Воскресенье, 19.05.2024, 12:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 14 » РУЧЧАБАЗУЛ БАЙРАМАЛЪУЛ Х1УРМАТАЛДА.
23:30
РУЧЧАБАЗУЛ БАЙРАМАЛЪУЛ Х1УРМАТАЛДА.

Жакъа хирияб къо к1одо гьабизе

К1одоэбел хваяй, дун йиччаларищ

7 марталда райцентралда культураялъул к1алг1аялда Авар театралъул артистаз кьуна руччабазул х1урматалда байрамалъулаб концерт.

Берцинал, гьайбатал, х1еренал, х1алимал кирго бихьиназе кумекалъе ратулел руччабазда гьезул байрамги баркун к1алъана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсупов. С. Юсуповасги культураялъул отделалъул нухмалъулей И. Мух1амадовалъги районалъул г1умруялъулъ бихьизабураб х1аракатчилъиялъухъ х1урматалъул грамотабигун т1угьдузул квац1абаздалъун к1одо гьаруна хадур рехсарал руччаби: Г1алиева Башат (ЦСПСД), Шатова Оксана, Х1айбулаева Пат1имат, Г1алиева Пат1имат, Махулова Пат1имат (ЦРБ), Эмелова Мадина, Къебедова Марипат, Локалова Парихан, Гьиматова Мисай (администрация), Г1умарх1ажиева Хатимат (Хунзахъ совет), Мух1амадова Аминат (Ц1ада совет), Нурмух1амадова Пат1имат (Гьоц1алъ СДК), Пазлудинова Пат1имат (Сивухъ СДК), Нурмух1амадова Пат1имат (пенсионнияб фонд), Г1алиева Баху (ЦСОН), Г1умарова Мадина (Минмелиоводхоз), Мух1амадова Багичу (Ц1ада ясли-ах), Мух1амадова Асият (Хунзахъ школа №2), Абакарова Пат1имат (Г1обода школа), Х1усенова Саида (Уздалросу школа), Мух1амадова Х1уризадай (Шотот1а библиотекарь), Мух1уева Зайнаб (ветфельдшер), Мух1амадова Нурбика (Шотот1а школа), Хайчалаева Зарипат (Харахьи школа), Хъазанбиева Каримат (УСЗН).

Руччабазда т1аде щвараб 8 март баркараб тадбиралъулъ С. Юсуповасе баркала кьураб к1алъай гьабуна райбольницаялъул поликлиникаялъул заведующая Пат1имат Махуловалъ.

Официалияб бут1аялдаса хадуб байбихьана авартеатралъул х1аракатчаг1азул церерахъин. Г1одорч1аразе куч1дул ах1ана ДРялъул мустах1икъал артистал Пат1имат Х1ажиевалъ ва Абакар Г1умарх1ажиевас, театралъул артистал: Хадижат Мух1амадовалъ, Пат1имат Г1исаевалъ, Расул Рах1имовас, Ариза Мух1амадовалъ, Рамазан Г1абдулгъаниевас, бихьиназул ва руччабазул квартетаз ва гь.ц. Артистазул бергьараб махщел-гьунаралъе нуг1лъи гьабула, гьезул цо-цоял к1иабилеб нухалъги, залалда г1одорч1аразул гьариялдалъун, цере ах1улел рук1иналъ. Артистазул церерахъин берцинго нухда бачана Абултураева Мадинаца ва Хасаев Х1айбулаца.

Концерталдаса хадуб Саг1ид Юсуповас Авар театралъул директор Мух1амадрасулов Мух1амадрасулие сайгъат гьабуна гьоц1дерил устарзабаз гьабураб г1арцул ханжарги. Мух1амадрасулилги бук1ана Саг1идие къиматаб сайгъат.

Цересел соназг1адин, кванил столаздасан г1уц1араб г1одорч1ей бук1инч1ониги. Авартеатралъул артистазул церерахъиналдаса разиго хут1ана г1адамал. Тавпикъ кьеги авар театралъулазе хадубккунги нилъер районалде рач1ине.

П. Гунашева.     

 

Просмотров: 881 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz