гьабулевлъун, ц1ияб жо лъазабулевлъун, жиндирго х1алт1и лъик1 лъалевлъун.
-Тарбия-лъай кьеялъул даража борхизелъун кинал х1алт1аби гьаризе ругел исана?
-Т1орит1изе руго г1адатиял гурел къаг1идабазда рекъон занятиял: расанди-х1айг1адин, халичаялда т1адги регун, хасаб краскадулъ килщал, кверал ччун суратал рахъи, папье-машеялъул тарелкабазда т1ад накъищал рахъи, х1едул кумекалдалъун суратал рахъи ва гь.ц. къаг1идаби х1алт1изарун. Т1орит1изе руго рагьарал занятиялги.
Щибаб группаялда гьаризе руго цере рук1инч1ел г1емерал уголокал: художникасул, конструкторасул, тохтурасул, вичарухъанасул, ателье, ясазе къач1а-к1ат1аялъул ва гь.ц.
Ц1ияб ясли-ахалда х1алт1и бук1ине буго дагьабги к1вар ц1ик1к1араб.
-Гьит1ичазе бищун аслияб жо расанди бугелъул, ругищ нужер садикалда г1олеб къадаралда расанк1аби?
-Ясли-ах рагьулеб мехалъ лъай кьеялъул ва г1елмуялъул министр Шагьг1абас Шагьовас, нилъерго Пенсионнияб фондалъул отделалъул нухмалъулей Пат1имат Ах1мадовалъ рач1ана лъик1аб качествоялъул расанк1аби. Газета гьоркьоб ккун бокьун буго гьезие нижерго рахъалъан сахлъи-рохелги гьарун, к1удияб баркала кьезе. Гьединго игрушкаби жеги т1аде рач1ине руго.
-Гьадинаб берцинаб ясли-ахалда бугищ нужее кинабго къвариг1араб-тараб?
-Нижее щун гьеч1о кинабго х1ажатаб къайи-къоно. Медицинскияб ва заведующиялъул кабинетазда лъезе ккола х1ажатаб къайи-къоно, прачечниялда х1ажат буго т1адеги къайи-ц1а, группабазда къвариг1уна расанк1аби лъезе шкафал ва тарбиячаг1азе столал. Гьединго къайи-къоно лъун гьаризе ккола къват1ир лъимал расандулел площадкабиги. Гьадинаб ясли-ах щварабг1адин хут1арабги дагь-дагьккун щвела.
-Школалде иналде щиб лъан бук1ине кколеб лъимералда?
-Ч1ах1ияб группаялда ругел лъималазда малъула сураталъухъ балагьун хабар г1уц1изе, 20-де щвезег1ан бит1унги нахъаса цебехунги рик1к1ине, 10-да жаниб жубай-бахъи гьабизе, тарихазул к1удияб-гьит1инаб бат1а бахъизе. Лъималазда нижеца малъула саг1атги, лъай-хъвай гьабула х1арпазулгунги.
-Кинал зах1малъаби дандч1валел ясли-ахалъе нухмалъи гьабулаго?
-Бищун к1удияб зах1малъи буго г1арац г1унгут1и.
-Баркалаялъе мустах1икъал х1алт1ухъабазул ц1арал рехсезе бокьилаан.
-Баркалаялъе мустах1икъал руго музыкалияв руководитель Саг1адуев Г1алиасх1аб, г1емерал соназ рак1бац1ц1адго х1алт1улей йигей няня Къурамух1амадова Салисат, бажаранщинаб х1алт1и гьабулел яцал Мадина (няня) ва Хатимат (завхоз) Сайгидовал, тарбияч1ужу Мух1амадх1ажиева Марьям, физкультураялъул инструктор Мух1амадова Раисат. Дица баркала кьола кинабго коллективалъе жигарчилъиялда х1алт1и нухда бачунел.
-Сабигат, баркала гара-ч1вариялъухъ. Сахлъи, талих1, гьабулелъулъ дандебилълъин гьарула дуе ва дур коллективалъе.
-Дуеги баркала.
Гара-ч1вари гьабуна П. Гунашевалъ.
|