Суббота, 20.04.2024, 05:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 16 » БАРКАЛА, КlУДАДА, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУХЪ
15:39
БАРКАЛА, КlУДАДА, БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУХЪ

Исана 77 аб. нухалдаги тlолабго дунялалда кlодо гьабуна гитлерилаб Германиялда тlад бергьенлъи босараб къо - 9 май. Лъиего балъголъи гуро гьеб Кlудияб Бергьенлъиялъулъ аслияб бутlа нилъер улкаялъул букlин ва Россиялда гьеб ккола хlакъикъаталдаги мукъаддисаб байрам. Кидаго гlадин исанаги нилъер районалда гlатlидго кlодо гьабуна 9 май.

Байрам тlаде щвелалде цересел къояздаго субботникал тlоритlун, баннерал ран, рагъул гlахьалчагlазе рарал памятниказда сверун бакlа-бахари гьабун, къачlа-кlатlан, хlадурун букlана тlолабго район ва хасго райцентр. Байрамалъул къоялъ радалго Хунзахъ райадминистрациялда цебе батlи-батlиял школаздаса цlалдохъабигун учительзаби ва росабалъа гlадамалги данделъун байбихьана “Хвел гьечlеб полк” гlуцlизе. Гьедин рагъда гlахьаллъи гьабурал жидерго умумузул сураталгун, байрахъалгун райцентралъул аслияб къотlносан киналго гочана Кlудияб Ватlанияб рагъул гlахьалчагlазе бараб памятникалде аскlоре. Гьениб районцоязда байрамги баркун кlалъаял гьаруна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, Хунзахъ бугеб рагъулаб часталъул начальник, полковник Илья Ермолаевас, районалъул рагъулав комиссар Шамил СагIадулаевас ва цогидазги. Митингалдаса хадуб киналго къо къана Бергьенлъиялъул къоялде гlуцlараб районалъул росабазул командабазда гьоркьосеб волейболалъул турниралъул финалияб хlаялъухъ балагьизе Р. Хlамзатовасул цlаралда бугеб спортивияб комплексалде. Кlиго къоялъ халат рахъарал хlалуцарал хlаязул хlасилалда данде ккарал командабиги къезарун финалияб хlаялде рачlун рукlана Хунзахъ ва Гьамущи росабазул командаби. Гlезегlан захlматаб ва хlалуцараб хlаялъул хlасилалда 3-1 хlисабгун дандиязда тlад бергьенлъиги босун, чемпионлъун бахъана райцентралъул команда. Лъабабилеб бакl ккуна Тlануси росдал волейболистаз. Бергьараб ва призалъулал бакlал ккурал командабазе кьуна кубок, медалал, грамотаби ва гlарцулал сайгъатал. Гьединго 8-9 маялда тlобитlана эркенаб гугариялъул рахъалъ 2004 соналъ гьарурал ва жеги гlисинал гlолилазда гьоркьоб районалъул первенствоги. Призалъулал бакlал ккурал гугарухъабазе кьуна грамотабиги гlарцулал сайгъаталги. Гьебго къоялъ районалда тlобитlана “Георгиевская ленточка” акцияги. Гьелда районалъул волонтераз р а й а д м и н и с т р а ц и я л ъ у л хlалтlухъабазе ва халкъалъе рикьана азаргогlан ленточка. Митингалдаса хадуб гlадатлъун лъугьахъе “Гlалагlарт” майданалда тlоритlана чуял риччаялъул тадбир. Исана къецазда гlахьаллъи гьабуна 28 чуялъ. Гlаммаб къагlидаялъ чуял риччана 2, 3, 5 ва 7 сверабазда. 7 сверуда бергьана Гlахьалчlиса Мухlамадов Хlайбулагьил чу, 5 сверуда тlоцеве финишалде вачlана Гумбет районалъул Килалъ росулъа чот1ахъан, 3 сверуда бергьенлъи босана Болъихъ районалъул Муни росдал цlаралда биччалеб букlараб Тlанусиса Мухlамадов Мухlамадил чуялъ. Юргъадул тайпабазул чуязда гьоркьоб кlиго сверуда бергьенлъи босана Унсоколо районалъул Рихьуни росулъа чотIахъанас. Гьединго Хунзахъ росдал гlолилазул чотlахъабазда гъорлъ тlоцебесеб бакl босана Муъминов Шамилил чуялъ. Бергьаразе кьуна гlарцулал сайгъатал ва горбода рана ролъул горал. Районцоязда байрам баркизе рачlаразул кьералъ рукlана рукlана ДРялъул Спорталъулгун физкультураялъул министр Сажид Сажидов, нилъер ракьцоял, федералияб казначействоялъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Гlабдулпатахl Гlамирханов, Пенсиязул фондалъул республикаялъул отделениялъул нухмалъулев Мухlамад Гlисаев, ТФОМСалъул нухмалъулев Ахlмад Гьудов ва цогидалги.

И. МУХIАМАДОВ

Просмотров: 84 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz