Пятница, 29.03.2024, 10:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 16

Автор Н. Гlалиева. Май 2022 сон.

18 маялда районалъул администрациялъул данделъабазул залалда тIобитIана лъай кьеялъул отделалъул начальник ХIамзатова ПатIимат ХIадисовнаялъул ва информациялъулгин методикияб централъул школалда цебесеб лъай кьеялъул рахъалъ специалист ГьитIиновасова Асият МухIамадовнаялъул нухмалъиялда гъоркь районалъул киналго лъималазул ахазул нухмалъулелги гIахьаллъун методикияб семинар-совещание.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъабаз гуребги, СМИялъул вакилзабаз ва райадминистрациялъул АТКялъул бетIерав специалист Майндуров МухIамадгIарифица. ГIодорчIаразе саламги кьун, данделъи рагьарай лъай кьеялъул отделалъул начальник ПатIимат ХIадисовнаялъ школаздагин лъималазул ахазда хIинкъи гьечIеб ахIвал-хIал букIинабиялда сверухъ гьабулеб хIалтIул бицине рагIи кьуна М.-ГI. Майндуровасе. Гьес гIодорчIаразул кIвар буссинабуна лъималазул хIинкъи гьечIолъи цIуни нилъее цIакъго кIвар бугеб ишлъун кколеблъиялде. Жакъа МахIачхъалаялда, Каспийскиялда, Москваялда дандчIвалел ругила школал, ясли-ахал кьвагьизе ругилан хIинкъаби кьолел видеоялги, лъазариялги. Ккана тIубарал школалгин лъималазул ахал къазе ккарал хIужжабигицин. Нилъеда кIоларила гьеб нилъер анибеги щвеларилан абизе. Гьединлъидал хIажат бугила кибго хIинкъи гьечIолъи букIинабиялде кIвар кьезе, АТКялъул специалистасул малъа-хъваял лъай кьеялъул щибаб гIуцIиялъ хIисабалде росизе. ТIубараб соналъго лъималазул ахаз гьабураб хIалтIуе къимат кьураб ва хадубккунги гьабизесеб хIалтIуе насихIатал гьарураб кIалъай букIана Асият ГьитIиновасовалъулги. «ЛъагIалил тарбиячIужу» конкурсалъги бихьизабунилан,-баян гьабуна гьелъ,- кинаб ясли-ахалъул кинаб хIадурлъи бугебали. Рохизе ккараблъун букIанила гьеб конкурсалда гIахьаллъи гьабизе гIезагIан тарбиячагIи рачIун рукIин ва гьез жидерго лъикIаб лъайги бажариги бихьизаби. Гьединго муниципалияб этапалда бергьун республикаялъулаб къецалде арай нилъер № 1 лъималазул ахалъул тарбиячIужу ГIисаева ПатIимат МухIамадовна, республикаялъулго лъикIаздаса лъикIал воспитателазул анцIгоязде гьоркьоеги ккун, «Дагъистан республикаялъул лъай кьеялъул отличник» абураб цIаргун тIад юссин.

Просмотров: 91 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Май 2022 сон.

Исана 77 аб. нухалдаги тlолабго дунялалда кlодо гьабуна гитлерилаб Германиялда тlад бергьенлъи босараб къо - 9 май. Лъиего балъголъи гуро гьеб Кlудияб Бергьенлъиялъулъ аслияб бутlа нилъер улкаялъул букlин ва Россиялда гьеб ккола хlакъикъаталдаги мукъаддисаб байрам. Кидаго гlадин исанаги нилъер районалда гlатlидго кlодо гьабуна 9 май.

Байрам тlаде щвелалде цересел къояздаго субботникал тlоритlун, баннерал ран, рагъул гlахьалчагlазе рарал памятниказда сверун бакlа-бахари гьабун, къачlа-кlатlан, хlадурун букlана тlолабго район ва хасго райцентр. Байрамалъул къоялъ радалго Хунзахъ райадминистрациялда цебе батlи-батlиял школаздаса цlалдохъабигун учительзаби ва росабалъа гlадамалги данделъун байбихьана “Хвел гьечlеб полк” гlуцlизе. Гьедин рагъда гlахьаллъи гьабурал жидерго умумузул сураталгун, байрахъалгун райцентралъул аслияб къотlносан киналго гочана Кlудияб Ватlанияб рагъул гlахьалчагlазе бараб памятникалде аскlоре. Гьениб районцоязда байрамги баркун кlалъаял гьаруна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, Хунзахъ бугеб рагъулаб часталъул начальник, полковник Илья Ермолаевас, районалъул рагъулав комиссар Шамил СагIадулаевас ва цогидазги. Митингалдаса хадуб киналго къо къана Бергьенлъиялъул къоялде гlуцlараб районалъул росабазул командабазда гьоркьосеб волейболалъул турниралъул финалияб хlаялъухъ балагьизе Р. Хlамзатовасул цlаралда бугеб спортивияб комплексалде. Кlиго къоялъ халат рахъарал хlалуцарал хlаязул хlасилалда данде ккарал командабиги къезарун финалияб хlаялде рачlун рукlана Хунзахъ ва Гьамущи росабазул командаби.

Просмотров: 81 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Р. Гlамирханов. Май 2022 сон.

Тохлъукьего фашистазулаб Германия нилъер ВатIаналде тIаде кIанцIараб 1941 соналда, росулъа цогидал гIолохъабиго гIадин, эбелаб ВатIан цIунизе ана Хунзахъ росулъа ГьитIинов Давуд ХIажимухIамадовичги. БачIинахъего гьев ккола Москваялде 160-абилеб гIорхъаби цIунулезул полкалде. Чанго моцIалъ гьениб рагъулаб хъулухъ гьабулевги вукIун, гьезул часть бикьула 201 кьвагьдохъабазул батальоналде, гьенисанги лъабабилеб Украинаялъул фронталде. Давудил часталъул аслияб масъалалъун букIуна багъулеб армиялъул мухъалда нахъа хIинкъи гьечIолъи букIинаби. Гьениб гьез кколел рукIун руго шпионал, диверсантал, гъачагъазул къокъаби. Рагъул бицине ва ракIалде щвезабизе Давудие цIакъ бокьулароан. Кинабго цебе араб ракIалде щолин гьелъул бицунелъулан къварилъахъдулаан гьев. ТIокIаб гьагъадинаб вахIшияб рагъ-кьал бихьугегиян гьарулаан гьес. Советияб Армия бергьине кIудияб кумек гьабунилан абулаан гьес, партизаназул отрядаз. Рагъ лъугIун хадубги лъабго соналъ Давуд хутIана БакътIерхьул Украинаялда бандеровцазде данде рагъ гьабулезда гьоркьов. Гьез кIудияб зарал гьабулеб букIун буго нилъер гIадамазе. РухIулел рукIун руго школал, колхозал, чIвалел рукIун руго гIадамал, гьезул рокъоб бугеб къайи-къоно, боцIи-панз. Давуд армиялда вукIун вуго 7 сонги 2 моцIалъги. Гьездасан 5 соналъ гьев вукIуна гъачагъазда хадув. Давудица бицунаан гьитIинаб къоялдаса нахъего физкультураялде ва спорталде вуссарав вукIиналъ, жиндие цIакъ кIудияб кумек гьабунин захIмалъаби къезаризе, къо хIехьезе. 1948 соналъ росулъе тIад вуссана Давуд.

Просмотров: 80 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Ш. Абакаров. Май 2022 сон.

Айтбер Мухlамадович Бижанов хадубги гьавуна 1902 соналъ Хунзахъ районалъул Хlариколо росулъ. Жеги гьитlинго бихьулеб букlана жиндирго кьерилазда данде ккун гьесул бугеб тирилъиги речlчlа-регlиги. 1920 соналда жиндиего бокьун лъугьана гьалмагъ Атаевасул партизаназул отрядалде. Взводалъул командирасул кумекчиясул хъулухъалда гьес гlахьаллъи гьабуна хъахlал хъазахъазда данде гьарурал рагъазулъ. Гьениб гьесда тlоцеве вихьана машгьурав полководец С. М. Буденный. Гьелъул хlакъалъулъ нугlлъи гьабулеб буго Айтбер Мухlамадович жиндирго гьалмагъзабигун цадахъ Буддениясда аскlов чlун бахъараб сураталъги.

1942 соналъул май моцlалда Бижанов жиндиего бокьун уна фронталде. Гьебго соналъул 18 августалда Кавказалъул перевалалда кавалериялъул эскадроналъул командир Айтбер Бижанов Кавказалъул ва тlолабго СССРалъул халкъазул эркенлъи цlунулаго бахlарчиго хола. Гьеб рагъулъ хlакъалъулъ гlатlидго хъван буго журналист О. Л. Опрышкол тlехьалда. “... Кинабго лъугьунеб букlана гlедегlун ва ракlалде гьечlого. Капитан А. Бижановасул бетlерлъиялда гъорлъ командиразул ва цогидалги рагъухъабазул къукъаялъ тушманасе рес кьечlо тlадеги кlанцlун гьезда ракlалда букlараб щулалъи кквезе. Бахlарчиго рагъулаго нилъер солдатаз тушман нахъе къазе тlамуна ва гьел кьурабазде аскlоре къазаруна. Чlечlого 5 сагlаталъ халатбахъана рагъ. Тушманасул къуват цlикlкlунеб букlиналъ ахlвалхlал тlадеялдаса тlаде захlмалъулеб букlана. Къваригlун букlана рагъухъабиги тlаде рахъинарун, тушман цеве ккелалде, гьесде гьужум гьабизе. Гьеб гуллбузул цlадалда гъоркь коммунист, командир ва багlарав партизан Айтбер Бижановас цевеги кlанцlун “Ватlаналъе гlоло! Сталиние гlоло! Жинда хадур!”, - ян буюрухъ кьуна. Гьелъ чlаголъизарурал солдатал, капитан цеве ун вукlинги бихьун, кигlан тушманасул къуват цlикlкlараб букlаниги, тlадеги кlанцlун, гьесие кlудияб заралги гьабун, бергьенлъи босула. Амма гьеб рагъулъ, автоматалъул гулбузул цlадалъ ворлълъарав Айтбер ракьалде щапула. Гьедин гlагараб Кавказги Дагъистанги тушманасдаса цlунулаго, къуват бащад гьечlеб рагъулъ бахlарчиго хвана Советияб Армиялъул капитан Айтбер Бижанов. Гьев жиндир цо подразделениялъул командирлъун вукlараб 214 аб. полкалъул солдатаз ва командираз фашистазул гьужумги гьоркьоб къотlизабун, гьел нахъе къазе тlамуна. Бищунго аслияб жо - гьелдалъун рес щвана ками ккечlого, 3375 м борхалъи бугеб Бечо абулеб перевалги бахинабун, 1500 чи хвасар гьавизе, гьездасан 230 лъимерги … “ Кабардино-Балкариялъул Баксан шагьаралда бугеб № 3 школа-интернаталда аскlоб буго гьеб къоялъ Кавказ цlунулаго рухl кьурал бахlарзазе бараб памятник. Мармалъул хъорщода бищун цебе хъван буго нижер машгьурав росуцоясул цlарги.

Просмотров: 91 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Апрель 2022 сон.

Гьаб буго хурухъанлъиялда, ахихъанлъиялда, гIи-боцIухъанлъиялда тIад бан хIалтIи унеб заман. МугIруздагин гIатIиракьазда байбихьун буго ихдалил рекьуде, ахакь гъутIби рохьун, тIамах-кIачар бухIун рацIцIаракъалъиялъулал хIалтIаби гьарулел руго. МагIишатаз баччулеб буго хурзабахъе рак, магIданиял беэнлъаби. ГIи-боцIухъабаз бакIарулеб буго жидерго бачIин-кьагIи, бачал. Щиб ахIвал-хIалалда ругел гьел хIалтIаби росдал магIишаталъул СПКяздаги ОТФяздагияли лъазелъун жакъа ниж дандчIвана райадминистрациялъул росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулесул заместитель ГIумаров ХIусен ГIалилмухIамадовичгун. Гьес нижее бицана гьадин:

- Х у р у х ъ а б а з д а г и н ахихъабазда лъала хурулгун ахил цIикIкIараб бачIин щвезе ккани, тIадчIараб захIмат, жигараб къеркьей, агротехникияб хъулухъ хIажалъулеблъи. Гьебги бичIчIун районалъул гIемерисел магIишатал хасалил моцIаздасанго байбихьун лъугьана ихдалиде хIадурлъизе. КъачIана техника, хьонал, раччана беэнлъаби. Гьедин хIалтIи гьабураб бакIазда хIалтIи лъикI унеб буго. Районалъул магIишатаз тIаде босун буго 4400 гектаралда цудунаб рекьи гьабизе. ГьанжелъагIан бегараб ракьул къадар бахун буго 2,500 гектаралде. Бекьизе ракIалда буго 300 гектаралда люцерна, 80 гектаралда картошка, 1700 гектаралда суданка хер, 500 гектаралда цIоросаролъ, 200 гектаралда бахчаялъулал культураби, 200 гектаралда ролъ, 500 гектаралда пиринчI, 250 гектаралда батIибатIиял культураби: багIаргьоло, тIипало, пурчIина, 90 гектаралда овощал. Рехсараб къагIидаялда рекьи гьабизе цоцо бакIазда тIубараб хIадурлъи батаниги, руго гIечIеб къагIидаялда хIалтIи гIуцIаралги. ГIаммаб къагIидаялда хьоназул хIадурлъи буго 73 проценталде гIагарун, техникаялъул хIадурлъи буго 80 проценталде бахун.

Просмотров: 80 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Ш. Абакаров. Апрель 2022 сон.

Тlагьир Хlасановасул гlумру ккола гlун бачlунеб гlелалъе мисаллъун. Гьев лъалел рукlараз бицунаан кигlан къвакlарав, цlодорав, лъай бугев ва гьайбатав гlолилав Тlагьир вукlаравали. Гьев гьавуна 1917 соналъ. Гьитlинго эбел-инсудасаги ратlалъун, вацгун цадахъ гlагарлъиялъул къайимлъиялде ккола. Гlолохъанаб советияб власталда кlочон толароан эбелэмен гьечlого хутlарал бесдалал ва гьесиеги рес кьуна цlализе ва гlумру гьабизе.

Лъикlал къиматазда росдал школаги лъугlизабун, цlализе лъугьуна Буйнакскиялда бугеб педучилищеялде. 1937 соналъ гьебги лъугlизабун, 1940 соналъул марталде щвезегlан Цlунтlа районалъул Шадли росдал школалъул директорлъун хlалтlана. Гьелдаса хадуб, Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе ахlизегlан хlалтlана Хlариколо росдал школалда учительлъун, 1940 соналъул июль моцlалда ана армиялде. Гьениб лъугlизаруна гьитlинал командиразул курсал. Кlудияб Ватlанияб рагъ байбихьана гьев Карелофинская ССРалъул Сортавала шагьаралда 184 аб. хасаб кьвагьдохъабазул батальоналъул отделениялда командирлъун вукlаго. 1943 соналъул октябралда Тlагьир Хlасановас лъугlизабуна Иваново шагьаралъул рагъулабгун политикияб училище ва лейнтенантасул цlаралда, политикияв хlалтlухъан хlисабалда гlахьаллъи гьабула Ватlан цlунун тlоритlулел рагъазулъ. Щвана “Багlараб цlва” орден, хун хадуб кьуна “Кlудияб Ватlанияб рагъул 1 даражаялъул” орденги. Гьес гlумру гьабуна унго-унгояв бихьинчиясгlадин ва хвелги бахlарчиясул щвана. Нижер школалъул цlалдохъабаз СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул архивалде битlараб запросалъе рачlарал жавабазда гlатlидго хъван буго гьесул хвелалъул хlакъалъулъ. “...Мелецкий повиталъул, раковалъул повиталъул, раковалъул воеводстваялъул гвардиялъул шагьаразе гlоло гьарурал рагъазулъ кlудияв лейнтенант, кьвагьдохъабазул батальоналъул парторг Хlасанов Тlагьир Мухlамадовичас кьвагьдохъабазул ротаялда гъорлъги вукlун, рота тушманасде тlаде гьужумалъги бачун, кумек гьабуна рагъулаб шагьар бахъизе. Гьеб операциялда живго кlудияв лейнтенант Хlасановас танказде данде хlалтlизабулеб гранатаялъ кьвагьизабуна цо станковияб пулемет ва автоматалъ гъурана 15 немцазул солдатги. Гьеб рагъулъ кlудияв лейнтенант Хlасановасе бахlарчияб хвел щвана. Рагъулаб шагьар бахъулаго кьвагьдохъабазул ротаялъе бажарун нухмалъи гьабуралъухъ ва жиндицаго бихьизабураб хlинкъи гьечlолъиялъухъ, хун хадуб гьесие кьуна “1 даражаялъул Ватlанияб рагъул орден”. Тlагьир Хlасановас вацасухъе хъварал кагътал цlалулаго, бичlчlула гьесул Ватlаналде букlараб рокьул кlодолъи. Гьел тlогьиллъарал кагътал къиматалда цlунун руго нижер школалъул музеялда. Гъоркьехун кьолел руго цо-цо гьел кагътаздаса росарал мохъал.

Просмотров: 87 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Апрель 2022 сон.

ЦIалул сон байбихьаралдаса гьеб лъугIизегIан цIалдохъабазе лъай кьеялда цадахъго гьел кинабго рахъалъ церетIураллъун куцаялъе, гьезул рухIияб дунял бечед гьабиялъе, гьезда миллияб ва жамгIияб культура, гIадатал рихьизариялъе гIемерал тадбирал тIоритIула районалъул школаздагин лъай кьеялъул гIуцIабазда. Щибаб цIалул соналъул хIасилалги гьарун тIоритIула щибаб районалъул школалъул, хадуб республикаялъул районазул рейтингалги. Гьеб кинабго хIалтIи уна районалъул лъай кьеялъул информациялъулгин методикияб централъул нухмалъиялда гъоркь. Араб соналда ва унеб соналда районалъул школазда ккарал хIасилазул бицеян нижеца гьарана районалъул информациялъулгин методикияб централъул директор МухIамадова Умагьани ХIажиевнаялда. Гьелъ нижее бицана гьадин:

-Ахиралде щолеб буго 2021-2022 цIалул сон. Гьеб цIалул соналъул хIасилал гьарилалде нилъеца ракIалде щвезарилин цебесеб соналъул хIасилалгун цадахъ цо-цо исанисел бергьенлъабиги. Абизе ккола гьел нилъер квешал рукIинчIилан. 2020-2021 цIалул соналда ТIолгороссиялъулал къецазда бергьарал цIалдохъабазул хIисаб гьабун тIобитIараб республикаялъулаб рейтингалда 38 районалда гьоркьоб нилъер район бачIун буго 5-леб бакIалде, гьебго заманалда 12 районалда цониги бергьенлъи щварав яги призер гьечIеб мехалда. ТIолгороссиялъулаб къецалда нилъер бергьун вуго чанго цIалдохъан, цо лъималазул ах ва призераллъун рахъун руго лъабгоял. Рехсезе мустахIикъаллъун рукIина гьезул цIаралги. ГIобода гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан ХIабибов Зиявудин МухIамадович гIахьаллъана «Большие вызовы» абураб ТIолгороссиялъулаб гIелмиябгин технологиялъулаб проекталда. Гьениб жиндирго махщел ва гьунар бихьизабун Зиявудин мустахIикълъана тIоцебесеб бакIалъе. Гьебго ТIолгороссиялъулаб «Живая классика» конкурсалда прозаикияб асар бицине жиндирго артистасулаб махщел ва гьунар, тIехьалде бугеб рокьи бихьизабун тIоцебесеб бакI щвана ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул 7-леб классалъул цIалдохъан ХIамзатов ГIалибег Айтберовичасеги. «Детский сад года» ТIолгороссиялъулаб рагьараб халгьаби-конкурсалда тIоцебесеб бакI босана ГIобода росдал «Ромашка» лъималазул ахалъги. ТIолгороссиялъулаб сочинениязул конкурсалда МочIохъ гьоркьохъеб школалъул 4 классалъул цIалдохъан НурмухIамадова Саида ХIажимурадовнаялъ босана кIиабилеб бакI, ГIобода гьоркьохъеб школалъул анцIабилеб классалъул цIалдохъан МухIамадова Марьям ХIажимурадовнаялъе щвана лъабабилеб бакI. ГIахьалчIи гьоркьохъеб школалъул цIалдохъаби: МухIамадова Маржанат ХIамзатовна ва Макъсудов ХIажимухIамад МухIамадович хIинкъи гьечIеб гIумру гьабиялъул кьучIал (ОБЖ) конкурсалда рахъана призераллъун. Республикаялъулал конкурсаздаги нилъерал нахъе къан чIечIо. Мисалалъе росани, «История Дагестана» предметазул олимпиадаялда Дагъистаналъул тарих, гIадамазул гIумру ва гIадатал лъикI лъалел рукIин бихьизабуна Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул 9 классалъул цIалдохъан ГьитIинова ПатIимат АхIмадовнаялъ. Гьей яхъана олимпиадаялъул призерлъун.

Просмотров: 98 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Апрель 2022 сон.

14 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана райсобраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, росабазул бегавулзабаз, райадминистрациялъул хlалтlухъабаз ва цогидазги. Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гlаммаб къагlидаялда сессиялда гьоркьоб лъун букlана 8 суал.

Гьездасан аслияллъун рукlана “Хунзахъ район” МРалъул 2022 сонил бюджеталда хиса-басиял ва тlадежураял гьариялъул хlакъалъулъ, Россиялъул Хунзахъ ОМВДялъул начальникасул 2021 соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисаб кьей, Районалъул халгьабиялъулгун хlисабалъулаб комиссиялъул (КСК) председателасул 2021 соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисаб кьей. Тlоцебесеб суалалда хурхун кlалъазе вахъана финансовияб отделалъул начальник Хlайдар Хlайдарбегов. Гьес бицана районалъул исанасеб бюджеталда гьарун ругел хиса-басиязул. Гьедин, Хунзахъ лъим бацlцlад гьарулел сооружениязе биччан буго 3,360 млн гъурущ. Бакьагьечlибе лъим бачине биччан буго 6 млн цlикlкlун гъурущ, Гlочlло школалда капиталияб ремонт гьабизе 6,6 млн гъ. Гьединго республикаялъул Бетlерасул тlадкъаялдалъун, улкаялъул экономикаялда лъугьун бугеб хlалуцараб ахlвал-хlалги хlисабалде босун киналго районаз цlикlкlинабизе кколеб буго резервалъулал фондазда бугеб гlарцул къадар. Гьедин бюджеталъул цогидал статьябаздасаги бахъун, нилъер районалъул фондалде тlадеги 8,4 млн гъурущ рехизе кколеб бугиланги бицана гьес. Гьелдалъун лъайкьеялъул учреждениязда санайил риидалил заманалда гьарулел ремонталъулал хlалтlаби исана нахъе рахъизе кколел руго. Араб соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ бицана РОВДялъул начальник Мухlамадхlажи Сайбулаевас. Гьесул рагlабазда рекъон 2021 соналъ районалда хъвай-хъвагlай гьабун буго 42 такъсиралъул. Гьел ккун руго 13 росулъ. Гъоркьисала цlакъго цlикlкlун руго Интернеталдасан гlадамал махсароде кквеялъул хlужаби. Гьеб рахъалда хурхун цlакъ цlодорлъи гьабизе ахlана гьес киналго. Гьабсагlаталда ругел баяназда рекъон районалдаса 9 чияс гlахьаллъи гьабулеб бугила Сириялда унеб рагъулъ, гьездасан 8 кьун вуго халкъазда гьоркьосеб розыскалде.

Просмотров: 83 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.09.2022 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz